Россиялъул республиканияб партия-ПАРНАСалъул нухмалъиялдаса Борис Немцовас ва «Солидарность» багъа-башариялдаса Леонид Мартынюкица хIадурараб цIияб «Галеразда лагъасул гIумру» докладалда абулеб буго 2011 соналъ щвараб хайиралъул декларациялда премьер-министр Владимир Путиница бихьизабун букIанин 3661765 гъурущ. Амма гьесул цоги буголъиялъул бицинчIого гIицIго сагIтазул коллекциялъул багьа бахунин 22 млн. гъурщидейин. Гьенибго абулеб буго цо гьеб сагIтазул коллекция босизе ккани президентас квен-лъим тезе кколеб букIанин анлъго соналъин.
Америкалъул президентасе лъагIалие щолеб харж бащалъулеб буго 400 000 долларалда. Гьелде тIаде гьесие гьединго кьолеб буго гIиси-бикъинал харжал гьаризе 50 000 доллар. Улкаялда гьев ккола бищун цIикIкIун харж щолев федералияв хъулухъчи. Гьесул буго президентасул кIиго резиденцияги-ХъахIаб Рукъ ва Мэриленд штаталда бугеб Кэмп-Дэвид. Гьес гьединго пайда босула цо аэропланалдаса ва цо тирелоялдаса. Президентлъун вукIарав Джимми Картерица бичилалде цебе Америкалъул президентасул букIана гамаги.
Алманиялъул президентасе лъагIалие щолеб буго 199 999 евро. Гьесул аслияб Bellevue Palace резиденция буго Берлиналда. Гьединго руго Бонналда ва Hammerschmidt абулеб бакIалда резиденциялги.
Франциялъул президентасул лъагIалил харж бащалъулеб буго 162624 евроялда. Цеве вукIарав президент Николя Саркозие щолеб букIун буго 232 азаргогIан евро.
Президентасул официалияб резиденция буго Парижалда Елисейскалъул кIалгIа. Президентасул цоги резиденциязде гъорлъе уна: Форт-де-Брегансон, Шато де Рамбуйе ва Домайно де Марли абулел кIалгIаби.
2009 соналда президентасе хIалтIизабизе босун буго A330-200 Аэробусги.
Италиялъул президентасе лъагIалие щолеб харж бащалъулеб буго 230 000 евроялда. Президенталъул аслияб резиденция буго Рималда Квиринальский абулеб кIалгIаялда. Гьесул жеги буго Рималда гъоркьехун ва Неаполалда кIиго резиденцияги. Амма гьанибго абизе ккола Италиялъул гьанжесев премьер-министр Марио Монти кинаб букIаниги харжги босичIого хIалтIулев вугин.
Британиялъул ханзабазе харж кьоларо. Къиралалъ харж гьабула пачалихъалъул гIарац. 2011 соналда гьеб гIарцул къадар бащалъулеб букIун буго 32 миллионгун 100 000 фунталда. Гьеб гIарац харж гьабулеб буго кIалгIабазда тIадги, гьенир жанир хIалтIулел чагIазеги, къиралай рекIунеб транспорталда тIадги.
Къиралалъул резиденциял рикьулел руго лъабго бутIаялде: официалиял, хасал ва жаниб гIумру гьабун гьечIел кIалгIаязде.
Чачан республикаялъул нухмалъулев Кадыров Рамзаница араб соналда кьураб декларациялда рекъон, 2010 соналда гьесие щвараб хайир бащалъулеб букIун буго 4 191 000 гъурщида. Гьесул гьединго рагIула 36 квардатияб метралъул кIодолъи бугеб рукъги. Гьесул лъади Мусаева Меднил рагIула 210-гIан квардатияб метралъул кIодолъи бугеб рукъ. Гьеб рукъалъул микьабилеб бутIаялъул ихтияр рагIула ясал ГIайшат ва Карина Кадыровазул. 2009 соналъул декларациялдаги Кадыровас рихьизарун рукIана гьал тIадехун рехсаразда релъарал баянал.
http://www.radiomarsho.com/media/photogallery/24581393.html?z=0&zp=8
Амма интернет цIун буго Кадыровасул автопаркалъул сураталгун видеоязул. Дунялалда къого гурони гьечIеб автомашинацин бугин гьенибин абулеб буго. Гьединго пачалихъиял хIажалъабазе къайи босулеб сайталда кьун букIана Чачан республикаялъул хIукуматалъул чанго гIарза. Гьезул цоялда журналистаз лъун букIана бюджеталъул хIикмалъи абун цIар. Гьеб кколеб буго жиндир багьа 10 млрд. гъурщиде бахунеб Сунжа гIурул рагIалда Центрой росулъ балеб бугеб Кадыровасул кIалгIа.
Гьединго балъголъи гуро Кадыровасул багьаялдаса багьаял чуязул илгъи букIин ва батIи-батIиял къецазда гьес гьел тIамизе риччалел рукIинги.
Гьебго 2010 соналда Дагъистаналъул нухмалъулев МухIамадов МухIамадсаламие щвараб харж Кадыровасе щваралдаса кIигоялдаса цIикIкIун нухалъ дагьаб буго. Декларациялда гьес бихьизабун буго лъагIалие жиндие щванин цо миллионгун 665 азарго гъурущин. Гьезулги 90 азарго гIурущ лекциял цIаларалъул щвараб бугин. Гьев Университеталъул мугIалимлъун вукIараб 2009 соналда гьесие щун букIун буго лъагIалие 150 азарго гъурущ.
МухIамадсаламица деклорациялда гьединго бихьизабун буго Мокваялда гъоркьехун бугеб ракьул кIиго кесекги. Гьезул кIодолъи бахунеб буго 1332 ва 1237 квадратиял метрабазде. Гьединго гьесул рагIула 219 квадратияб метралда бащадаб рукъ МахIачхъалаялда ва 123 квадратияб метралъул кIодолъи бугеб рукъ Москваялда. Гьесда цадахъго гьеб рукъалъул хважаинзаби рагIула гьесул эменги, лъадиги, ясги, кIиго васги.
Россиялъул президентлъун Дмитрий Медведев вукIараб заманалда хIакимзабазул цо данделъиялда гьес Дагъистаналъул нухмалъулев МухIамадов МухIамадсаламиде абун букIана хъулухъал ричараб гIелин хIалтIизе заман щун бугин абун. Гьелдаса хадуб республикалъул хIакимзабигун букIараб данделъиялда МухIамадсаламил гьадинал рагIаби кьолел рукIана бакIалъул телевидениялъ:
МухIамадов МухIамадсалам: «Дида ккола гьанир ругел киназего балъголъи гурин ва республикалда киназдаго лъалин хъулухъал ричиялъул иш нилъеца нилъерго хIалтIулъ рукьналъаго тIагIинабун букIин. Дица, мисалалъе, цониги чи гIацухъ хIалтIуда лъечIо. Лъезеги гьечIо. Гьеб буго дир гIумрудул принцип. ХIалтIудехун гьединабго бербалагьи букIине ккола тIалиялъул тIубараб вертикалалдаги».