«Цогояб Россия» партиялдаса депутат Григорий Балыхинил рагIабазда рекъон, гьеб къануналъул проект хурхараб буго тIадегIанаб ва гьоркьохъеб цIалул идарабазде студентал росиялъул процедура лъикIлъизабиялда.
«Гьанже хIалтIулел ругел къануназда рекъон рес гьечIо цIализе лъугьунаго гьересияб информация кьурал студентал нахъе рехизе. Гьел нахъе рехизе ккани рехулел руго цIалулеб идараялъул гьанже хIалтIулел рихьизариязда яги низамалда рекъон.
Амма ахираб заманалда гIемерлъулел руго цIализе лъугьунел гIолилаз жидее бигьалъаби щвезелъун гьересиял документал цIалул идарабазде гIолилал росулел комиссиязде кьеялъул яги жидеца кьурал Пачалихъияб Цогояб экзаменазул хIасилал мекъса рихьизариялъул хIужаби.
Гьединго цо-цояз балъго гьабулеб буго жидер тIадегIанаб лъай букIин ва гьеб гьересиялдаса пайда босун чIобого цIалулел руго кIиабилеб тIадегIанаб лъай щвезелъун. Къануналда рекъон, кIиабилеб тIадегIанаб лъай чIобого букIунаро, гьелъухъ гIарац кьезе ккола»,- ян бичIчIизабулеб буго депутатас.
Гьедин, къануналдалъун чIезабулеб бугин цIализе лъугьиналъул низам хвезабурал студентазул жавабчилъиян рикIкIунеб буго парламентарияс.
Жидер факультеталда вугин 300гIан чи цIалулев, гьезда гьоркьов вугин 20гIан бигьалъибазул шартIазда рекъон цIализе восарав студент, гьанже гьел киназулго сахлъиялъул хал гьабулеб бугин бицана нижее исана цIализе лъугьарай Беркиханова Дженнетица.
Беркиханова Дженнет: «Дун цIалулей йиго Санкт- Петербургалъул Педиатриялъулаб Академиялда. Нижер факультеталда вуго 300гIан чи. Гьезулги 20гIан чи ватилин ккола льготник. Гьаб сагIаталда гьезул киназулго сахлъиялъул хал гьабулеб буго. Унтарал ругин гьересиял документал кьун цIализе лъугьарал жеги ратичIоха гьезда гьоркьор».
Россиялъул лъайкьеялъул министерлъиялъул баяналда рекъон, исана Пачалихъияб цогояб экзамен кьун бажарун гьечIо 25 азарго цIалдохъанасда. Гьеб экзамен улкаялда билъанхъизабураб 2007 соналдаса нахъе Дагъистаналда гьелъул официалиял хIасилал квешал рукIинчIо. Лъайкьеялъул системаялъулгун хурхен бугел чагIаз бицухъе, лъимал цIалулел гьечIолъиялде балагьун, гьел хIасилал гIемерго лъикIалцин руго.
Кинаб школалде щваниги мугIалимзабазул гIарз букIунин лъимал цIалулел гьечIолъиялда банин бицана филологиял гIелмабазул кандидат Сулайманова Кавсаратица.
Сулайманова Кавсарат: «ЦIали гьабулеб гьечIо. Щибаб школалде щвараб мехалда мугIалимзабазул гIарз, рекIел ахIи цо букIуна лъимал цIалулел гьечIо, гьез цIали рехун тун буго, тIахьал цIалулел гьечIо, дарсазде хIадурлъулел гьечIо абураб. ХIадурлъулелги гьечIо гьел экзаменал кьолаго эмел-инсуца жал рехун теларин абураб пикруялъ».
Лъайкьеялъул системаялда гIемерал соназ хIалтIарав Гъуниб мухъалъул Гьонода росулъа ГIабдухаликъов МухIамадица бицун букlана Эркенлъи Радиоялъе тIолабго пачалихъалда лъималаз школа лъугIараб мехалда кьезе бихьизабураб киназего гIаммаб экзаменалде цо-цо нухалда жалго мугIалималцин хIадурал рукIунарин.
Щибаб регионалда, школалгун росабалъ лъай кьеялъул программа буго батIи-батIияб. МагIарул росулъ школа лъугIараб лъимадаги Москваялъул школа лъугIараб лъимадаги кьезабулеб буго цого экзамен. Гьединлъидал школалда ахирисел классазда цIалул сон уна гIицIго гьеб экзамен кьезе лъимал хIадур гьарулаго.
ГIабдухаликъов МухIамад: «ЕГЭялда ругел суалазе жаваб кьезе кIолеб гьечIо мухъалда ругел мугIалимзабазул бащдаздацин. Гьединал захIматал суалал руго гьенир. ЕГЭ хIалтIизабилалде цебе цин мугIалимзаби хIадур гьаризе ккелаан, тIадеги цо-кIиго моцIалъ цIализе ритIунгIаги. Гьединлъидал мугIалимзабаз яги улбуз гьабизе кколеб буго жидерго цIалдохъабазе кумек, кин нухал ралагьунги, рищватал кьунги».
Америкалдаги буго школа лъугIунел киналго лъималаз кьезе кколеб киназего гIаммаб экзамен. Амма улкаялда гьечIо лъайкьеялъул цо ккураб система, гьечIо лъайкьеялъул министрелъицин. Щибаб штаталъ жинцаго тIаса бищула школалда щиб малъилебали, щиб малъилебали тIаса бищизе ихтияр буго щибаб школалъулцин. Гьез малъулеб бугелъул ва гьелъул даражаялъул хал гьабула гIадамазда гьоркьоса тIаса бищараб къукъаялъ.
Кинаб школалда щиб малъаниги ва щиб цIаланиги школа лъугIарал лъималаз кьезе ккола цогояб экзамен. Гьедин бицана Эркенлъи Радиоялъе америкалдаса журналист Чарльз Рекнагелица.
Чарльз Рекнагель: «ГIаммаб лъайкьеялъул система гьечIониги Америкалда буго киназего гIаммаб пачалихъияб экзамен. Гьелъул хIасилал киназго ритIула цо централде. Гьениб хал гьабун хадуб хIасилал лъазарула школазда. Гьел хIасилазде балагьун цIалдохъабаз тIаса рищула жидеего цIализе идараби».
Эркенлъи Радио: «Гьениб букIунищ цогиязулалда яги цебего хIадурараб бакIалда тIасан хъвазе жаваб яги цоги кинаб букIаниги рекIкI гьабизе рес?»
Чарльз Рекнагель (велъулаго): «БукIунаро, узухъда. Экзамен кьолел классазда лъун рукIуна видеокамераби. Экзаменалъул суалалги цереккунго лъазе рес букIунаро. Экзамен кьолеб къоялъул цебесеб къоялъ гурони гьел школалдецин щоларо».
Россиялдеги экзаменалъул суалал цебесеб яги экзамен кьолеб къоялъ гурони школазде щоларо, амма цIалдохъабазе мугIалимзабаз яги улбуз кумек гьабиялъул хIужаби дагьал гьечIо. Гьедин жидер лъаялда рекъечIого щварал къиматал цIализе лъугьунаро рихьизарулел рукIиналъ Пачалихъияб Думаялъ бахъизехъин буго гьереси документал кьун цIализе лъугьарал студентал нахъе рехизе рес кьолеб цIияб къанун.