ЦIумада мухъалда чIван вуго Калининградалдаса СОБРалъул командир, Гъизляралдаса чияс лъазабулеб буго полициялъ жив толев гьечIин,
Дагъистаналдаса чияс лъазабулеб буго жиндир вас викъун вугин, Буйнахъскаялда чIварал яргъидгIуцIарал щалали лъан буго-гьединал рукIана араб анкьалъ Дагъистаналдаса рачIунел цо-цо лъазабиял.
Гьеб щибаб мухъалда нахъа буго чиясул къисмат, эбелалъул рекIел бухIи ва бесдал хутIулел лъималазул магIаби.