Ссылки для упрощенного доступа

Нижее щолеб жо буго гIицIго 15 гъурущ


ТIоцебесеб январалдаса байбихьун цIикIкIинабун букIана Каспийск-МахIачхъала маршруталда рекIадухъ босулеб гIарцул багьа, амма хамиз къоялъ шагьаралъул нухмалъиялъ лъазабуна багьа бахинабиялъе гIурал хIужаби рукIинчIин автомобиль бачунезулилан.

МухIканал баянал швезелъун гьезухъе араб мехаллда журналистал тIаде къабул гьарулариланги абун инкар гьабуна гьез гара-чIвариялъе. Администрациялъул рагьдул кIалтIа хъаравуллъун вукIарав чияс дун щиб къваригIелалъ вачIун вугевали баянлъун хадуб жиндиргоги пикру загьир гьабуна рекIадухъ багьа бахинабиялда тIасан. Лъилниги изну къваригIунарин автомобиль бачунезе, цереккарал багьанабиги рачун бахинабулин гьез багьайилан бицана хъваравул Бейболатица. БатIияб рагIи бугоанин бензин гьез тIолеб букIарабани, амма гьале чанго сон бугинха гьел гIицIаб газалда хьвадулел ругелалдасайилан тIаде жубана жиндирго пикру гьесда аскIов вукIарав ГIабдуллагьицаги.

Амма жалго автомобиль бачунез чанго батIияб мисал бачана «Эркенлъи» радиоялъе щай жидецаго багьа бахинабурабали. Гьале лъабго сон бугин жал 25 гъурщиде хьвадулел, гьеб заманалда жаниб чан нухалъин багьаби рахарал кванил нигIматалдаса байбихьун коммуналиял хъулухъазде щвезегIан. Гьелда тIадеги щибаб соналъ кьезе кколеб магъало, автомобилал чIолеб бакIалъухъ кьезе кколин моцIрое 700 гъурущ, гьенибин абуни киналгIаги шартIалцин гьечIин чIезарун, гIазу-цIад балеб къоялъ гIадамазе квегIенлъиялъе цо тIадхъвел гIанасеб жоцин гьабун бажарулеб гьечIин гьезухъа. Шагьаралъул нухмалъиялъ абулеб бугин нужеца багьаби мекъи рахинабун ругилан бициндал гьелъие гьадинаб жаваб кьуна автомобиль бачунезул цояв Ренатица:

Ренат: «Администрациялъул кинаб ихтияр бугеб гьедин абизе. Гьел нижеда тIад тарал чагIийищ? Транспорталъул рахъалъ министерлъиялда гурони хутIаразда бараб бакI гьечIо нижер. Администарция буго жидеего цIар балагьулеб. Лъицаниги гьабичIо гьединаб хIукму, букIарабаго хIалалъ 25 гъурущ букIине кколин рекIадухъилан».

РекIадул багьа 30 гъурщиде бахинабуниги гьелъухъги жалго разияб мухь щоларин жиддеян бугоан гьезул гIарз. КIиябго рахъалде щибаб нухалъ тIад рекIине гIадамал рукIанин бицана Ренатица хадубги.

Ренат: «Бищун кIваниги 2 рейс гьабун бажарула нижеда къойие. Радал 5 тIубарабго тIадеги вахъун къаси 9-да лъагIан хIалтIани тIокIаб цIикIкIун гьабун бажаруларо. ГIемерисеб щинаб мехалъ чIорого рукIуна ниж, гIадамал кидаго рукIунаро рекIине. Радалиса гьезул аслияб къадар МахIачхъалаялде букIуна унеб гьелги гьенире щвезарун нахъруссун Каспийскалде чIорого ккола, къаси абуни гIаксалда МахIачхъалаялде чIового уна, хIалтIудаса рокъоре унел гIадамазул руккел букIуна нижер аватомобилал чIолеб бакIалда. Гьедин хIисаб гьабураб мехалъ 30 гъурщил бакIалда нижее щолеб бугоха гIицIго 15 гъурущ. Гьедин нижееги щиб хайирха кколеб бугеб. Дореги нахъеги цIун рукIонел рукIаралани гIадамал хабарги батIияб букIинаанха».

Советияб заманалдаса нахъего Каспийскалде нахъе хьвадулел атобусал рукIана гьанже нахъа лъагIанги, цо 4 -5 сон батила гьел тIокIал хIалтIулел гьечIелдаса. Гьединлъидал Каспийск-МахIачхъала маршруталда хьвадулеб автомобиль хутIун бугин абизе бегьила гIадамазе тахшагьаралде нахъе хьвадизе бугизего бугеб транспортлъун. Багьа бахинабуралдаса рекIунел гIадамазул къадар дагълъанищилан гьикъидал довго Ренатица бицана цо лъалеб батIалъи лъугьинчIин гьелъулги.

ЦохIого цо жидер автомобилазда рекIун хьвадуларин гIадамал МахIачхъалаялде, соналдаса соналде цIикIкIунел ругин жалго бетIергьанаб автомобиль босулел гIадамал, хасго гIолохъабазда гъорлъ цIикIкIун ругин гьединал чагIиги. ЦIияб соналдаса нахъе рекIадухъ багьа бахинабунилан лъарабго цо кIудияб гIажаиблъи гьабичIин гIадамазилан абулеб буго автомобиль бачунез:

Ренат: «ТIоцебесеб кIиго-лъабго къоялъ гьикъулеб букIана гIадамаз щайин багьа бахинабураб абун гьанже гьезги гьикъулеб гьечIо.Каспийск кIудияб шагьар гьечIо, гьанир щивасул рукIуна лъалел хъвалел, гIага-бажарал гIадамал гьединго гьел рукIуна нижер хIалтIухъабазулги ва гьездаги бичIчIулаха кинаб хIалтIи гьеб бугебали ва щай нижеца багьа бахинабурабали. Щайгурелъул цогидаб жоги бугелъул хиралъун».

ЦIех-рех гьабураб мехалъ шагьаралда гIумру гьабун ругел гIадамазги батIи-батIиял кьуна жавабал багьа бахинабиялда тIасан. Гьабунинха гьеб бахине щибинха гьабилеб, кингоги хьвадизе кколелъунилан мукIурлъана гIемерисел. Гьелъул жиндие щибниги ургъел гьечIилан абулелги ккана гьезул. Цо-цоял абуни щибиланниги жаваб кьечIогоги ана аскIосан.
XS
SM
MD
LG