Ссылки для упрощенного доступа

Гьанже Мордовиялъул полициялъулал Дагъистаналде рехана


Дагъистаналде нахъойги рехизе руго аскарал. Шималияб Кавказалда гьоркьоб бищунго хIалуцараб ахIвал- хIал бугеб регион хIисабалда гьенире Мордовия республикаялъул низам цIунулезул хасаб къукъа битIизе букIиналъул хабар къватIибе кьуна итни къоялъ Россиялъул информ. алатаз. Гьез хисизе руго цереккун 6 моцIалъ гьенир хъулухъ гьабулел рукIарал жидерго гьалмагъзаби.

Низам цIунулезул хIалтIулъ реформа гьабулебиланги абун хIалтIизе бажарулел чагIиги нахъе гьарун, жакъа Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъи хIажатаблъун ккун бугинха Россиялъул батIи-батIиял регионаздаса аскариял Дагъистаналде ахIизеян абуна Эркенлъи Радиоялъе полициялъул хIалтIухъабазул махщалил цолъиялъул нухмалъулев Шамилов МухIамадица.

Амма я бакI лъаларел, я мацI лъаларел къватIиса рачIарал гIолохъабаз щиб хIалтIийинха гьаниб гьабилеб? Аслияб куцалда гьез гьабизе кколин гьанир ругез малъараб, гьез килищ битIаралъуре ун, цо жидеего дандекколарев чиясдаса къисас босизе тIамун, гьеле гьеб бугин гьездасан щолеб хайир.

Гьезие кьолеб мухьги нилъеразе кьолелдасаги цIикIкIун кьолин, гьезда данде ккун балагьани Дагъистаналда ругел низам цIунулел бесдал лъимал гIадин хутIулел ругин. Амма жамгIияв хIаракатчияс рикIкIунеб буго Россиялдаса гьанире аскариял ритIиялъул хайир кIудияб бугин Дагъистаналъеян:

Шамилов МухIамад: «КIудияб хIасил кьелилан кколаро дида гьез, чияр ракьалдаса гьаниреги рачIун. Гьеб цо рахъ буго. Цогидаб рахъ босани гьел гьанире рачIинго лъикI, щайгурелъул хасаб операциял тIоритIулаго нилъерго низам цIунулез рохьилазул щивниги чIвани гьезда лъачIого хутIулеб гьечIо лъица гьеб гьабурабали ва гьез къисас босичIогоги толеб гьечIо нилъерго чиясдаса.

ХIукуматалъулги къуват гIолеб гьечIо гьел цIунизе, гьединлъидал гьел хIажаталлъун кколел руго къватIиса аскариязде. Гьаниб цIикIкIун гъалмагъир бугебгIан лъикI буго дозиеги, гIемераб гIарац щолеб буго гьезие гьанисан.

Камиги кIудияб кколеб гьечIо гьезие, чIвалелги холелги нилъер гIолохъаби руго гIемерисел».

14 январалда тIобитIараб Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъияялъул кколлегиялда бицунеб букIана жанисел ишазул идараялъ араб соналъ гьабураб хIалтIул хIасилазул ва цIияб соналъ кIвар кьезесел масъалабазулги.

Министр ГIабдурашид МухIамадовас жиндирго кIалъаялда абуна араб сон кутакалда захIматаб букIанин республикаялъул низам цIунулезе, гIемераб ками кканин полициялулазул кьеразулъ.

Жакъа хIажат бугин республикаялда кколел ругел резонансалъулал такъсирал рагьиялде тIаде кIвар кьезе, такъсирчагIазул квердасан хварал гIемерал жамгIиял политикаял хIаркатчагIи, диниял церехъаби ва журналистал чIваялъул такъсирал рагьичIого хутIун ругин.

Амма гьелъухъ балагьичIого жакъа Дагъистаналъул низам цIунулез гьабулеб хIалтIул кIудияб къимат бугин халкъалъе, гьелъие кумек гьабулеб бугин республикаялде батIиял регионалдаса рехулел ругел аскариязги.

ЦIияб соналдаса байбихьун Кавказалда цIияб политика гьабизе бугин Россиялъул хIукуматалъилан абураб баян къатIибе кьун букIана дагьаб цебегIан россиялъул политологаз. ГьанжелъагIан гьабураб хIалтIуца хIасил кьечIелъул Москваялъ хIалтIизабизе кколин цIияб политикияб пропаганда.

Жинда бичIчIуларин цIияб политикайин гьез сунде абулеб бугеб? Чвахулел улбузул магIуги, бесдаллъарал лъималги, рохьоре унел гIолохъабазул цIикIкIунеб къадарги гьелдайищин гьез абулеб бугеб цIияб политикаян гьикъулеб буго жамгIияв хIаракатчияс.

Цияб жо букIинаанин мисалалъе халкъалъе хIалтIулеб къанун, хIалтIи гьабуларел хIакимзаби хъулухъалдаса нахъе ритIи, гььезул бакIалда бажари бугел гIадамал тей. Амма гьеб киналъулго цохIо бицунел хутIун ругин нилъ киналго, кколеб хIасил бихьулеб гьечIилан абулеб буго Шамиловас:

Шамилов МухIамад: «ГIадамазда цого жо чIалгIун бизарлъараб мехалъ политика гьабулел чагIи лъугьуна гьел божизе рукIине гьерсал рицине, гьанже цо цIияб жо гьабизе бугин нилъецаян рукIуна гьел, амма капурчиясдаса алжангIанги рикIкIалъулеб букIуна хIакимзабаздаса лъикIлъи.

Къанун хIалтIулеб букIарабани гьаб диналда жаниб бугеб ахIи-хIурги цогидабги гIала–гъважа хекко лъугIилаан букIараб. Гьеб лъугIизелъун гьаз щибха гьабулеб бугеб, щибгIаги гьечIо. Гьеб билълъанхъизелъун щибниги хIалтIи гьабуларел хIакимзабиги, цIогьалги, хъамалчагIиги рацIцIад гьаризе ккола, гьеб мехалъ халкъги гIодобе биччала».

Кавказалда цIияб соналъул политика билълъанхъизабиялъе бищунго кIудияб гIиллалъун экспертаз рехсолеб уго 2014 соналъ Сочиялда тIоритIизе ругел хасалил Олимпиялъул хIаял. Гьелде щвелалде Кавказалда ахIвал-хIал лъикIлъизабизе къвариг1ун буго Москваялъе.

Гьелъие гIололъун гурони гIадлу гьабизе ракIалда гьечIеб батани Россиялда гьеб бугин жинда бичIчIизе захIматаб жоян абуна Шамилов МухIамадица хадубги. Олимпиялъул хIаял тIоритIулеб мехалъ ракълилаб ахIвал-хIал, цогидаб мехалъ рагъуда босунищинха букIине кколеб Кавказилан гьикъулеб буго жамгIияв хIаракатчияс.

Шамилов МухIамад: «Гьел киналго суалаздасан бичIчIулеб буго Россиялъул иш Западалда бараб букIин. Гьелде дандени къадруяб пачалихъ букIана доб Совет хIукумат, гьелъухъ буссун бер тIамизе кIолароан Цолъарал Штатазул республикаялда.

Гьанже пакъираб Россиялда кIолеб гьечIоха доз абураб рагIудаса кьуризе. Кавказалда хIалуцараб хIал буго , Олимпиялъул хIаял тIоритIиялда хIинкъи бугилан доз рицарал чIандабазухъги гIенеккун хIадур буго Россия жиндирго халкъалда михир бачине».

Итни къоялъ Дагъистаналда низам цIунулез тIобитIараб хасаб операциялъул хIасилалда чIван вуго Каспийскалдаса 39 сон барав МухIамадов Сиражудин. Оперативиял хIалтIухъабаз кьурал баяназда рекъон гьес цебегоялдаса гIахьалъи гьабулеб букIун буго Каспийскалда бугеб экстремистазул къукъаялъе.
XS
SM
MD
LG