Каспийскалда гIумру гьабун ругезул цIикIкIарасеб къадар щибаб къоялъ хьвадизе ккола МахIачхъалаялде: цоял хIалтIуде, цоял цIалуде. Гьедин гьенире нахъе рекIине цохIо бугеб транспорт букIиналъ 30 гъурщиде баханиги тIокIаб рес гьечIин жидеран ругоан гьезул гIемерисел. Советияб заманалдасаго нахъе гIадамал раччун хьвадулел чIахIиял автобусал тIокIал хIалтIулел гьечIелдаса исана лъабабилеб сон ккола.
РекIадухъ гIарац цIикIкIине гьабуни гьелъие гIайибиял чагIилъун цохIо ниж рихьулин гIадамазда, амма гьеб битIун гьечIилан бицана «Эркенлъи» радиоялъе Каспийскалде нахъе гIадамал рачун хьвадулев ГIабдулмутIалибица.
ГIабдулмутIалибов ГIабдулмутIалиб: «1200-1300-де букIараб моцIрое кьолеб транспорталъул магъало январалдаса байбихьун кIиазаргоялде бахинабуна. Гьеб букIаралъуб тун букIарабани нижедаги рекIадухъ кьолеб гIарац цIикIкIинабизе ракIалда букIинчIо, амма нижехъа босулебги гIарац цIикIкIинабидал рекIадухъ багьа бахинабичIого нижерги рес букIинчIо»
Автомобиль бачунезул махщалил цолъиялъул нухмалъулев ГIисал МухIамад Набиевасги ритIухъ гьабуна рекIадухъ босулеб гIарац эхеде бахиналъе гIайиб шоферзабазда гьечIеблъи. Автомобилал чIолеб бакIалда хадуб хал кколеб идараялъе кьезе кколин гьез гIемераб гIарац, ахираб заманалда Каспийск-МахIачхъала маршруталъул хIалтIи гьабулеб Каспий-транс абулеб идара хутIун букIанин цохIо гьеб хира гьабичIеб гьанже гьезги гьабун бугинха гьеб цIикIкIине.
ГIисал МухIамадица рикIкIунеб лъабго соналъ цебеги ахирисеб нухалъ Каспийск-МахIачхъала маршруталъухъ багьа эхеде бахинабуралдаса гIарцул къимат лъабго нухалданиги хванин гьединлъидал гьанже 5 гъурщица тIаде бахъинабуниги лъабго соналъ цебе букIараб 25 гъурущ – гьебго багьа хутIанин гьанжегиян абизе бегьулин, жиндирго пикру гьадинан баян гьабуна гьес нижер пограммаялъе.
Набиев ГIисалмухIамад: « Гьанже хIисаб гьабеха гьеб лъабабго соналда жаниб гьез рокъобе хъизамалъе кваназе босулеб чадихъ ва цогидалги нигIматазухъги, рукъалъухъ ва коммуналиял хъулухъазухъги кьолеб гIарцул къадарги цIикIкIунеб букIаралъулха. Гьанже гъоб мехалъ букIараб 25 гъурущги гьанже букIарабги дандеккунани гьелъул цо кIудияб батIалъиго бихьуларо дида. Амма гьези цо чи рикIкIун бакIарулеб 30 гъурщидасан кинаб хайир щолебали дида битIараб бицани лъаларо гьелъул хIисаб гьабун букIинчIо дица».
ЦохIого Каспийск-МахIачхъала маршруталда гуребги МахIачхъалаялда жанибги рекIадухъ босулеб гIарац цIикIкIине букIиналъул баян къватIибе кьун букIана информациялъул алатаз. Гьединан ккечIого хутIизе рес букIинчIилан абуна гьелда тIасанги ГIисалмухIамадица. Щайгурелъул транспорталъулаб монополиялда хадуб халкквей гьечIолъиялъ цо бакIалда эхеде рахани рекIадухъ багьа республикаялда цогидал бакIаздаги хиралъичIого хутIуларин. БатIияб рагIи бугин монополияги лъугIизабун тарнспорталда конкурнеция унеб бугонани. Мисалалъе гьес бачана Дагъистаналъул Авиалинии компания лицензиялдаса махIрумги гьабун хадуб Россиялдаса хасаб бетIергьанлъиялъулал компаниязул аэропланал роржине байбихьаралдаса гьаваялдаса роржаралъухъ босулеб багьаги кIиго бутIаялъцин учузлъараб куц.
Набиев ГIисалмухIамад: « Щай гьедин ккараб, монополиялдасаги батIаги гьабун конкуренциялъ жиндирго хIалтIи гьабизе байбихьидал. Гьединабго конкуренция дагъистаналъул шагьаразда жаниб гIадамал раччулеб транспорталда жанибги букIарабани батIайиса букIинаанха иш».
КватIичIого Каспийскалдаса МахIачхъалаялде троллейбусал хьвадизе рукIиналъул хабарги буго кIиго соналъ цебего бицунеб. Гьанжеялде Капийскалде унеб шагьранухалъул бащадаладе щвезегIан хIадурун буго троллейбус хьвадулеб мухъ. ХутIарал хIалтIабиги унел ругилан абулеб буго. Ахир-къадги троллейбус хьвадизе байбихьидал рекIадухъ унеб гIарац дагьлъизе букIиналде хьул буго гIемерисезул.