Дагъистаналъул бизнесчагIазул ихтиярал цIунулеб цIияб идара хIалтIизе лъугьана республикаялда гьал къоязда. Гьелъул кIудияб квербакъи букIине бугин даранчагIазул хIалтIулъ дандчIвалел батIи-батIиял захIмалъаби лъугIизариялъеян рикIкIунеб буго республикаялъул тIалъиялъ. Амма кIвезе бугищха гьелда хIакъикъаталдаги цебечIараб масъала борхизе?
Дагъистаналда дагьав цевегIан чIварав республикаялъул ТIадегIанаб диванханаялъул хIалтIухъан МухIамад МухIамадов чIваялда сверухъ бахIсал унел руго социалияб сеталда жанир.
ТIоцебесеб февралалдаса байбихьун МахIачхъалаялда жаниб хIалтIулеб маршруталъул таксиялъул багьа хиралъизе букIиналъул хабар къватIибе загьирлъана гьал къоязда республикаялда.
Дагъистаналде нахъойги рехизе руго аскарал. Шималияб Кавказалда гьоркьоб бищунго хIалуцараб ахIвал- хIал бугеб регион хIисабалда гьенире Мордовия республикаялъул низам цIунулезул хасаб къукъа битIизе букIиналъул хабар къватIибе кьуна итни къоялъ Россиялъул информ. алатаз. Гьез хисизе руго цереккун 6 моцIалъ гьенир хъулухъ гьабулел рукIарал жидерго гьалмагъзаби.
ТIоцебесеб январалдаса байбихьун цIикIкIинабун букIана Каспийск-МахIачхъала маршруталда рекIадухъ босулеб гIарцул багьа, амма хамиз къоялъ шагьаралъул нухмалъиялъ лъазабуна багьа бахинабиялъе гIурал хIужаби рукIинчIин автомобиль бачунезулилан.
Хасавюрталъул полициялъ арбагI къоялъ къватIире риччана араб соналъул ахиралдаго цIияб соналъул байрам кIодо гьабугеян абурал тIамчал рикьулел рукIарал гIолохъабазул чанго чи. Гьелдаго релълъараб хIужа ккун букIана дагьаб цебегIан мугIрузул мухъалда бугеб цо росулъги.
Гъизилюрталъул диванханаялда гьал къоязда байбихьизе руго МухIамадова Марьямил ишалда тIасан гIенеккиял. 2010 соналда гьей цо метралъул гъварилъи бугеб гвандиний юкъун ятун йикIана жинда тIад ретIун букIараб ретIелгун. Марьямил эбелалъул ихтиярал цIунулей адвокаталъ абулеб буго гьеб ишалъул цIех-рех гьабулеб букIараб куцалде балагьун, такъсир гьабурал чагIи тамихIалде цIазе рукIиналда жиндир щаклъи бугин Дагъистаналда ахираб заманалда цIикIкIунел ругониги гьеб тайпаялъула чIвай-хъвеял дивнаханалъул хал гьабиязде щолел гьечIолъи загьир гьабулеб буго цогидал адвокатаз.
Демографиялъулаб ахIвал-хIал лъикIлъизабиялъул мурадалда гьаб соналдаса байбихьун Россиялда хIалтIизе лъугьана цIияб къанун. Гьелда рекъон лъабабилебги лъимер гьабун хадуб хъизамалъе щибаб моцIалъ кьезе буго 6 азаралда хадуб гъурущ гIарац. Амма лъимал гьариялъул рахъалъ нахъеккарал регионазда гурони кьезе гьечIин гьеб гIарацилан абулеб буго рехсараб баяналда.
ЦIияб соналдаса байбихьун щуго гъурщица хиралъана Каспийск-МахIачхъала маршруталда рекIадухъ босулеб гIарац, ахирисеб нухалда гьеб хисизабун букIана лъабго соналъ цебе. Автомобиль бачунез гьелъие гIилла баян гьабулаго абулеб буго щибаб моцIалъ жидехъа бакIарулеб транспорталъул магъалоги цIикIкIинабун букIин.
Россиялъул тарихчагIаз ахIи бахъинабулеб буго мактабазда тарихалъул дарсал кьеялда жанир загьирлъун ругел гIунгутIаби лъугIизаризе ккеялъул. Ахираб къого соналда жаниб къватIире риччарал тIахьазда ругел мекъал баяназ жакъасеб гIелалъул гIакълу хисизабун букIиналда разилъулел руго Дагъистаналдаса тарихчагIиги.
Рузман сордоялъ Дагъистаналъул Каспийск шагьаралда дагIба-рагIиялъул хIасилалда лъукъун вуго 4 гIолилав, такъсир гьабурал чагIи щал рукIаралали жеги лъалеб гьечIо лъиданиги. Гьезул гIумруялъе гьабсагIат хIинкъи гьечIилан абулеб буго тохтурзабаз. Гьединго Дагъистаналда нахъойги цIикIкIунел руго газалъ гъанкъун хварал гIадамазул къадарги. Регионалда нахъойги актуалияблъун хутIулеб буго сахлъи цIуниялъул хIалтIухъабаз унтараздехун биччалеб тIаса-масаяб бербалагьиялъул суалги.
Араб хасалихъе чвахунцIадалъ зарал гьабурал Дагъистаналъул Дербент шагьаралда гIумру гьабун ругезул нахъойги руго гIарзал рукъзабахъе лъим кIанцIулеб бугилан.
Дагъистаналъул тахшагьаралда къуваталъул идарабаз тIоритIарал хасал операциязул хIасилалда чIван вуго анкьго такъсирчи. Гьел кколин Гъизилюрт мухъалъул изну гьечIого яргъид гIуцIаразул къукъаялъул нухмалъулевги ва гьесул къайицадахъалгиян лъазабуна жанисел ишазул идараялъ. Гьединго республикаялда халат рахъунел руго цIияб соналъул байрам кIодо гьабиялда хурхун унел бахIсалги.
2013 соналде Дагъистаналъул бюджет къабул гьабуна арбагI къоялъ республикаялъул Халкъияб Мажлисалъ тIобитIараб иргадулаб сессиялда. Гьелъул къадар букIине буго 70 млрд. гъурущ. Гьелъул аслияб бутIа - 50 млрд гъурущ ккола федералияб бюджеталдаса гьединго трансфераталъул кумекалдалъун бачIараб гIарац, хутIараб кколин магъалабаниги цогидабги бакIалдаса бачIарабниги гIарацилан бицана гьеб данделъиялда финансазул рахъалъ министерлъиялъул нухмалъулев ХIамидов ГIабдусамадица.
МахIачхъалаялдаса врач Гунашев Марат тIасияб соналъ лъагIанги цIех-рехалъулаб изоляторалъув тезе хIукму гьабун буго МахIачахъалаялъул Ленин мухъалъул диванханаялъ. Гьелда разилъичIого гьес гIарза хъван букIун буго Дагъистаналъул ТIадегIанаб диванханаялде. Гьелъул халгьаби букIине кколаан араб рузман къоялъ. Амма гьеб талат къоялде нахъе бахъун бугилан бицун букIана информ.алатазе Гунашевасул адвокат МухIамадов Заурица.
ГIагарал къояз республикаялъул эхедегIанисел мухъазда гIанси тIун бачIиналъул хIинкъи букIиналда бан цIодорлъи гьабеян лъазабулеб буго ГIорхъолъа рорчIарал ахIвал-хIалазул рахъалъ дагъистаналда бугеб бутIаялъ. Гьеб идарялъул пресс-хъулухъалъ информациялъул алатазе кьурал баяназда хъвалеб буго гIансиялъ аслияб куцалда зарал гьабизе бугин автомобилал хьвадулел шагьранухазеги, токалъул ва бухьеналъул кварал рачарал мухъазеги гьединго туристал хъештIолеб хIухьбахъулел зонабазеги.
ГIодоркъоязда цересел къояз чанго криминалияб лъугьа-бахъин ккана Дагъистаналда.
Хамиз къоялъ Россиялъул Президент Владимир Путиница тIобитIана улкаялъул батIи-батIиял мухъаздаса информациялъул вакилзабазул суалазе жавабал кьураб пресс-конференция. Нижехъе щварал баяназда рекъон гьеб данделъиялда гIахьаллъи гьабун буго батIи-батIиял регионалиял прессаялдаса вакил гьарурал 1000 -саги цIикIкIарав Россиялъулги гьединго 200 къватIиса хIукуматалдаса рачIаралги журналистаз.
Кавказалда халат рахъунел ругел рагъулал тунка-гIусиязе ахир лъезе кIолин гIицIго ритIухъаб къануналда рекъон хIалтIи гьабулеб бугониян абураб пикру загьир гьабулеб буго Дагъистаналъул нухмалъиялъул рахъалдаса. Инсанасул ихтиярал цIунулезги гьелъул рахъкколеб буго, амма Дагъистаналъул цо-цо мухъазда гIумру гьабун ругел, гIадатияб халкъалъул пикру загьир гьабулезги гьединго халкъияб информациялъул алатазул вакилзабазги абулеб буго дагъистаналда къанун хIалтIизе гьечIилан.
Гьанжеялдаса хадуб халкъиял информалатаз такъсирчиясул хIакъалъулъ хъвалеб баяналда гьесул миллат бихьизабизе гьукъулеб къанун хIадур гьабизе ккеялъул хал гьабизе буго кватIичIого Россиялъул парламенталъ. Москва шагьаралъул мажлисалъул депутат Платонов Владимирида ракIалда буго гьеб суал Пачалихъияб Думаялъул депутатазда цебе лъезе.
Загрузить еще