Ссылки для упрощенного доступа

Тарихалда бараб букIинесеб цебе буго жегиги


Россиялъул тарихчагIаз ахIи бахъинабулеб буго мактабазда тарихалъул дарсал кьеялда жанир загьирлъун ругел гIунгутIаби лъугIизаризе ккеялъул. Ахираб къого соналда жаниб къватIире риччарал тIахьазда ругел мекъал баяназ жакъасеб гIелалъул гIакълу хисизабун букIиналда разилъулел руго Дагъистаналдаса тарихчагIиги.

ГIелмабазул академиялда улкаялъул тIолалго тарихалъул дарсал кьолел мугIалимзабиги гIахьаллъараб съездалда гIатIидго рорхулел рукIана тарих малъиялда жанир лъугьун ругел гIунгутIабазул суалал.

ТарихчагIазул пикруялда рекъон жакъа мактабазда тарих малъулел тIахьазда гIемерисел баянал мекъи кьун ругин рикIкIунеб буго гьез. Жакъасеб тарихалда дандекколарел хIужаби хъвараб тIехьалда нахъа живго тезе бегьуларин цIалдолевилан загьир гьабун бугоан жиндирго пикру данделъиялда гIахьаллъи гьабурав Пачалихъияб Думаялъул нухмалъулев Нарышкин Сергейица.
Тарих малъиялъул хIалтIуда жаниб реформа гьабизе заман цебего щун букIанин ва битIараб бицани жийго цIакъ йоханин хIукуматалъул даражаялда гьелде тIаде кIвар кьун бугилан рагIараб мехалъилан бицана Эркенлъи Радиоялъе тарихчIужу ТахIнаева ПатIиматица.

БитIараб бицани аслияб куцалъ 19-б гIасруялъул бащалъиялда цебе букIараб тарихалда тIад хIалтIулей йикIиналъ жакъа школалда тарих малъулеб куцалъул бицине тIуянго хIадурги йикIинчIин жийилан мукIурлъана гьей, амма ахираб къого соналда жаниб тарих малъиялъе къватIире риччарал тIахьал рихьидал гьел гIадамасул гIакълуялъ къабул гьарулел хIужаби гурилан рикIкIунеб буго ПатIиматица.

Жинда лъаларин ургъун рахъун тарих мекъса тIамизе ургъулел рукIараб хIисабалда къватIире риччан ругин тIахьал, чIамучIал, хъвараб жо бичIчIизе захIматал, гьелде тIадеги гIиллацин баян гьабичIого къокъ гьарун ругин тарихиял дарсал малъизе кьурал сагIтал.

Гьанже Россиялъул хIукуматалъ тIаде босулеб бугеб гIадин бугинха гьеб суал роцIцIинабизе, балагьилинха рагIалде бахъунищ гьезухъа гьеб, рагIи кьун гурони гьабураб хIалтIул хIасилал нилъеда рихьичIел хIужаби гIизагIан рукIаралъулин церегиян абуна ПатIиматица хадубги:

ТахIнаева ПатIимат: «КигIанго лъай камилав чи жив ватаниги цогидазулгун дандгибачIого анцI аза-азар тиражгун жиндирго тIехь къватIибе биччазе изну гьечIо тарихчиясул. ГIелмабазул академиялда гьоркьобги лъеч1ого, гьез экспертизаги тIобитIичIого ахирал къого соналда жанир къватIире риччарал тарихалъул тIахьаз тIубанго нахъе ккезабуна школазда тарих малъиялъул суал.

Гьелъул хIасилалда жакъа нилъее щвана ботIролъ щибниги лъай гьечIел лъимал. Я улкаялъул, я регионалъул тарихалъул хIакъалъулъ гьезие щвараб баян цIакъго мукъсанаб буго. Узухъда гьелда рази гьечIолъи загьир гьабулеб букIана жиндир заманаялъ чIахIияб гIелалъул мугIалимзабаз, амма гьезул ахIиялде жаваб кьолев чиго кколев вукIинчIелъулха ва гьаб 20 соналда жаниб лъай кьеялъул системаго тIубанго бегуниса гьабун букIанилан абизе бегьила. Гьединлъидал рохизе ккараб жо буго улкаялъул хIукуматалъул нухмалъиялда гьеб бичIчIараблъи».

ТахIнаева ПатIимат гьединго хъитIана Дагъистаналда тарих лъазабиялъул ругел гIунгутIабазда тIадги. Республикаялъул тарих лъазабиялъе къватIибе биччараб тIехь бихьанин жинда ва хал гьабидал гьениб хъвараб жо бихьидал яхI гьабизе кIвечIого жинца ахIи бахъинабунин Дагъистаналъул лъай кьеялъул министерилъиялде, гьез гIинтIамичIеб мехалъ Москваялъулгун бухьен гьабидал гьез бачIинахъего абунин нужерго гьениб къватIиб биччараб тIехь кколин, гьеб нужерго бетIер унтиги кколин.

Дагъистаналъул тарихалъул цIакъго мукъсанаб баян гурони Россиялъ къватIире риччалел тIахьазда гьечIолъилда рази гьечIолъи загьир гьабуна бачIинахъего «Эркенлъи» радиоялъе Гъуниб мухъалъул Гьонода росдал школалда тарихиял дарсал кьолев мугIалим Тучалаев МухIамадица. Киевская Русьги, Монголо-Татаразул ханлъиялъул хIакъалъулъ чанго тIамач кьолеб мехалъ Кавказалъул рагъулги, Шамилица 25 соналъ гьабураб гъазаваталъул хIакъалъулъги 3-4 предложение гурони кьун гьечIилан вугоан гьев рази гьечIого:

Тучалаев МухIамад: « Нилъерго тарихги цебе тун дие Россиялъулги цогидабги тарих щай къваригIараб? Гьеб лъазе кколарилан абулев чи гуро дун, амма тIоцебесеб иргаялда нилъерго гIагараб ракьалъул тарих лъазабизе кколилан рикIкIуна дица. Дагъистаналъул тарих гIицIго лъабго классалда гурони малъуларо. Гьелъие риччарал тIахьал рихьани щибиландай нужеца абила, ясли ахалда ругел лъималазе гIадаб программа буго гьелъул. ЛъикIал тIахьал гьечIолъиялъ буго кинабго хвезабун».

ТарихчагIазда ракIалда буго кватIичIого школалъул тарих лъазабиялъул программаялъе цIияб «Жакъасеб Россия» абураб тIехь хIадуризе. ТIехьалда тIад хIалтIизе байбихьун бугилан хъвалеб буго рехсараб баяналда, мактабазда гьеб малъизе кида байбихьизе бугебали мухIканал баянал жеги гьечIо.
XS
SM
MD
LG