Щалали лъазе кIвечIел чагIаз рокъоре жаниреги рачIун хъизамалъул лъабго чи чIван вуго МахIачхъалаялда. ЦIияб Тарки росулъ газалъул мухъ кьвагьиялъул хIасилалда хун руго санаде рахинчIел кIиго лъимер.
Ресупбликаялъул чанго мухъалда аза-азар чи чанго къоялъ хутIун вукIана канлъиги гьечIо.
Рузман сордоялъ МахIачхъалаялъул Шамилил цIар лъураб къотIноб гIумру гьабун рукIарал рос-лъади Къурбановал ва гьезул васги чIван хадур тIоцере тIадеккун руго гьезул гIагарал чагIи. Ахирисез бицунелда рекъон чанго къоялъ гьезухъе ахIун унеб букIун гьечIо.
Жанисел ишазул идараялъ бицухъе чIваразул цояв цевеги къуваталъул идарабзда хIалтIулев вукIун вуго, гьев гьениса нахъе аралдаса бащдаб лъагIелниги ун букIун буго. ЦIех-рехчагIаз уголовнияб кодексалъул 105 статьялъул чанго пункталда рекъон уголовнияб иш рагьун буго, такъсирчагIи кквезе щун гьечIо.
Декабралъул 21-абилеб къоялъ МахIачхъалаялда аскIоб бугеб ЦIияб Тарки абулеб бакIалда кIиготIалаялъулаб минаялъуб газ унеб мухъалда ккараб кьвагьиялъул хIасилалда лъукъун вуго 4 чи.
Дагьал хадусан щварал баяназдасан лъана лъукъаразул кIигоял къадаралде щвараллъи. Лъабго сон барав вас кьвагьи ккараб бакIалдаго хун вуго кIиабилев щуго сон барав вас ахарханаялъул реанимацияллда щун вуго къадаралде
ЦIех-рехчагIаз бицунелда рекъон кьвагьи кккеялъе гIиллалъун букIине бегьула газ кьолеб идараялъул изнуги гьечIого рокъобе газ бачиналъул хIалIти жалго хважаинзабаз тIаса-масаго гьабун букIин.
Дагъистаналда ахираб заманалда гIемерал кколел руго газ сабаблъун гIадамал гIумруялдаса ратIалъиялъул хIужаби. Аслияб куцалда гьел хурхарал ругин жалго гIадамазул кIвар гьечIолъиялдаян бицана Эркенлъи Радиоялъе Каспийскалдаса Исрапилов Бадрудиница. Шагьаралъул рукъзабахъе газ кьолеб идараялъул мухъилав хIалтIухъан ккола гьев:
Бадрудинов Исрапил: «ХIалтIулеб заманалда жаниб дида бихьана гIемерисел гIадамазул тIаса-масаяб бербалагьи букIин газалдехун, гьез пикру гьабулеб гьечIо гьеб цIакъго хIинкъи цIикIкIараб иш букIиналде. 100-ялда гьоркьоса гIадамазул 20 проценталъцин хал гьабулеб гьечIо газ унеб мухъалда щибниги зиян ккун бугищали, анкьида жаниб кIиго-лъабго нухалдагIаги гьез чара гьечIого хал гьабизе ккола жалго ругеб квартираялъусан газ унеб мухъалда щибниги къварилъи бугищали.
ГIунгутIаби абуни гьел гурел цогидалги руго. Мисалъе рехселин. ГIемерисел гIадамаз газалъул къали лъун букIуна жалго чвердолел хIамамалъур, гьел гьенир лъезейин абуни бегьизего бегьуларо. Бицинин щаяли.
Чангиязе бокьула черхалъул свак бахъизелъун бухIараб лъелъ регун чIезе. Гьебго заманалда жаниб абуни бухIи цIикIкIиндал газалъул къали цабуццуна ва гьениса къватIибе газ бачIинчIого букIунаро ва гьелъ бетIер гIатIхазе гьабула.
Киназдаго ккола гьеб бухIараб лъедасан бугеб хIухьлаца гьабулеб жойилан , хIакъикъаталдайин абуни гьеб буго газалъ гьабулеб иш, гьелъул хIасилалда абуни рес буго чи хвезеги. Араб соналъ цохIо Каспийскалда ккана гьединаб 30 хIужа, гьезул бащадалъул хIасил цIакъго пашманаб ккана - 15 чи гъанкъун хвана. Гьебги цогидал шагьарал малъичIого».
Рузман къоялдаса байбихьун Дагъистаналъул чанго мухъалда гьединго шагьаралда ругел гIадамал хутIун рукIана токги гьечIого. Гьедин мисалалъе Каспийск шагьаралда гIумру гьабун ругезул гIарз букIана шагьаралда чанго къо бугин токги гьечIогийилан.
Гьединабго ахIвал-хIал бугин Бабаюрт, Хасвюрт, Гъизляр ва Тарумовка мухъалдагиян хъвалеб букIана информалатаз. Дандекъан гьел киналго мухъазда гIумру гьабун ругел 18 азаргоялдасаги цIикIкIун чи хIутIун вуго канлъи гьечIого. ГIорхъолъа рорчIарал ахIвал-хIалазул рахъалъ Дагъистаналда бугеб бетIераб идараялъ гьелъие гIиллалъун рехсолеб буго республикаялда гьава-бакъалъул шартIазда жанир ккарал хиса-басиял.
ГьатIан къоялъ радалиса тIадехун рехсарал мухъазул кIигоялъубе Хасавюрт ва Тарумовка мухъалде киса-кибего ток кьунилан бицана Эркенлъи Радиоялъе тIадехун рехсараб министерлъиялъ ва тIаде жубана хутIараб кIиябго мухъалде къаси сагIат микьгоялда ток биччаялъул хIалтIаби рагIалде рахъине ругилан.
Гьава бакъалда хадуб хал кколеб идараялъ лъазабулеб буго гIодоркъояз Дагъистаналда нахъойги цIадгун жубараб гIазу базе бугилан. Гьелда бан гIорхъолъа рорчIарал ахIвал-хIалазул рахъалъ Дагъистаналда бугеб бутIаялъ лъазабулеб буго гIадамазда нухазда цIер къараб температура букIине бугелъул рикIкIадал сапаразде къватIире рахъинчIого чIайин гьел къоязда.