Ссылки для упрощенного доступа

Чанги ясал руго ракьул чохьонир…


Гъизилюрталъул диванханаялда гьал къоязда байбихьизе руго МухIамадова Марьямил ишалда тIасан гIенеккиял. 2010 соналда гьей цо метралъул гъварилъи бугеб гвандиний юкъун ятун йикIана жинда тIад ретIун букIараб ретIелгун. Марьямил эбелалъул ихтиярал цIунулей адвокаталъ абулеб буго гьеб ишалъул цIех-рех гьабулеб букIараб куцалде балагьун, такъсир гьабурал чагIи тамихIалде цIазе рукIиналда жиндир щаклъи бугин Дагъистаналда ахираб заманалда цIикIкIунел ругониги гьеб тайпаялъула чIвай-хъвеял дивнаханалъул хал гьабиязде щолел гьечIолъи загьир гьабулеб буго цогидал адвокатаз.

Гьеб хIужа ккун букIана 2010 соналъул риидал. Ясалъул эбел Муслиматица бицунелда рекъон кинабго байбихьун буго, росасдаги йикIаго гьелъухъе лъицаялиго рокьул кагътал хъваялдалъун. Марьямил росас гьеб сабаблъун гар-гар гьабун гьечIо чIужуялъе, амма гьесул гIагарлъиялъ тIокIал чIечIого бадирчIваял гьаризе байбихьидал ятIа гьаюн йиго жиндасаго Марьям. ДагIба рагIиялдаса рикIкIалъиялъул мурадалда гьей кватIичIого Москваялде ун йиго.

Амма кинабго гьелдалъун лъугIун гьечIо. Однокласники абураб сайталъул кумекалдалъун гьей йигеб бакIги лъазабун жиндица мун берталъе ахIулей йигиланги абуна гIебеде якIарун йиго Марьям гьелъул вацгIалас. Жийго гIумру гьабун йикIарай Нечаевка росулъе ячIиндал гьей гIебеде ахIарав вацгIал ХирамухIамадица телефонги кодоса бахъун квешго кьабгIун йиго гьей. Гьелдаса хадур гьесги Марьямил имгIал Къасумицаги чIвазеги чIван лъидаго лъазе биччачIого росдал хабалалъуй юкъун йиго гьей.

Марьямил эбел Муслимат гьей ялагьизе лъугьиндал полициялда лъазеги биччан гьечIо дол кIиязго ва жалгоги яс ялагьизе эбелалъе кумек гьабулеб ххвел гьабизе лъугьун руго. Марьямил жаназа батун Муслиматил вацазда, жидеца тухумалда букIараб рогьо чуранинилан гьеб мехалъ мукIурлъун вуго Къасум.

Муслиматица полициялде гIарза хъван буго августалъул 19-б къоялъ. Амма гьелда тIасан цIех-рех байбихьун буго гIицIго моцIгун бащадалдасан. ЦIех-рехалда кинабго букIараб куц бицун хадуб Марьямил вацгIал ХирамухIамад рокъове вичан вуго полициялъулаз, цо моцIидаса нахъе виччан вуго Къасумги, такъсир гьабуралда щаклъи бугел чагIи ратичIилан абураб гIиллаги баян гьабун цIех-рехги лъугIизе тун буго. Низам цIунулезда хIалтIи цебехун бачине ракIалда гьечIеблъи бихьидал инфром. алатазул кумекалдалъун ахIи бахъинабун буго Марьямил эбел Муслиматица. Гьелъул ихтияр цIунизе жиндаго тIаде босун буго адвокат Къадирова Салиматица.

Иргадулаб диваналъул цIех-рех букIин бугин кватIичIогойилан бицана гьелъ Эркенлъи радиоялъе.

Гьале гьабщинаб заман аниги цIех-рехалъулал тадбиразда цо щибиланиги камилаб рагIи бачIинчIин Къасумил кIалдисайилан абулеб буго адвокаталъ. Сахав бихьинчи вукIаравани гьаб такъсир гьес гьабун букIин киназадго лъалеб мехалъ кканин жиндихъа гьеб пишаян цевего мукIурлъилаанин гьев, амма жиндаго нахъ мугъчIвазе щулиб бакI букIиналда ракIги чIун вугев гьесие мустIахъикъаб тамихI къотIилин диваналъилан абраб жоялда божулей гьечIо адвокат:

Къадирова Салимат « Жаназа ракьулъ букъун батиго ккола уголовнияб цIех-рех тIобитIиялъе гIураб хIужалъун, унтун гурелъул гьей хварай, гьез зулмуги гьабунлъидал. Нагагь кинаб букIаниги щаклъи кколеб букIараб батани гьеб загьир гьабизе къануналъ кьола лъабго къо, уголовияб иши абуни тIобитIун буго гIицIго 16 къоялдасан. Гьелда релълъараб букIана хадуб гьабулеб кинабго хIалтIиги. Такъсир гьабурав чи ясалъул имгIал вукIин лъалин киназдаго, амма гьелъие хIужаби ракIаризе къасдцин гьабулеб букIинчIо прокуратураялъ.

ЧIужугIаданалъул хьвада-чIвади сабаблъун гьединал чIвай-хъвеял жакъа Дагъистаналда цIикIкIунел ругониги диванханаялъул цIех-рехазде щолел гьечIин гьезул гIемериселилан абулеб буго цIех-рехалъул комитеталъул хIалтIухъабаз. Щайгерлъул жиндерго кьолбода жаниб ккараб рогьояб иш къватIибе лъазе бокьичIого бахчолеб бугин гьеб чIварал яасазул гIага-божаразги.

Гьеб Дагъистаналда билълъун араб гIадтлъун бугин намус-яхIалъул мисалалда лъицаялиго абураб рагIи сабаблъун щибниги гIайиб гьечIей яс гIумруялдаса ятIа гьайиялъул хIужаян абуна Эркенлъи радияоялъе шамил мухъалъул Гъогъолъ росдал имам МухIамадов МухIамдрасулицаги.

Аллагьас Къуръаналдаги абулеб бугин цин мухIкан гьаризе кколин нужехъе щвараб баян гьеб мухIкан гьабун хадубги нилъер ихтияр гьечIин дурго хIукму къотIизе. ГIадлу битIарав имамас ялъуни дибарас къотIизе кколин гьебилан бицана гьес Эркенлъи радиоялъе.

МухIамадов МухIамад Расул: «ШаргIалда рекъон чияс зина гьабун бугилан абураб жо чIезабизе хIажалъула ункъо нугI, гьезул цояв камун лъабгояс нугIлъи гьабунигицин гьесда хIад кьабгIизе ккола кIикъого нухалъ. ГьедигIанцин гьединаб пиша халкъалдаса балъго гьабизе хIаракат бахъула исламалъ. Жиндир чилъи хвеялъе гIилла бугин, жинда рогьо баниланги абун ясгIадан чIвазе тIаде боси талихIкъосин ккола чиясе. Гьелдаго цадахъ нилъ киназулго бугеб лъавукъаб гIамал ккола, гьеб гьабичIев чи къабихIав чилъун рикIкIин. Балагье жалго киналго суризарурай яс чIван бажаричIин гьадасухъайилан гIочIол тIогьиб лъола нилъеца гьеб хIужа.

БатIияб жо буго гьеб чорокаб пиша гьабулаго гьей тIадккун хадуб гьеб бакIалдаго гьес гьей гIумруялдаса ятIа гьаюнани гьеб бичIчIизе бегьулеб хIужа буго. Амма балагьеха жакъа чан чияс бугьтан лъезе бегьулей яцIцIадай ясалда тIад чанги батIиял ругел гьелъие ресал. Цо гьитIинабго тохаб жоялъе гIоло мун нижеца бицине йигилан хIинкъизайизе бегьула. Гьединал жалазул халги гьбаичIого цояс бицараб рагIудаги божун чи чIвани щибго гIайиб гьечIого чи чIварлда бащадаб мунагь букIна гьесие

ТIадехун рехсарал гIадал хIужаби Дагъистаналда чан ругелали мухIкан гьабураб статистика гьечIилан абулеб буго Хасавюрталдаса адвокат Сапият МухIамадовалъ. Намус-яхIалъул тIадегIанаб борч жакъа Дагъистаналда ясалъул загIипал гъуждузде тIаде ккун бугин, диналъул рахъалъ босаниги, гIадатазул рахъалъ балагьунги магьари лъечIого гьабураб жинсияб гьоркьоблъиялъухъ жаваб бихьиназги руччабазги кIиязго цадахъ кьезе кколин, амма жакъасеб хIакъикъаталда рекъон гIаксалда киналъуго гIайиб цохIо ясгIаданалда кколеб бугин.

XS
SM
MD
LG