Ссылки для упрощенного доступа

МугIрузул нухазда цIодорго рукIа!


ГIагарал къояз республикаялъул эхедегIанисел мухъазда гIанси тIун бачIиналъул хIинкъи букIиналда бан цIодорлъи гьабеян лъазабулеб буго ГIорхъолъа рорчIарал ахIвал-хIалазул рахъалъ дагъистаналда бугеб бутIаялъ. Гьеб идарялъул пресс-хъулухъалъ информациялъул алатазе кьурал баяназда хъвалеб буго гIансиялъ аслияб куцалда зарал гьабизе бугин автомобилал хьвадулел шагьранухазеги, токалъул ва бухьеналъул кварал рачарал мухъазеги гьединго туристал хъештIолеб хIухьбахъулел зонабазеги.

ГIанситIеялъул рахъалъ статистикаялда ругел баяназухъ балагьани бищунго цIикIкIун зарал жалго гIадамазул гIайибаладалъун кколеб бугилан хъвлеб буго гьениб.

ГIонсолъе ккарав чиясул хвасарлъизе рес бугин кверазул кумекалдалъун гьумер цIунизе ва хьухьел цIан бажарулеб ахIвал -хIал гьесул бугониян хъвалеб буго гьениб хадубги ГIазул чвахиялъуве ккарав чи аслияб куцалъ гIумруялдаса ватIалъулев вуго гьелъ цадахъ росун рачIарал гамачI-цIул гIадаб жоялъ лъурал ругъназдаса хадув. Гьел гурел цогидалги хIужабазул ва гIонсолъе ккарав чияс живго цIуна-къазелъун гьаризе бегьулел малъа-хъваязул хъван буго гьениб, амма хадубго тIаде жубалебги буго гьел киналго малъа хъваязде гIей гьабун чIеялъул сабаб кIудияб гьечIин, щайгурелъул гIансиялъ гьабулеб заралъулги, гьелъул къуваталъулги хIасил кинаб ккелебали чIванкъотIун лъазе лъидаго кIоларелъул
МугIрузул мухъазда гьоркьоб бищунго цIикIкIун гIанси тIун бачIиналъул хIинкъи бугеб мухъ ккколин жидерилан бицана «Эркенлъи» радиоялъе ЛъаратIа мухъалдаса МустIафаев Каримица.

ГIорхъолъа рорчIарал ахIвал-хIалазул рахъалъ минстерлъиялъул гьеб мухъалда бугеб бутIаялъул нухмалъулев ккола гьев. ТIадехун рехсараб министерлъиялъги гьава-бакъалда хадуб хал кколеб идараялъги рачIунин лъазабиял ритIун гIанси тIеялъул хIинкъи букIине бугин, цIакъго хIажалъи ккани гурони къватIире рикIкIадал сапаразде рахъунгейилан, амма Каримица бицана цебегIадин гьанже гьедин цIикIкIараб къадаралда гIазуги балеб гьечIин, гIанси тIеялъул хIинкъиги бищунго букIунин январь-февраль моцIазданиги ва гIазу биине байбихьулеб ихадалил авалалда.

ГIанси тун бачIиналдаса цIуна-къай гьабиялъул мурадалда гIарадаги кьвагьун гьел тIуранго щущазаризе ккеялъул суал лъун букIун буго чанго нухалда гIорхъолъа рорчIарал ахIвал-хIалазул министерлъиялдаса ХIайдаров Балабекица республикаялъул хIукуматалда цебе. Гьелъул мухIканго цIех-рех гьабизе щвечIо нижехъе щвечIо гьев.

МустIафаев Каримидаги рагIун бугоан гьеб. ХIакъикъаталдаги букIанин гьелъул бицунеб амма гьеб суал гIумурялде бахъинчIин.

ЛъаратIа мухъалда гIансиялъ зарал гьабулел росабазда гьоркьоб Каримица рехсана Колоб, Къамилухъ ЧIорода, Салда ва жегиги чанго росуги. Гьедин лъабго соналъ цебеги кIиго гIолохъанчи чIванин Колоб росулъ гIанси тIун бачIараб мехалъ, гьединго ракIалда чIараблъун хутIанин 1974 соналъ май моцI. Райцентралдаса къайи босун рачIунаго гIадамазул лъабго чиги гьединго микьго чуги чIван букIанин доб мехалъилан ракIалде щвезабуна гьес. ГIадамасул гIумруялъе зарал ккечIониги санайилго гIадин шагьранухазде гIанси тIун кколин гIемераб квал-квал. Гьединаб ахIвал-хIалалда рукIаго жалго гIадамазул гIарз букIунарищин гьениса нахъе гочун ине бокьунилан гьикъидал бицана Каримица гьединаб кIиго росу бугин мухъалда, лъарагIлъиялде гIадамал гочун арал.

МустIафаев Карим: «Анкьго-микьго соналъ цебеги дун ЛъаратIе хIалтIизе гочун иналдеги 50 цIараки букIан дир гIагараб Гъагъалъ росулъ, жакъа къоялъ гьенив щивниги гьечIо гIумру гьабун. Ахирисев кIигоявги араб соналъул хасалихъе ана гочун. Кинабго хурхараб буго нухал къан токалъул кварал рачарал хIубал регизарун гIемераб квал-квал букIиналъ. Гьединал захIматал шартIазда рукIине бокьичIого аскIобго бугеб Цингъуда росулъаги ана исана ноябралда гьенив хутIун вукIарав чанго чи гIатIиракьалде гочун, Бабаюрт, Гъизляр мухъалда руго гьел гьанже».

Каримица гьеб баян кьолеб заманалда гьесда аскIов вукIарав Хьинухъ росдал администрциялъул нухмалъулесги тIаде жубана гьес нухмалъи гьабулеб участкаялде гъорлъе унел жегиги 7 росулъа чи анин гьелго гIиллабазда бан гIатIиракьалде гочун.

Гьава-бакъалда хадуб хал кколеб идараялъухъа кинал ругониги баянал щвечIо.
XS
SM
MD
LG