ЖугьутIал, мугIрузул жугьутIал, татал абун рикь-рикьун ругин жал, амма динги, мацIги, гIадаталги цо ругеб цо халкъ ругин жалин бицана Эркенлъи Радиоялъе Дербенталда бугеб синагогаялда хIалтIулев Пётр Мариинскияс. Жал гьедин рикьизариялъе букIараб гIиллаги жинда лъаларин.
Гьеб битIараб бугин, амма татал рикIкIунин Дагъистаналъул бакIалъул миллатазул цояблъунин ва гьеб миллат республикалъул титулиялин абулеб I4 миллаталъул цояблъунги кколин абуна нижее Дербенталда къватIибе биччалеб жугьутIазул «Ватан» газеталъул бетIерав редактор Виктор Михайловас.
Виктор Михайлов: «Татал рикIкIуна Дагъистаналъул бакIалъул миллатлъун. Гьеб уна республикаялъул 14 титулияб миллаталде гъорлъеги. Динги, гIадаталги, мацIги цоги гьанир ругел жугьутIалгун цо буго нижер. МацIги нижер ивриталда гуреб фарсиялде гIагараб буго.
Гьаниса ахирал соназда нахъе гочана цIакъго-цIакъ гIемерав чи лъикIаб гIумру балагьун. Гочунел рукIана аслияб къагIидаялда Израилалде, рукIана Америкагун Алманиялде гочунелги.
Гьаниб гьезда жидерго букIинисеб бихьулеб букIинчIо. Гочарал рукIана хIалтIиги бокьулел хIалтIунги ругьунал гIадамал. Гьединал гIадамал къватlирехунги рокьулелъулха. Гьанир ругезейин абуни бокьула хIалтIичIого гIарац босизе.
Дербенталда рукIарал гIемерал заводал, комбинатал къан хадуб гIадамазда лъалеб букIинчIо щиб гьебилебали. «Радио-Элемент», «Электро-Сигнал», консерваби гьарулеб ва цоги гIемерал заводал къана гьанир. Гьенир хIалтIулел рукIарал бажариги махщелги бугел гIадамал ана нахъе. Жакъа, масала, гьел заводал хIалтIизаризе бокьаниги гьел хIалтIизе гьечIо. Гьеб индустрия гьаниса билун бугин абизе бегьула».
ЖугьутIал ахирал соназда Дагъистаналдаса гIемерал нахъе анин, амма жив инчIин инеги гьечIин бицана Эркенлъи Радиоялъе МахIачхъалаялъул синагогаялъул раввин ва жугьутIазул жамгlияталъул цевехъан Дибияев Шимица. Гьесул мина-карталде хьул лъураз тIадецуйги гьабулеб букIун буго гьесие цересел соназда, гордабахъе кьвагьун, кIалтIе граната рехун хIинкъабиги кьолел рукIун руго. Гьеб мехалда гьесул хъизан: лъадиги кIиго васги гочун руго Америкалде. Гьелги нахъе ритIун 15 соналъ янгъизго вукIаниги МахIачхъалаялда чIелин живан бицана Шимица. Гьес жеги абуна цере Израилалде гочарал жугьутIазул цо-цоязе тIадруссинецин бокьун бугин рукIине рукъзал кьолел ругони.
Шими Дибияев: «Бокьун буго гьезул цо-цоязе тIадруссине рукIине бакIалъул суал рагIалде бахъаинабулеб бугони. Гьезие рукъзал дица кисаха кьелел? Гьелги цо-кIиго чи гурелъул. Дунни инаро гьаниса бетIер къотIаниги. Цогиял унел рукIин дида лъани, гьездаги нахъе унгеян абула дица. Дир хъизанги кIиго васги гочана Америкалде. Дун инчIо. Хъизан гьечIого I5 сон балеб буго дица гьаниб. Дие бокьун бугоха гьанив вукIине. Гьаниб квеш гьечIо нижер МахIачхъалаялда».
Израилалде гочизе бокьарал жугьутIазе лъикIал шартIал чIезарулел рукIанин бицана «Ватан» газеталъул редактор Виктор Михайловас. Гьесул рагIабазда рекъон, цере аразул тIадруссунги гьечIо цIакъго дагьал чагIи гурони.
Виктор Михайлов: «Добаги гьанибги дозул гIумру, узухъда, батIияб букIинарищха. Гьезул цо-цояз гьенире иналде цебеккун лъазабулеб букIана иврит. Израилалъ репатриациялъул программа къабул гьабун букIараб мехалда -гьезие чIезарун рукIана лъикIал шартIал. Масала, чIобого малъизе букIана иврит ва гьеб малъулебгIанасеб заманалда дур хъизаналъул тIалаб гьабизе букIана хIукуматалъ».
Израилалде рачIарал Европалдаса жугьутIазе дандеккун мугIрузул жугьутIазе захIматаб букIинчIин. Жидеца Кавказалда цIунун рукIанин жидерго умумузул ай жугьутIазул къочIолал гIадатал ва диналъулгун хурхенги жидер цIикIкIараб букIанин абуна Эркенлъи Радиоялъе Израилалъул парламенталъул ай Кнессеталъул депутат Дербенталдаса Тивьяев Робертица.
Тивьяев Роберт: «Нижехъ ругел баяназда рекъон, Израилалда гIумру гьабулеб буго мугIурузул жугьутIазул, гьедин абула гьаниб нижеца нижедаго, 80 азаргогIанасев чияс. Гьел руго Кавказалдаса гьанире гочарал гIадамал. Ниж чIухIаралги руго мугIрузул жугьутIал рукIиналдаса. Ниж руго жугьутIазул унго-унгоял гIадатал цIунаразул цоял. Гьеб рахъалъ мугIурул жугьутIазе Израилалда адаптация гьабизе бигьаго букIана.
Совет Союзалда рукIарал республикабазул цояб гуро Израиль. Нижее тарбия гьаниб гурелъул щун букIараб. Гьаниб кинабго батIайиса буго: лъайкьеялъул система, экономика-кинабго батIияб буго. Гьеб рахъалъ рукIана захIмалъаби, гьезул цо-цоял жакъаги цIунунги хутIун руго. Масала, "цIорол тIохалъул" ай дуца гьабулеб кидаго бихьулеб букIиналъул проблемаги жеги гIемерал цогиялги. Амма гьебго заманалда мугIрузул жугьутIал Израилалда лъикI руго. Бищунго аслияб буго жалго кисаяли гьезда кIочонеб гьечIолъи. Дун гьелдаса чIухIаравги вуго».
The Jewish Daily Forward сайталда дагъистаналдаса жугьутIазул бицунеб макъалаялда америкалъул Колумбиялъул университеталда журналистикаялъул тIадегIанаб школаялда дарсал кьолей Джудит Матлофица хъвалеб буго Советияб заманалдацин Москваялдаса рикIкIад рукIиналъ бажарун бугин Дагъистаналъул жугьутIазда жидерго гIадаталги цIунизе диниял тадбиралги тIоритиIзейин.
Республикаялъул цо-цо росабалъ мажгитал риххулеб ва цоги росабалъ мажгитазул колхозазул боголъи цIунулел складал гьарулеб мехалда жугьутIал гьоркьор кин хутIарабали гьелъ мухIкан гьабулеб гьечIо.
Израиль бугин киналго иммигрантазул улка. Гочун рачIаразе квербакъиялъул гьел къабул гьабиялъул ва гьезие гIумруялъе хIажатал шартIал чIезариялъул рахъалъ кIудияб хIалбигьи бугин гьенибин бицана Робертица. Гьесул рагIабазда рекъон, дунялалда гIемерал гьечIо иммигрантал парламентазул депутаталлъун рахъине рес кьолел улкаби. Гьев Израилалде гочаралдаса рагIула 16 сон.
Цо жугьутIазул геребги цоги миллатазулги бищунго хIалтIизе бажарулеб ригьалъул ва махщелгун лъай бугел гIадамал гочунел ругин Дагъистаналдасайин бицана МахIачхъалаялъул музеялъул директор Дадаева Заремаца.
Дадаева Зарема: «Советияб Союз биххун жакъа къоялде щвезегIан 20 соналда жаниб тIолабго улкаялдагогIадин чIахIиял миграциониял процессал Дагъистаналдаги рукIана. Гьаниса гочунеб букIана аслияб къагIидаялда гIурус мацI бицунебин абулеб халкъ-гIурусал, жугьутIал, арменал, грекал, азербажанал. Советияб Союз биххиялъ ва чачаналъ букIараб рагъул кIиябго компаниялъул заманалда цIакъго гIемерав чи гочана гьаниса».
Дадаевалъул рагIабазда рекъон, ахирал соназда Дагъистаналдаса жибго республикалъул миллатазул гIадамалги гIемерал нахъе гочун руго, аслияб къагIидаялда гьел кколелги руго культураялъулгун бухьен бугел гIадамал.
Дадаева Зарема: «Дагъистаналъул халкъазул миграциялъул бицани, гьаниса унел руго лъикIазулги лъикIал. Гьелъие гIиллалъун кколеб буго гIакъилав, бажари- махщел бугев чиясе цеветIезе гьанир ресал гьечIолъи. Гьесул гьунар-махщел гьаниб къваригIараб бакIал гьечIо. Республикаялъул нухмалъиялъги кIвар кьечIого толел руго культураялъулгун бухьен бугел гIадамал. Культураялъул рахъалъ гьаниб гIун бачIунеб гIелалде сурат бахъизе, бакъан хъвазе яги гьелда релъараб цоги пиша малъизе чиго хутIулев гьечIин абизе бегьула. Жидеего цере тIезе ресалги ругел, материалияб рахъги лъикIал мухъаздехун гочунел руго гIадамал. Гьелде тIаде политикиябгун социалияб рахъги гьаниб лъикIаб бугин абизе рес гьечIо».
ЦIар- цIарккун абичIони ахираб чанго соналда жаниб жинда лъалел ва жиндие гIагарав гIемерав чи гочанин республткаялдасайин бицана нахъеги Заремаца.

Дадаева Зарема: «Чан чи аравали дица рикIкIинаро, амма дие цIакъ гIагарал гIемерал чагIи гьаниса нахъе ана. Масала "Махачкалинские бродяги" абулеб КВНалъул командаялда рукIарал киналго гIолохъаби нахъе ана гьаниса. Москваялда ТIоцебесеб каналалда лъикIа-лъикIал хIалтIабиги щвана гьезие. "Прожекторперисхилтон","ЛайфНюс"гIадал тIолабго улкаялда машгьурал программабазе текстал хъвала гьанже гьез.
Гьанибги гьез хIаракат бахъулеб букIана щиб букIаниги гьабизе, фильмал рахъизе, КВНалъул къукъаби гIуцIизе, концертал гьаризе. Амма гьезие квал-квал гурони кумек гьабулев чиго лъугьинчIо. Жакъа Дагъистаналда культура ва искусство цебе тlезабулел гlадамал бахlарзла ругин абизе бегьула.
Дида цо-цо мехалда ккола нилъ гьоркьохъел гIасрабазде тIадруссунел ругин».
МахIачхъалаялъул синагогаялъул раввин Дибияевасда жакъаги бихьулеб гьечIо Дагъистаналдаса жугьутIал нахъе гочиналъе рукIарал кIудиял гIиллаби. Ахирал соназда республикаялъул шагьаразда рукIана жугьутIазул хабалазда занал рекигIадал гьезда къваригIел гьечIел хъвай-хъвагIал гьаригIадал суркъал ишазул хIужаби.
Басрияб синагогаялде жанире лъугьани гьеб ресторанин кколеб бугин. Киса-кирего шушби, кванил хутIелал рехун ругин. Чанго нухалда гьениб букIунеб къапелаялъ жинде тIадекIанцIиги гьабунин бицана Дибияевас. Жиндихъги ярагъ букIунин, амма букIаниги чанго чиясде данде цо жинца гьабулеб щибин букIинебин рахIат хола гьесул.
Гьединал ишал цо жугьутIазда хурхун гурониги рукIунин абуна Дибияевас. ЖугьутIал гьедигIан гIемераб къадаралда нахъе гочине гIурал гIиллаби жинда рихьулел рукIинчIин ва гьечIин. Кнессеталъул депутат Тивьяевас ракIалде щвезабуна жугьутIал гочариялъул карачелал тарихалда гIемерал рукIин.
Тивьяев Роберт: «ЖугьутIазул иммиграциялъул букIана чанго карачел. ТIоцебесеб букIана 1890-билел соназда, хадуб-араб гIасруялъул 20-билел соназда. Гьелдаса худб 1970-билел ва 90-билел соназда. Гьезул щибалъе жинди-жиндир гIиллабиги рукIана. Щивасе бокьулеб батилаха жиндирго ракьул кесек, жиндирго улка, жиндирго халкъалда цадахъ гIумру гьабизе. Умумузул ВатIаналъ ахIун ратила гIадамал, гьелги ун ратила».
Нужер кинаб асар бугеб нужерго ВатIаналда гIумру гьабулеб бугебгIадабищ, ВатIан кибалиго рикIкIад бугебгIадабищ?
Тивьяев Роберт: «Цо рахъалдасан дун воххарав вуго дун Израилалъул гражданин вукIиналдаса, цоги рахъалдасан дида киданиги кIочонаро дирго россиялда ругел гьудулзабиги Кавказалда Дагъистаналда диего щвараб тарбияги. Дица гьелъул дирго лъималазеги бицуна. КIирахъалъулаб асар буго. ЗахIмат буго гьеб суалалъе жаваб кьезе».
Кавказалдаса рачIарал жидее Израилалда адаптация гьабизе бигьаяб букIанин жугьутIазулги бусурбабазулги гIадатазулъ гIемерал релъарал бакIал ратиялъин бицана нахъеги Робертица. ЖугьутIазулги руччаби бихьиназда цересан къотIуларин яги гьоркьосан унарин ракIалде щвезаруна гьес цо-цо гIадатал.
Тивьяев Роберт: «МугIрузул жугьутIазул рукIарал гIадатал-гьел руго жугьутIазул кьочIолал гIадатал. Диналда хурхарал суалал росани-мугIрузул жугьутIазде малъизе кколаро чи хвараб бакIалда яги цоги бакIалда щиб гьабизе кколебалию Гьезда гьеб гьитIинаб къоялдасаго лъалеб букIуна. Магърибалъул Европалдаса гочун рачIарал жугьутIазул рукIуна гьединал ишазулъ суалал. Гьеб рахъалъ гьезул адаптация бигьаяб гьечIо. ГIемерал рачIунел руго диналда тIадчIей кIудияб гьечIел гIадамал. Дица абиларо дун цIакъ диналда тIад чIарав чи вугин, амма нижеда гьединал жал малъизе кколаро. Нижер гIадатазул гIемерал бусурбабазул гIадатазда релъарал ратизеги бегьула».
Бусурбабазулги жугьутIазулги гIадатазулъ гIаммал бакIазул бицана
Газеталъул редактор Михайловасги.
Виктор Михайлов: «ГIемерал руго релъарал бакIал. РикIкIаде ун щибилеб. Масала бусурбабаз навруз байрам кIодо гьабун чанго къоялдасан жугьутIазулги букIуна гьелдаго гьелъараб гьединабго магIанаялъул байрам. Бертадул ва чи вукъиялъул гIадатал руго нижер релъарал. Масала бусурбабаз чи вукъулаго къоно лъола, нижеца гIурдул лъола. ГIисал диналъулазгIадин табуталъуб жаназа нижеца букъуларо. Бертабиги цого гIадатазда рекъон гьарулин абизе бегьула.
Цин яс гьарула, хадур сайгъатал къола. Цебе бусурбабазулгогIадин васасул берталъ ясалъул гIагарлъи букIунароан. Гьанже гьезулги гуро хиса-басиял нижерги рукIинарищха. Амма цересел гIадатазда рекъон бертин гьабуни, гьеб бусурбабазулалда релъараб букIуна. Нижеразги хъамулей йикIана цее бахIарай. Гьанже Дагъистаналъул шималияб рахъалда хасавюрталъул Бабаюрталъул ракьазда гурони гьеб гIадат хутIун гьечIин абизе бегьула».
Жидер гIадатазда ва диналъул тIалабазда рекъон жаназа табуталъуб (гроб) лъоларин, амма гьанже дагъистаналда ругел жугьутIаз лъезе байбихьун бугин бицана Дибияев Шимица.
Шими Дибияев: «Цого гIадатал руго нужерги нижерги. ГIисал диналъул ругеб бакIалда нижеца как базе бегьуларо, бусурбаби ругеб бакIалда бегьула. Нижер диналъул тIалабазда рекъон, чи табуталъув лъун вукъуларо. Гьанже киналго лъугьун руго гьеб балагьизе. ГIисал диналъулазулгIадин тIугьдул-жал дица ричIчIаларо».
Дибияев кутакалда гIагалун вуго ЧIикIача шайих СагIид Афанди чIваялда. Жал цоцазда лъикIа лъалаанин бицана гьес нижее.
Шими Дибияев: «Додинав чи чIвазе бегьилищ. Диназда хурхун щиб суал дандбазе ккун бугониги ахIулаан гьес дун. Гьениве гIемер щолаан дун. ГIемер лъалаан дида гьев. Аллагьас кумек гьабеги нилъее киназего».
КIудияб гIелалъул киналго абухъе жугьутIал рачIунин синагогаялде, амма гIолохъанаб гIелалъул чагIи гIемерал гьечIин бицана раввинас.
Гьезул гIемерисезда мацI лъалеб гьечIинги рахIат хун буго гьесул.
МугIрузул жугьутIал дагъистаналдаса унилан билулеб бугин гьезул культура. Гьеб камулеб бугин цо гьезие гуребги жибго Дагъистаналъегийин хъвалеб буго республикаялъул культурияб гIумруялда кколеб букIараб бакIин хъвалеб буго The Jewish Daily Forward абулеб сайталда.
Гьениб жеги хъвалеб буго цо-цо биценазда рекъон, Дагъистаналде татал Персиялдаса рачIун ругин, амма цоги тарихчагIаз рикIкIунеб бугин гьел хазарал рукIанин. Амма киса рачIарал ратаниги гьел таталгIадин лъалел ругин. Гьезул гIумру- магIишатги жугьутIазулалда релъараб букIинчIин. Гьез гIезабулеб букIанин тамахьо ва гьабулеб букIанин чагъир, чуял тIамизеги бокьулеб букIанин гьезиейин.
Жакъа Дербенталда ругел цо-цо жугьутIал гIажаиблъулел ругин цоги бакIазда ругел жугьутIаз бахIарай хъамулей йикIинчIин абуралда. Гьезда кколеб букIанин гьединаб гIадат киналго жугьутIазул бугин. Раввиница разилъи кьун хадуб гьенир цоги кинал суалалин рукIине кколелин гьикъулеб букIанин гьезин хъвалеб буго The Jewish Daily Forward сайталда дагъистаналдаса жугьутIазул бицунеб макъалаялда Джудит Матлофица. Гьелъ дарсал кьола америкалъул Колумбиялъул университеталда журналистикаялъул тIадегIанаб школаялда.
Жидер миллаталъул гIадамал гьедингоги нахъе гочун дагьал хутIун ругин, амма ахирисеб нухалда халкъалъул хъвай-хъвагIай гьабулеб мехалда гьезул къадар тIадеги дагь бихьизабун бугин, гьеб лъица ва сундуе гIоло гьабулеб хIалтIи бугебали жидеда лъалеб гьечIин бицана жиндирго цIар эфиралда абизе бокьичIев жугьутIазул миллаталъул чияс. Гьесул баяназда рекъон, Дагъистаналда гIумру гьабулел ругел жугьутIазул къадар бихьизабун буго гIицIго 450 чийин абун. Гьесул хIисабалда гьеб тарих анлъго-анкьго нухалда цIикIкIинабизе кколеб буго.

Жакъа Дагъистаналда культура ва искусство цебе тIезабулел ругел гIадамал бахIарзал ругин абизе бегьула.