Цо лъагIалида жаниб Зубаржатица вукъана кIиго вас. Гьезие букIана цоясе щуго цогиясе 12 сон. Чанго сон цебеги гьелъие камун йикIана 2 сон барай яс. Гьеб лъабабго лъимер гьелъун унтараб букIана. Гьедин Зубаржатил ункъго лъимадул цо вас ГIалибег гурони чIаго хутIун гьечIо. Гьес лъикIал къиматлгун лъугIизабуна исана анлъабилеб класс.
Лъимал унтарал рижиналъе ва гьитIинго хвеялъе гIиллалъун Зубаржатида бихьулеб буго гьей эбел-инсуца жиндирго вацгIаласе росасе кьей.
Эркенлъи Радиоялъул эфиралда жиндирго къисматалъул ва жий кисаяли бицине Зубаржатие бокьичIо, амма цо вугев вас ГIалибегие лъади кIванагIан рикIкIадаса ячине йигин абулеб буго.
ГIагаразда гьоркьор ригьинал гьариялъул проблема хIакъикъаталдаги кIвар бугеб бугин ва цебего лъалеб бугин цоцае гIагарал рос-лъадул лъимал унтарал рижиналъе ресал цIикIкIарал ругеблъиян хъвалеб буго жиндирго гIелмияб макъалаялда медикиял гIелмабазул доктор Л.Казанцевалъ.
Гьелъулго пикруялда гIагаразда гьоркьор ригьинал гьариялъул лъикIал гурел хIасилал рукIин тарихалъги бихьизабулеб буго. Масала цересел гIасрабазда Европалда ханзабазул наслабаз гьарулел рукIана гIагаразда гьоркьор ригьинал политикиял гIиллабазда бан ва тIасабищи гьечIого.
Гьединал ригьинал цоцалъ гIемерлъанагIан унтарал лъималги гьезул наслабалъ гIемерлъулел рукIана.
Цо-цо специалистазул пикруялда гIагаразда гьоркьор ригьинал гьари ккун буго мисриялъул фараоназул наслу тIагIиналъе гIиллалъунги. Гьезул цо наслуялдаса цоги наслуялде ригьинал гьарулел рукIана тIулбикьарал вац-яцазда гьоркьор. Гьедин хъвалеб буго гIалимчIужуялъ.
Европалда машгьурал Габсбургазулги буго гьеб рахъалъ лъикIаб гуреб хIалбихьи. Филип 2-билесул тIоцеесей лъади йикIана яцгIал, кIиабилей лъади-вацасул яс, гьесул вас Филип 3-билесги ячуна яцгIал, Филип 4-билес лъадилъун ячуна яцалъул яс. Гьеб ханзабазул наслуялда пикру хисарал унтарал лъимал рижулел рукIараблъиги тарихалда лъалеб хIужа буго.
Статистикиял баяназда рекъон, гьанже Европалда ва Шималияб Америкалда гIагаразда гьоркьор ригьинал гьари къанагIатаб хIужалъун кколеб буго ва цо проценталдаса цIикIкIунеб гьечIо. Азиялда гьединал ригьинал жеги гьарулел рукIаниги гьезул къадарги дагьлъизе байбихьун буго.
Цо-цо гIалимзабазул пикруялда цебегоялдаса нухал гьечIел ва миграция дагьал мугIрузул росабалъ гIумру гьабулел гIадамазда гьоркьоб гIагаразулгун ригьин гьабиялде чара гьечIого кколел рукIана.
ГIалимзабаз чIезабун буго гIагарал гIадамазда гьоркьоб гьабураб ригьиналъул хIасилалда рижарал унтарал лъималазул къадар цоги ригьиназда рижараздаса цIикIкIараб букIин.
Масала тухумалъе хасиятаб кинаб букIаниги унти бугони, васазулъги ясазулъги къватIибе загьирлъичIого балъго цIунун хутIулеб буго гьелъул хисараб ген. Нагагь гьезда гьоркьоб ригьин гьабуни, гьезухъан лъугьараб лъимадулъ гьеб хисараб ген загьирлъизе ресал цIикIкIунел руго.
ГIалимзабаз рикIкIуна гьеб хисараб ген жибго жиндаго хIинкъи бугеблъун кколарин, цIигьарулел лъималазеги гьелъул квал-квал букIунарин цоги гьединабгун гьеб дандчIвазегIанин.
Гьезулго пикруялда гIагарал чагIазда гьоркьоб ригьинал гьарураб мехалдаги гьединал генал гьезул ругониги гьел цоцазда дандчIвачIого хутIизеги сахал лъимал гьаризеги рес буго, амма цоги ригьиназде данде ккун гьел генал дандчIваялъул хIинкъи цIикIкIараб букIунеб буго.
Жеги рес рагIула гьединабго хисараб ген гьезул лъимадулги балъго букIине ва загьирлъичIеб гьелъ лъимадул сахлъиялъе кинабгIаги асар гьабунгутIизеги.
Амма жалго тохтурзабазда гьоркьобги гьечIо гьеб суалалда сверун цо ккураб пикру. ХIусенова ГIаишат хIалтIулей йиго невропатологлъун 10ялдаса цIикIкIун соналъ ва гьелъухъе рачIунел унтарал лъималги гIемерисел цоцазе гIагарал улбухъан лъугьарал ругин абизе гьелда кIолеб гьечIо.
ХIусенова ГIаишат: «Медицинаялъ абулеб буго гIагаразда гьоркьоб ригьин гьаби лъикIаб гьечIин. Амма гIагарал гурезул унтараб лъимер бижараб мехалда медициналъ гьелъул гIайиб рехула никотиналде яги алькоголалде тIаде. Лъида лъалеб гьелъие гIилла щибали?
Я медицинаялда яги цоги гIелмуялда кIоларо гьелъие далил бачине. Цоги рахъалдасан, дидаго ялъуни дирго лъималазда хурхун абуни, дие бокьилароан гIагаразда гьоркьоб ригьин гьабизе. Лъаларо вацгIал-яцгIалалда гьоркьоб кутакаб рокьи ккезе рес бугищали, амма цоцазе гIагарал гIолилазул масала рокьи бугони, дица рикIкIуна гьезие квал-квал гьабизе кколарин. Гьебго заманалда гьел хIадурал рукIине кколаха щиб кканиги гьеб къабул гьабизеги».
Шималияб Кавказалъул цо-цо регионазда къануналъ гьукъараб гьечIониги гьаруларо ццинагIалзабазда гьоркьорцин ригьинал. Масала чачаналъ. Гьедин бицана нижее Эркенлъи Радиоялъул чачан хъулухъалдаса ГIумарова Аминаца.
ГIумарова Амина: «Чачаназе гьукъараб буго гIагарал чагIазда гьоркьоб ригьин гьабизе. ЯцгIал яги цIинагIалцин щиб- рикIкIадаб гIагарлъиялда гьоркьобцин гьабуларо ригьин.
Руго цо-цо тухумал ай тейпал жидедаго жаниб ригьин гьабуларелги. ГIемерисеб нухалда абуни цо тухумалда гьоркьоб ригьин гьабула. Амма гьеб мехалдаги кIудияб кIвар кьун хал гьабула рукIинисел бахIарал цоцазе гIагарал ругищ гьечIищали, лъимал унтарал щокъал рижиналда хIинкъун.
Халкъ гьитIинаб букIиналъги гагарлъиялъул хал гьабизе кIудияб масъала гьечIин ккола дида».
ГIагарал рукIинги лъачIого гIолилазул цоцахъ масала рокьи ккараб мехалда щиб гьабулеб?
ГIумарова Амина: «Дида ккола гьезул гIагараз гьезда бичIчIизабулин гьеб ригьин гьабизе бегьунгитIи. Дида жеги рагIичIо гIагарал вас-ясалъул цоцахъ рокьи ккун бугин абураб. ГьитIинаб къоялдасаго лъала киназдаго гьеб бегьулареб иш букIин ва гьеб пикругун кIудиял гIураб мехалда гьел суалал бигьаго рагIалде рахъинарулел ратула.
Щивасулъ букIунеб батула гьеб бичIчIи ва гьелъ гьел гьединаб рокьудаса цIунулелги ратулао. ВацгIалзабиги, цинагIалзабиги, гьездасаги рикIкIадал гIагаралги нижеца рикIкIад гьаруларо, гьел вацалин рикIкIуна. Гьединаб бербалагьигун гIураб мехалда рокьиги кколеб батиларо».
Цоцазе гIагарал гьечIел кIиго вацас кIиго яц ячине рес бугищ чачаналъ.
ГIумарова Амина: «Дида ракIалда буго дун гьитIинаб мехалда Советияб заманалдаго цо васас ячун йикIана цо яс. Гьесул гьитIинав вацасул рокьи ккун буго жидер бахIаралъул яцалъухъ.
Гьеб лъугьа-бахъин уябищ гьересиябищ дида лъаларо, амма тIолабго республикаялъ гьелъул бицунеб букIана бихьулищ гьабураб жоян. Жидер бахIаралъул яцгIал яги цинагIал ячине рес буго. Гьединал хIужаби рукIуна, амма бахIаралъул яц ячин цIакъго къанагIатаб жо буго».
Дагъистаналдаса журналист Анохина Светлана жийго йиго цоцае гIагарал эбел-инсул яс. Гьелъулъ щибго квешаб жоги бихьулеб гьечIо журналисталда
Анохина Светлана: «Дир эменги дир кIудияй эбелги цоцазе вацIгIал-яцгIал ккола. Дунги йиго гIагаразда гьоркьосеб ригьиналда гьабураб лъимер. Гьединал ригьиназдехун дир цо ккураб бербалагьи гьечIо.
Зулмуялда яги лъил букIаниги тIадецуялда къоркь гьабураб бокьараб ригьин-гьеб квеш буро. Жиндир лъимадуе гIагаразда гьоркьор рос яги лъади ралагьиги мекъаблъун бихьула дида. Амма цоцазе гIагарал гIолилазул цоцахъ рокьи ккун бугони, щиб бугеб гьениб квешаб жо? Гьединал ригьиназул бугеб хIинкъиги гIемерго цIикIкIинабун бугин ккола дида».
Гьебго заманалда Светлаца рахъ кколеб буго батIи-батIиял миллатазул ва диназул гIадамазда гьоркьор ригьинал гьариялъул.
Анохина Светлана: «Масала дида берцин бихьулеб буго нижер хъизамалда ахираб заманалда гIемераб би жубалеб букIин. Масала дир яцалъул васас дагьай цеегIан ячана китаялдаса яс. Дие бокьилаан гьезул лъимал рихьизе.
Дир эбел бащдай эрменай йиго, абула нижелъ греказулги сиганазулгицин би бугин. Дица рикIкIуна гьеб лъикIги бугин. Дир пикруялда гIемер биял журарал лъимазулъ кинабалиго кIарчанлъи букIунин».
Цо-цояз абулин гIагаразда гьоркьоб гьабураб ригьин бугони гьезул рокъоб кколеб лъикIаб-квешаб лъидаго рагIунарин ва гьеб лъикI бугин. Гьединаб пикругун гьабулеб ригьин кинаб букIунебин гьикъулеб буго Анохиналъ.
Анохина Светлана: «Гьеб щиб кколеб? ГIолилаз гIуцIулеб буго хъизан -дой гурей гьай дица ячани, нагагь хъизамалда къец ккани суричIого рукIина ниж- абураб цо пикругун».
Дагъистаналда гIагаразда гьоркьор ригьинал гьариялъе аслияб къагIидаялда хIаракат эбел-инсуца яги кIудаэбел-инсуца бахъулин, жалго лъималазул рахъалдасан гьединаб хIаракаталъул жинда рагIичIин, амма гьедин цоцалъ ригьинги гьабун кIудияб борч лъолеб бугин гIолилазда тIадин бицана нахъеги журналисталъ.
Анохина Светлана: «Дагъистаналда гIагаразда гьоркьор гьарулел ригьиназ цо рахъалъ гIумру бигьаги гьабулеб батила, амма гьелдаго цадахъ гьеб хъизамалда тIад лъола кIудияб борчги. Тухумалъе лъикIаб букIинеян абун Дагъистаналда гьединал ригьинал жеги гIемерал гьарулел рукIин гIадахъ босани, цIияб хъизамалда тIад жеги кIудияб гьир лъолеб буго».
Нагагь гIагаразда гьоркьоб гьабураб гьирин биххиялде иш ккани, гьелъул букIунеб ахIи-хIур дагьабги цIикIкIараб букIунин рикIкIунеб буго Анохиналъ.
Анохина Светлана: «ГIагаразда гьоркьор гьарурал гьединал ригьинал нагагь риххизе ккани тухумалда гьоркьоб бижулеб питна, тухумалда жанибго хутIаниги, гIагарал гурезул питнаялдаса кьвари дагьаб букIунаро».
ГIагарал щиб, цо къотIноб гIумру гьабулелцин гIолилал цоцае рачунарин жидер дорайин бицана нижее Эркенлъи Радиоялъул черкессазул хъулухъалъул мухбир Шапсуг Мариятица.
Шапсуг Марият: «Дун гIуна Адыгеялда росулъ. Нижер республикаялда мадугьаласеги ине бегьуларо росасе. Гьелде тIадеги цо къотIнор гIумру гьабулел гIолилазцин гьабуларо цоцалъ ригьин. ЦIияб хъизан гIуцIулел гIолилал гIагарални щиб гьел рукIине ккола цоцаздаса рикIкIад гIумру гьабулел.
ГIагарал гьечIолъи лъалеб богони цо фамилия бугел чагIазда гьоркьоб ригьин гьабизе рес буго. Гьебги батIи-батIиял росабалъа ругони. Нижеца лъимал гIезарулаго, гьезие тарбия кьолаго гьитIинаб къоялдаса нахъе бицуна гIагарлъиялъул, даимго цоцазде тIаде щола.
Гьединаб рес гьечIел чагIаз абуни, ригьин гьабилалде ирга щвараб мехалда байбихьула гIагарал ругищали мухIканго лъазабизе. ЦIадахъ школалда цIалулел бегьула цоцае рачине гьел гIагарл гьечIони».
ГIагаразда гьоркьоб ригьин гьабиялъул суал жидер регионалдаги кIвар кIудияб суал бугин бицана Эркенлъи Радиоялъул гIиракъалъул хъулухъалъул мухбир Жабер Ясиница. Гьес даибго бачуна радиоялда социалиял суалал рорхараб программа чIагояб эфиралда. Гьезухъе гIенеккулез телефоналъ ахIула жидерго проблемазул бицун.
Ясинил рагIабазда рекъон, гьезухъе кумек гьарун ахIун бачIун буго жинда яцгIал ячинаюлев, амма цоги ясалъухъ рокьи ккарав гIолилас. Гьес журналистазда гьарулеб букIун буго жиндир эбел-инсуда биччизабейин жиндие гьеб ригьин къваригIун гьечIолъиян.
Гьебго программаялде гьев гIолиласе жаваб хIисабалда ахIун бачIун буго цоги чияс. Гьес бицун буго жиндие бугин 60 сон, жиндир бугин анлъго лъимер, анлъабгоги беццаб бугин. Гьелъие гIиллалъун гьев чиясда бихьулеб буго гьесул лъади гIагарай яс йикIин.
Жакъа кIудиял гIурал жиндир лъималаз жинда гIайиб гьабулеб бугин гIагарай яс ячаралъухъин бицун буго гьес ва кумек гьарулев вукIарав гIолиласда абун буго жив вилъинин дур эбел-инсухъе гьез гьабулеб бугеб квешаб жоялъул бицинейин.
Живго Ясинида гIагаразда гьоркьоб ригьинал гьариялъулъ лъикIал рахъалги рихьулел руго.
Жабери Ясин: «Дида ккола гIагарал цоцазе рачиналъулъги ругин жиндирго лъикIал рахъалин. Масала хъизамалда кинаб букIаниги проблема бугони, гьезие киналго гIагараз рахъун кумек гьабула. Гьелде тIадеги гIагарал цоцае рачани, хъизамалъул гIарац хъизамала жанибго хутIула. Гьелъулги буго кIвар. ГIагарлъи щулалъула. Жеги лъикIаб рахъ буго цоцазе гIагарал бахIаразда цоцазул гIамал лъалеб букIин ва гьелъ конфликтал дагьлъизарулел рукIин.
Амма кIочене бегьуларо гьединаб ригьин гьабилалде цебе тохтурзабахъеги ун, рукIинисел лъималазе хIинкъи бугеб ген гьезулъ бугищали хал гьаби. Жакъа ГIиракъалда буго гьединаб рес. ХIинкъи бугеб ригьин гьабичIогоги тун, хIинкъи гьечIеб гьабиялъулъ щибго квешаб жо дида бихьулеб гьечIо».
ЦIакъго гIагарал чагIазда гьоркьор ригьинал гьукъарал руго дунялалъул цIикIкIунисел улкабазда. ВацгIалзабазда яги ццинагIалзабазда гьоркьор ригьинал гьаризе гьукъараб гьечIо Россиялда.