Лъимал гьарун хадуб кьолеб гIарцуца демографиялъулаб ахIвал-хIалалъе асар гьабун бажарулеблъи бихьанин Россиялдайилан хъвалеб буго «Кавказская Политика» сайталъ кьураб баяналда. Гьедин 2007 соналдаса байбихьун кIиабилеб лъимер гьабураб хъизамалъе 250 азарго гъурущ кьезе байбихьаралдаса гIемерисел гIолохъанал хъизамаз хIаракат бахъанин тIоцебесеб лъимер гьабун хадуб гьоркьоб гIемераб заман ун гьечIониги гIолохъанго рукIаго эбелалъул капиталалъухъ щолеб гIарцудасан пайда босизеян тIаде жубалеб буго гьениб. Гьаб соналдаса байбихьун гьелъул къадар 407 азарго гъурущ букIине бугилан бицун букIана тIалъиялъ.
Исанасеб соналдаса байбихьун хIалтIизе лъугьараб цIияб къануналда рекъон лъабабилеб лъимер гьабурай эбелалъе щибаб моцIалъ кьезе бихьизабун буго анлъазаралда хадуб гъурущ. Гьелъул хIакъалъулъ 12 декабралда Федералияб Мажлисалде гьабураб хитIабалда бицун букIана Россиялъул президент Владимир Путиницаги.
Амма гIицIго демографиялъулаб ахIвал-хIалалъ нахъе ккарал регионазе гурони кьезе гьечIин гьеб гIарацилан хъвалеб буго рехсараб баяналда ва гьелъул хIасилалда лъимал гьариялъул рахъалъ бищун цебесеб кьерда ругел Ингушетиялдеги Дагъистаналдеги гьединго Шималияб Кавказалъул цогидал республикабазеги гьеб гIарац щвезе гьечIо.
Демографиялъулаб рахъалъ цере тIун ругониги дотациялъул рахъ босани федералияб бюджеталдасан бачIунеб гIарцухъ балагьун чIараб Дагъистаналъеги цогиял республикабазеги щвезе рес букIараб гIарцудаса гьел махIрум гьарилъун кколеб гьечIищин гьеб къануналъ церелъурал тIалабалилан абураб суал кьуна нижеца Аваразул Миллиябгун Маданияб Автономиялъул нухмалъулев ШагIбанов Маркъое. ХIакъикъаталдаги гьеб бихьулеб бугинха Россиялъул хIукуматалъ жидеего хIажатал цо хасал регионал цIеретIезелъун биччалеб гIарац гьеб букIин. Цо-цо аналитиказ нахъойги миллатчилъиялъул масъалаялда рекъон гьабулеб хIалтIи бугилан абунин гьелде ва гьезда тIад рекъон гурони батIияб пикру жиндирги бачIунеб гьечIилан мукIурлъана гьев «Эркенлъи» радиоялъе.
ШагIбанов Маркъо: «Лъимал гьариялъул рахъалъ даража борхизабиялъе лъикIаб хIасил кьолеб масъала буго гьеб хIакъикъаталдаги, амм цо-цо регионазе гурони гьелъул бутIа гьечIилан абураб жо дир пикруялда тIолабго хIукуматалъего пайда гьечIеб жолъун кколеб буго. Гьедин жалго гIадамазулги суалал раккизе руго гьеб цогидазе бугеб нижее щай гьечIеб абун. ГIемерисесдаги гьеб миллатчилъи хIалтIизабилъун бихьулеб буго».
Юридикияб гIуцIиялъухъ балагьун гьеб къанун Россиялъул Конституциялъул тIалабалги хвезарун хIадур гьабун гьечIищилан гьикъана нижеца Болъихъ мухъалдаса юрист Сулейманов Сулейманидаги.
Сулейманов Сулейман: « Пачалихъалъ ургъичIого къабул гьабураб къанун ккола гьеб, щай абуни кIиго батIияб миллаталъул гIадамазе цо къануналъ батIи-батIиял шартIал чIезаризе бегьуларо. Конституциялъги нилъее киналго ресал чIезарун ругони, къанунги гьебго куцалда рекъон хIалтIизе ккола».
Кавказская Политика Сайталда экспертаз цIияб къануналда тIасан загьир гьарун ругел пикрабазухъ балагьидал гьезги абулеб буго абулеб буго лъимер гьабуралъухъ кьолеб гIарац бугони ялъуни киналго регионазеги кьезе кколин, ялъуни демографиялъул рахъалъ церетIурал республикаби гьеб рахъалъ дагьалги церетIезелъун тIадеги цIикIкIинабизе кколаанин. Гурого пачалихъалъ тIасарищун цо-цо регионазе кьун цогидазе кьечIого тезе гьабураб хIукмуялъ тIадеги суалал цIикIкIинарун гурони гьелдаса разиго щивниги вукIинилан кколарин гIолохъанал улбузул.