Ссылки для упрощенного доступа

Ургъел гьечIеб заманалъул къурбанал


Рузман сордоялъ Дагъистаналъул Каспийск шагьаралда дагIба-рагIиялъул хIасилалда лъукъун вуго 4 гIолилав, такъсир гьабурал чагIи щал рукIаралали жеги лъалеб гьечIо лъиданиги. Гьезул гIумруялъе гьабсагIат хIинкъи гьечIилан абулеб буго тохтурзабаз. Гьединго Дагъистаналда нахъойги цIикIкIунел руго газалъ гъанкъун хварал гIадамазул къадарги. Регионалда нахъойги актуалияблъун хутIулеб буго сахлъи цIуниялъул хIалтIухъабаз унтараздехун биччалеб тIаса-масаяб бербалагьиялъул суалги.

Каспийскалда ккараб лъугьа-бахъин ккун буго шагьаралъул Аметхан Султанил цIар лъураб къотIноб къаси сагIат 2 тIубан хадуб. Лъукъарал гIолилал шагьаралъул аслияб азарханаялда регизарун руго, гьезде кьвагьи лъурал щал рукIаралали жеги лъалеб гьечIо ГIолохъабазул кIигоял кола Каспийскалдаса, цояв МахIачхъалаялдса ва ункъабилев гIолилав Сергъохъала мухъалъул Мюрего абулеб росулъа кколилан хъвалеб буго Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялъул официалияб сайталда.

Лъукъарал гIолохъабазул цоясул эбел разилъичIо Эркенлъи Радиоялъе жиндирго гьаракь хъвазе. Пашманаб лъугьа-бахъин кин ккарабали мухIканго лъалеб гьечIоан гьелда. Жинда лъицаниги щибниги бицунеб гьечIин, полициялъул хIалтIухъабаз жий васасде тIадеги йиччалей гьечIин гьелъие гIилла щибилан гIезегIан ццидахун йигоан гьей.

Я тохтурзабазухъа, я низам цIунулезухъа щибниги тIаде баян щвечIо нижер программаялъе. Лъукъаразул гIага-божараз бицана гьезул щибниги захIматаб хIал гьечIилан абунин жидеда тохтурзабаз.

Дагъистаналда цIикIкIунел руго газалъ гъанкъун хварал гIадамазул къадарги. Гьедин гIицIго араб суткаялда жанир республикаялъул кIиго шагьаралда хун вуго лъабго чи. Гьезул цояв 21 сон барав гIолилав ккола Избербаш шагьаралдаса, хутIарал кIигоял Гъизляралда гIумру гьабун ругел рос лъади хун ратун руго жидерго рокъор жанир.

Эркенлъи Радиоялъ дагьаб цебегIан бицун букIана декабралъул 27 абилеб къоялъ МахIачахъалаялда аскIоб бугеб Тарки росулъ кIиго санаде бахинчIеб лъимер гъанкъун хвараб куцалъул. ГIемерисеб нухалъ гьелъие гIайибияллъун жалго гIадамал кколилан бицана газ бикьа-къотIулеб идараялъул хIалтIухъабаз.
ЦIумада мухъалъул Агъвалиса гIадамалъул лъагIел гурони бачIеб унтараб лъимадуе тохтурзабазул кумек щоларого гьале кIиабилеб къо бугилан абураб хабар кьуна къватIибе рузман къоялъ информ.алатаз.

Азарханаялъул цояб минаялъуса цогидалъуе унтараб лъимергун йортанхъилей жинде лъицаниги бер тIамичIилан бицунеб буго эбел Марьямица. Гьелъ кара биххинабурал Марьямил гIага-божараз прокуратураялдеги ун ахIи бахъинабараб мехалъ гурони рачIун гьечIо тохтурзаби лъимадухъ балагьизе.

Гьеб тIоцебесеб хIужа гуро Дагъистаналда сахлъи цIуниялъул хIалтIухъабаз унтараздехун кIвар кьечIого тараб. Гьедин араб соналъул октябаралда МахIачхъалаялдаса Расулова Сакинат абурай гIадамалъул хун буго тохтурзабазул гIайибалдалъун гьанжего гьанже гьабураб лъимер.

Живгоги тохтурасул махщалие куцалев чи вугелъул рекъарабги букIинарин пишацоязул хIалтIулъ ругел гIунгутIаби къатIир чIвазаризе, амма ритIухълъи жинде бищунго цебесеблъун колилан абуна нижер программаялъе дагьав цевегIан Дагъистаналъул Пачалихъияб Медицинаялъулаб академияги лъугIун гьанже ординатураялда лъай махщел камил гьабулев вугев Хунзахъ мухъалъул ГьоцIалъа ХIамзат ХIамзатовас.

КигIанго рекIекълъизе ккараб иш бугониги Дагъистаналда тохтурзабаз риччалел гъалатIал цIикIкIунел ругин. Гьеб гьедин букIиналъе гъоз багьанаде бачунин жидер харж кIудияб гьечIин, бигьаял шартIал гьечIилан абурал гIиллаби, амма гьеб тIаса лъугьун тезе бегьулеб гъалатI гурин ва гьезиеги мустIахIикъаб тамихI гьабизе кколилан рикIкIунеб буго гIолохъанав тохтурас:

ХIамзатов ХIамзат: «Чи чIвалеб такъсир ккола гьеб. Цогидазего гIадин гьезиеги кьезе ккола микьгоялдаса бахъараб 15-де щвезегIан сон. ЛъачIого гьабураб такъсириланги абун бигьаяб тамихIалде цIала гьезие гьеб, амма битIахъе босани гьеб ккола чи чIвай. Харжал дагьал ругин жидеейилан абула гьез, гьеб гьедин букIин гъоре хIалтIизе унеб мехалъго лъалаан гурищ гъозда. Гьеб буго гьезул жидерго ракIал риццалъи.

Унтаравги унтичIевги чи гьезда берчIварабго лъазе ккола, гьеб буго гьезул хIалтIи, гьезул борч. Унтарасдехун гьезул кIудияб гурхIелги букIунаро, цо рахъалъ гьеб букIине бегьулеб жоги гуро, амма биччараб гъалатIалъухъ гьезие тамихI гьабичIого тезе бегьуларо».

Ахириял лъугьа-бахъиназул бицунаго гьанибго тIаде жубазе бегьила кIиабилеб лъимер гьабун хадуб кьолеб эбелалъулаб капиталалда хурхун гьал къоязда низам цIунулел хIалтIухъабаз тIатинабураб такъсиралъул хIакъалъулъги.
Экономикиял такъсиразде дандечIараб хъулухъалъ кьурал баяназда рекъон

Гъарабудагъкент мухъалъул Манас абулеб росулъ гIумру гьабун ругел чанго чияс ноябралъул 21- абилеб къоялдаса байбихьун гьересияб куцалда гIадамазухъа бакIарун буго 185 эбелалъулаб сертификат. КIиго моцIгIан заманалда жаниб гьединаб куцалъ гIадамалги махасроде ккун гьезие щун буго кинабниги 500 миллион гъурущ.
XS
SM
MD
LG