ТIабигIат цIуниялъул рахъалъ министерлъиялъул нухмалъулевлъун вукIарав МухIамадов Баширица гьанжеялдаса хадур цIунизе руго республикаялъул тIолалго бизнесчагIазул ихтиярал.
Гьединаб хъулухъ хIажат букIиналъул къанун къабул гьабун букIана Дагъистаналъул Халкъияб Мажлисалъул депутатаз араб соналъул ахиралда тIобитIараб иргадулаб сессиялда. Халкъалъул вакилзабазул рагIабазда рекъон гьелъ рес кьезе буго даранчагIазул жидерго хIаракатчилъиялда жанир дандчIвалел гIунгутIаби лъугIизариялъе ва цогидалги суалал тIуразегиян абулеб бугоан рехсараб баяналда.
ДаранчагIазул хIалтIулъ камулел гьечIин гьезда жидехъаго тIуран бажаруларел суалал, хасго гьел хурхарал hугин ришватчилъиялда ва бюрократияб тIадецуй цIикIкIараб мехалъ, гьединлъидал гьезул ихтиярал цIунулеб идара цебего хIажат букIанилан ркIкIунеб буго Дагъистаналъул нухмалъулесда цебе бугеб ихтияразул рахъалъ бутIаялъул нухмалъулев Генжиханов МустIапацаги.
Амма жалго даранчагIаз бицунелъухъ гIенеккидал гьезул цо кIудиябго разилъи бихьулеб гьечIоан цIияб хъулухъалдаса. Къогониги сон бугин жидир дармида жаниб амма цониги нухалъ гьезул кумекалде ккечIин дунилан абуна «Эрекенлъи» радиоялъе, МахIачхъалаялда бугеб, ЦIумадисезул абун машгьурлъараб цадахъго кванил нигIматал ричулеб базаралда хIалтIулев вугев Шамил мухъалдаса ГIалимухIамадов Шагьидас. Щибниги къоги бихьичIого жидерго чвантинибе хIарамаб гIарац бакIарулел чагIи ругин гьелан абуна гьес бачIинахъего.
ГIалимухIамадов Шагьидав: «Цере рукIарал чагIиги гуро гьел, гьез тIубалеб къаригIел дудаго кIола бигьаго тIубазе. Гьезухъа щибниги кумек щоларо дуе, гьа щибха гьезда кIолеб, къватIибе биччан заман араб, конеб нигIмат дуе бичараб къайиялда гьоркьобе ккун бугони гьеб проблема дудад тIаса гьез борхуларо. Дида лъалароха тIокIаб гьездаса шолеб кумек, хъванго батугеги гьезда аскIове ккезе, дурго ботIрол унти дудаго гIадин сах гьабизе лъихъаниги бажаруларо».
Амма МахIачхъалаялдаса ТIалхIатов ИсмагIилицани абуна жиндего щвечIониги, цогидал, гьанжего гьанже даран базаралда жидерго гIумру бухьинабулел чагIазе гьездаса гIарцудалъун бугониги, цогидаб тайпаялъул бугониги кумекалъулаб квер шванилан рагIанин жинда. Ралел бакIазул материал бичулеб кIудияб тукадул хважаин ккола гьев. Амма ИсмагIилица ахиралда абуна гьезда аскIове ине ккечIого захIмалъаби жиндирго хIаракаталдалъун тIуразе хIаракат бахъулин жинцайилан.
ТIалхIатов ИсмагIил: «Байбихьуда жидер щибниги кодолъи гьечIел чагIазецин гьезул кIудияб кумек щванилан рагIанаха дида. Лъаларо дунго цониги нухалъ гьезухъе ккарав чи гуро."
Э . Р. ГIемерисеб нухалда нужерго захIмалъаби лъугIизаризе нужго кколел ратилаха рекерахъдизе ИсмагIил?
ТIалхIатов ИсмагIил: «Узухъада ккола, дицаго тIалал гIемерисеб нухалх къваригIел, чIанда буго гьеб гьез тIубалилан абураб, божуларо.
ЖамгIияв хIаракатчи ГIисалмухIамад Набиевасги абулеб буго щибниги пайда гьединаб хъулухъалдаса букIинилан жинда кколарилан. Сундуейин къваригIарал жиб-жиб магIишаталъул бутIаялда ихтиярал цIунуел вакилзаби. Гьедин батани рачIайинха, тохтурзабазулги юритсазул экономистазулги, киназулго мурадал цIунулел чагIи тезе."
Дагъистаналда чIахIиял бизнесчагIазул гIумруялъе хIинкъи кьурал хитIабал тIад хъварал флешкаби тIиритIизарулел рукIиналъул хабар цебегоялдаса нахъе буго республикаялда. Пуланаб счеталде гьадигIанасеб къадар гIарцул кьечIони мунги хъизанги чIазе вугилан абураб тайпаялъул кIалъай буго гьелъул аслияб магIна. ДаранчаIазул ихтиярал цIунизеян гIуцIараб цIияб хъулухъалда цебе чIараб аслияб масъала гьеб бугинха тIоцебесеб иргаялдаян абулеб бугоан нижергун гара-чIвари гьабуразги, амма гIиси-бикъинал тIалабалцин тIуран бажарулареб мехалда гьединаб цо гуреб, чанго чиясул гIмруялда хурхараб суал роцIцIинабун кининха гьезухъа бажарилеб?