Ссылки для упрощенного доступа

Щибаб жо гIемерлъанагIан гIадат буго «хиралъулеб»


ТIоцебесеб февралалдаса байбихьун МахIачхъалаялда жаниб хIалтIулеб маршруталъул таксиялъул багьа хиралъизе букIиналъул хабар къватIибе загьирлъана гьал къоязда республикаялда.

Абулеб буго тIасияб моцIалдаса байбихьун гьелъул багьа букIине бугин 15 гъурущ. ЦIияб соналдаса байбихьун Каспийск-МахIачхъала маршруталда рекIадухъ багьа 5 гъурущалъ хиралъанилан абураб хабар къватIибе бачIиндалго абулеб букIана гьединабго куцалъ кватIичIого МахIачхъалаялда жанибги хиралъизе бугин рекIадухъ босулеб гIарацилан.

Амма жалго маршруталъул таксиялда хIалтIулезулгун гара-чIвари гьабидал баянлъана февралалдаса рекIадухъ багьа хиралъизе бугилан абураб хабаралъул мухIканаб баян гьездаги лъалеб гьечIолъи. Мисалалъе шагьаралда 17 –б маршруталда хIалтIулел шоферзабазул цояв Заурица абулеб бугоан бугебго куцалъ 13 гъурущ таниги кIудияб дандечIейго букIинароанин жидер маршрут хIалтIизабизе изну кьолеб кагътихъ жидеца кьезе кколеб гIарац цIикIкIинабичого толебани.

Щибаб моцIалъ гьединаб кагътихъ 3000 гъурущ кьезе кколеб буго гьез «МахIачхъала-Транс» абураб идараялъе. ЦIияб соналдаса байбихьун гьанже 100 гъурущги бахъанин гьез тIаде. Гьедин щибаб моцIалъ гIадин бахинабуни гьез гьелъухъ кьезе кколеб гIарац. Аслияб куцалда цохIо гьебищинха бугеб нужер рекIадухъ багьа бахинабиялъе гIиллаян гьикъидал гьадинан бицана маршруталъулаб таксиялда хIалтIулев Заурица:

Заур: «Гьединго ижараялъе дихъе муршрут хIалтIизабизе кьурал гьелъул бетIергьабазги бахъула багьа тIаде. Мисалалъе моцIалъе дица гьесие кьезе ккола 3000 гъурущ, гьа, гьанже рекIадухъ багьа 15 гъурущалде бахъун бугилан рагIани гьезги абизе буго- ва гьанже досиеги хайир цIикIкIун щола гури маршруталдаса дицаги цIикIкIинабун лъикI дос моцIалъе дие кьезе кколеб гIарацилан.

Гьедин гьез бахинабула багьа тIаде маршрут хIалтIизабизе изну кьолеб кагъат кьолеб идараялъ тIалаб гьабула гIарац, бищунго къураллъун абуни ниж кколаха».
Гьеб гуребги щибаб моцIалъ гIадин хиралъулеб кванил нигIматазухъ багьаги, автомобилалъе хIажалъулеб къайи-цIаги, цогидабщинабги хIисабалде босани жидерги багьа бахинабичIого рес гьечIилан мукIурлъана гьел хадурги.

ТIокIаб жоялъул бицинчIонигиахирисеб нухалъ рекIадухъ багьа 13 гъурущалде бахараб мехалъ 15 гъурщиде букIараб чед гьанже 25 гурщиде бахун бугин, амма гIадамазда гьединаб цогидаб жоялъул багьа бахун букIин кIодого бихьуларин рекIадухъ цIикIинабураб гIарац гурониян тIаде жубана Заурица хадубги. ГIайибияллъун абуни кидаго ниж хутIулинха.

Шоферзабаз бицунелда рекъон шагьаралда гьанжеялдего рекIадухъ багьа 15 гъурущалде бахун букIиналъул баянал щун ругоан гьезухъе. Гьедин мисалалъе 45-б маршруталда 15 гъурущ босулеб букIин бихьарав цо васас гьикъанин жинда рекIадухъ багьа цIикIкIинабунищин бугебилан бицана гьебго 17-б маршруталда хIалтIулев Зиявудиница.

Гьедин цоцада гьоркьор цойиде бачIараб пикру гьечIолъиялъ пассажиразда гьоркьобги цо бичIчIигьечIолъи лъугьунеб бугин, лъаларин жидер шоферзабазул махщалил цолъиялъул нухмалъиялъ гьабураб хIалтIийищ гьеб бугебали бичIчIуларого бугилан вугоан гьев.

Багьаби рахинариялда жаниб жидер идараялъул бараб жо гьечIилан абуна Эркенлъи радиоялъе автомобиль бачунезул махщалил цолъиялъул нухмалъулев ГIисалмухIамад Набиевас. Щибаб моцIалъ цIикIкIинабулел жоги букIунарин рекIадухъ гIарац, 2-3 соналда жанибгIаги гьеб цIикIкIинчIого хутIуларин, щайгурелъул цогидаб жоялъухъги цIикIкIунеб бугелъул багьа.

Амма ГIисалмухIамадица абулеб буго щибаб маршрут хIалтIизабизе изну кьолеб кагътихъ шоферзабаз кьолеб гIарац бугин кьезецин кколареб бакIалде унеб гIарац. Гьелъул хIакъалъулъ гьадин бицана гьес Эркенлъи радиоялъе:

Набиев ГIисалмухIамад: «Нилъер Дагъистаналда бугеб транспорт буго киналниги хIукуматалъул идарабазда гъоркь бугеб, жиндир кинабниги ихтиярго гьечIеб къагIидадялъ хIалтIулеб. Гьез кьолеб гьеб 3000 гъурущги ккола жалго хIалтIизе риччаралъухъ гьел идарабзе гьез кьолеб мухь. Нужеца гьеб гIарац кье гьеб мехалъ я финансовияб халкквеялъул, я магъало бакIарулел чагIазул, я прокуратураялъул нужеда кIалъалев чи вукIине гьечIилан абураб магIна ккола гьелъул».

Республикаялъул информ алатаз тIиритIизарурал хабаразда рекъон абулеб бугоан 1-б февралалдаса байбихьун МахIачхъалаялда жаниб рекIадухъ багьа 15 гъурущалъ гуреб 17, хIатта 18 гъурущалъги хиралъизе бегьулилан. Мисалалъе гьединаб баян къватIибе кьун бугоан «Черновик» газеталъ. Амма ГIисалмухIамадица абулеб бугоан гьедигIанго эхеде бахинилан кколарин жинда рекIадухъ багьа:

Набиев ГIисалмухIамад: «18 гъурущалъ рекIадухъ багьа цIикIкIиналъе гIураб хIажалъи гьечIо гьабсагIат шагьаралда. Цо гъурущалъ цIикIкIаниги гьезие 48 азарго гъурущ хайиралъул тIаде бачIуна гьезие. Гьанже кIиго гъурущалъ цIикIкIанани 100 азарго гъурущниги щола гьезие. Гьелдасан чанго бутIа кьезе ккола шагьаралъул нухмалъиялъул добеги, магъало бакIарулеб идараялдеги, цIикIкIарасеб бутIайин абуни гьезул жидерго кисинибго хутIулеб буго».

Республикаялъул шагьаразда хьвадулел автомобилаз хасго маршруталъул таксиялда бензиналъул бакIалда аслияб куцалъ хIалтIизабула газ. Цо-цо баяназда рекъон гьанже раккун ругин дагьалги учузаб къагIидаялъ хьвадизе рес кьолеб метан абураб тайпаялъул газилан абулеб букIана цо-цо гIадамаз.

Гьелъ абуни рес кьолин гьезие къойие бухIулеб цIатари цIакъго дагьаб къадаралда харж гьабизе. Амма жалго шоферзабаз абулеб буго гьединаб тайпаялъул цIатари бухIулеб хасаб аппаратура лъезе ккалин жидеца автомобилалъуб.

Гьелъул багьайин абуни бугин 40-50 азарго гъурущ. Гьелда тIадеги тIубанго гьеб алат бичун босизе жидер рес гьечIин, гьелъул бетIергьабаз ижараялъе кьун гурони тIубараб куцалъ багьа гьабун гьеб бичуларин жидееян абуна гьез ахиралдаги.
XS
SM
MD
LG