«Галеразда лагъасул гIумру» абулеб докладалъул презентация тIобитIана Москваялда талат къоялда. Гьелда цебе Борис Немцовас жеги хъван букIана ахираб I2 соналда жаниб россиялъул аслияв политикасда сверун чанго доклад. Гьезда гьоркьосан бищунго машгьурал рукIанин абизе 2008 соналда хъвараб «Путин. ХIасилал» ва 2010 соналда хъвараб «Путин. ХIасилал. 10 сон» абурал докладал.
Гьанжесеб докладалъул автораз лъазабулеб буго Путиница 20 кIалгIагун резиденция хIалтIизабулеб букIиналъул. Гьезул ичIгояб Путиница улкаялъе нухмалъи гьабулеб заманалда бараб букIиналъул ва гьезул цо-цоял тIабигIат цIунарал территориязда ран рукIиналъул.
Гьелде тIадеги президентасе хъулухъалда рагIула 43 аэропланги 15 тирелоги. Авиапаркалъул гIаммаб багьа бахунеб бугила цо миллиард долларалде.
Ункъго гьайбатаб гамидасан гIуцIараб президентасул мини-флоталъул гIаммаб багьа бахунеб бугила лъабго миллиард гъурщиде.
Улкаялъул бетIер рекIунел автомашиназул (аслияб къагIидаялда Mercedesазул) бицун хадуб докладалъул автораз кIвар буссинабулеб буго Путиница жиндие лъагIалие щвараб хайиралъул ва буголъиялъул бицунеб декларациялда рихьизарурал автомашинабазде. Гьел кколел руго ГАЗ М-21, ГАЗ М-21P ва «Нива» автомашинаби, гьединго гьесул рагIула инсухъа ирсалъе щвараб ва 25 сон бараб «Скиф» абулеб автоприцепги.
Эркенлъи Радиоялъул гIурус хъулухъалъе гьеб докладалда тIасан Немцовас интервью кьолаго чIагояб эфиралде телефоналъ ахIарас гьесда ракIалде щвезабулеб букIана улкаялъул тIадегIанал хъулухъазда Немцов живго вукIараб куцалъул ва жиндир сверухълъигун рекъон гьевги цIогьодун ватизе рес букIиналъул.
Борис Немцов: «Дица щиб букIаниги бикъун букIарабани дун Миша Соколовасул эфиралда гурев Краснокаменскаялда яги цоги бакIалда квердахелал рукъулев вукIинаан.
Дуде ирга щвелалдеги вукIана дида гьединабго гIайиб гIунтIизабулев чи. Гьесул фамилия Путин буго. Гьесги абулеб букIана нижеца цо щибалиго бикъун бугилан. Бугьдан лъунилан дица диванханаялде гьесда тIаса гIарза хъван букIана.
Гьениб гьесул мурадал цIунулес лъазабуна нижеца щиб букIаниги бикъанин абулел киналгIаги далилал гьезухъ гьечIин. Гьез мугъчIвай гьабулеб жо букIун буго «Википедиялда» бугеб кинабалиго макъала.
Нижер мурад тIубачIеб диваналъул хIукмуялда абулеб буго Путиница дир-Немцовасул хIакъалъул щибго абулеб букIинчIин. Гьес нижер-дир, Миловасул ва Рыжковасул хасал цIарал гурел доб заманалъул хIакъикъат загьир гьабизелъун гIаммал цIарал рехсон рукIанин. ЦIогьодарав чи Немцов вукIун гьечIо- гьеб кинабалиго хIакъикъат букIун буго.
Гьеб букIана диванчIужу Адамовалъул инжитаб хIукму. Гьелдаса бихьулебги букIана нижеца улка бикъиялъул киналгIаги баянал далилал гьезухъ гьечIолъи. Гьездаго гьоркьов аслияв чикист-Владимир Путинихъги».
Докладалъул автораз абулеб буго жидеца ургъунго бихьизабулеб гьечIин Путиница щибаб къойил ретIунеб ратIлил багьа. Жидер багьа анцI-анцIазар долларалде бахунел гьесул костюмалги, хьиталги, галсуткалги-расги гуреб, гIиси-бикъинаб жо бугин гьесул виллабазде, аэропланазде, сагIтазде ва автомашинабазде дандеккунин.
2011 соналда жиндие щвараб харжалъул официалияб декларациялда Путиница бихьизабун букIана 3661765 гъурущ.
Гьединаб гурони лъагIалил хайир гьечIев чиясул буго 22 млн. гъурщил багьаяб сагIтазул коллекция. Гьедин хъвалеб буго докладалда. Гьелъул авторазул пикруялда Путин бетIергьанаб цоги буголъи рехсечIого, цо гьеб сагIтазул коллекция босизе ккани президентас квен-лъим тезе кколеб букIана анлъго соналъ.
Гьел гьесие гьарурал сайгъатал ратани, гьезие гьабун букIине ккола декларация. Гьес кьураб декларациялда гьезул цIаргIаги бахъун гьечIо. Гурони, гьединал сайгъатал ккола бищунго тIадегIанасеб хъулухъалда вугев чиясе кьураб рищват.
20 миллионгIан чияс язихълъиялда гIумру гьабулеб улкаялда президентас жиндиего ханасулгIадал шартIал чIезари- гьеб буго гIорхъабалъа ворчIарав тIадчиясул ничам, вархIаяб иш. Гьедин хъвалеб буго докладалда.
Гьелда жеги абулеб буго Президентасул ишал тIуразарулеб идараялъул бюджет 2011 соналда бахунеб букIанин 84,6 млрд гъурщиде. Гьеб аслияб къагIидаялда харжги гьабулеб бугин улкаялъул бетIарасул гIумру маргьуялда релъинабизелъунин.
Гьеб гIарцул къадар бащалъулеб бугин 3,3 млн чияс гIумру гьабулеб Гъоркьияб НовгородалъулгIадаб кIудияб ракьалъул бюджеталда.
Докладалда ахиралдаги абулеб буго гьеб киналдаго тIад рекъон чIезе бегьуларин. ТIалъиялда ругез гIумру гьабулеб куц жамгIияталъ дандбазе кколин ва бюджеталдаса гьезда тIад харж гьабулеб гIарцул къадарги киназдаго бихьиледухъ рагьун букIине кколин.
Гьезда тIад харж гьабулеб нус-нус млрд. гъурущ лъай-кьеялъул, сахлъи цIуниялъул ва гражданазе социалияб рахъалъ кумек гьабулел программазе биччазе кколин.
Гьеб киналъего рес баккизе бугин улкаялда демократияги цIи гьабураб, нухмалъиги хисизе байбихьараб мехалдайин абулеб буго «Галеразда лагъасул гIумру» абулеб докладалда.
Путинил канцеляриялъин абуни гьеб киналъего кьолеб буго мухIканаб жаваб. Путинил пресс-секретарь Дмитрий Песковас лъазабун буго халкъалъ вищарав президентас пайда босулебщинаб жо бугин пачалихъалъул буголъиян.
Экспертазул пикруялда, Немцовасул цересел докладазде данде ккун цIияб докладалда суратал гIемерал ва текс дагьаб буго. Щибаб сураталда гъоркь хъванги буго гьеб киса босарабали.