Лондоналда гьал къоязда байбихьизе ругел Паралимпиадаялъул хIаязда гIахьаллъизе вуго Дагъистаналдаса кIиго атлет. Гьел ккола дзюдоистал МахIачхъалаялдаса Казакова Мадина ва ЛъаратIа мухъалдаса Къурбанов ШагIбан. Мадинае буго 35 сон. Афиназда гьелъ босун букIана меседил медаль, гьелдаса хадуб Пекиналда тIобитIараб Паралимпиадаялда гьелъие щун букIана мазгарул медаль. Гьединго гьелъул руго Дунялалъул ва Европаялъул чемпионатазда щварал меседил медалалги.
Къурбанов ШагIбан абуни, экспертазул пикруялда рекъон, гьеб турниралъул аслиял фаворитазда гьоркьов вуго. Месед босичIони, цоги медалгIаги гьес босизе букIиналда кIудияб божилъи буго исана Олимпиадаялда дзюдоялъул рахъалъ чемпионлъун вахъарав ГIисаев Мансурил тIоцевесев тренер МухIамадов ХIабибил.
МухIамадов ХIабиб: «Чанго нухалда европалъул чемпионлъунги вахъарав, дунялалъул чемпионатаздаги медалал росарав Къурбанов ШагIбаница «месед» босичIони, цоги медальгIаги босичIого теларин ракIчIун абизе бегьула. Казакова Мадина гьанжеялде яхъун йикIана Паралимпиадаялъул чемпионлъун. Гьеб букIана микьго сон цебе. Гьелдаса нахъе кигIанасеб хIалтIи гьелъ гьабизе кколеб гьанжеги бергьине ккани.
Саналги руго гьелъул рахунел. Амма гьебго заманалда гьелъул буго кIудияб хIалбихьи. Паралимпиадаязул «меседги» «мазгарги» бугеб гьелъие жиндир хIалбихьиялъ кумек гьабизеги рес буго. Балагьилаха, ТIадегIанасул къуваталдалъун бокьилаанха гьел кIиялго медалалгун тIадруссине. Гьезие исана лъикIаб мисалги бихьизабидал «месед» босарал нилъер гIолохъабаз. РакIалде ккола, Мадинагун ШагIбаницаги нилъ рохизаризе ратилин».
Дагьай цеегIан росасеги ун Мадинаца гьанже гIумру гьабулеб буго Москваялда. Гьейги ШагIбанги руго канлъукъал спортсменал. Гьелгун цадахъ дагьаб канлъи бихьулел къеркьезе ккани бергьине гьезие бигьаяб букIине гьечIин рикIкIунеб буго дзюдоялъул рахъалъ Россиялъул мустахIикъав тренер МухIамадов Асильдарица.
МухIамадов Асильдар: «Сакъаталлъун рикIкIунелъул цо бералда бихьулел яги канлъи дагьал гIадамалги. Мадинагун ШагIбанида абуни тIубанго щибго бихьуларо. Дида гьел кIиялго лъала, узухъда, гьел бергьинеги бокьиларищха дие. Гьезда дандчIвазе бегьулел захIмалъабазул пикру гьабураб мехалда гьединал жал ракIалде щолел руго. Киса-кирего рукIунелъул гьитIинал ругониги хIилла-макруял».
Сакъатал, сахлъиялъул даражаялде балагьичIого, киналго цого цIадирабазде рахинарун щалгун къеркьезе ругелали чIезабулин, амма сахлъиялъул рахъалъ проблемаби цIикIкIаразе цо-цо бигьалъаби гьарулин бичIчIизабуна ХIабибица.
МухIамадов ХIабиб: «Гъол къецалда бащадал ругони яги хIаязда гIахьаллъизе унаго гьезул балал ращадал ругони бергьенлъи кьола, масала, тIубанго канлъи бихьуларесе».
Эркенлъи Радио: «Сакъатлъиялъул даражаялде балагьичIого гIаммаб сияхIалда рекъон цого цIадирабазде рахинарунищ чIезабулеб гьел щалгун къеркьезе ругелали?»
МухIамадов ХIабиб: «У. Гьеб рахъалъе цIакъ кIвар кьун букIана гьениб. 100 граммцин цIикIкIине биччаларо. ЦIалаго ва щивгун къеркьезе вугевали чIезабулаго сахлъиялде балагьуларо. Канлъукъавищ вугев, гIинкъавищ вугев-гьелъухъ щивго валагьуларо. Амма къеркьолел бащадал шартIазде ккани, бергьенлъи кьола сахлъиялъул рахъалъ проблемаби цIикIкIарасе».
Паралимпиялда гIахьаллъизе ругел Шималияб Кавказалдаса спортсменазда гьоркьов вуго Шималияб Гьириялдаса жеги щуго атлетги. Гьезул ункъгояв вуго футболист. ДЦП унти бугел спортсменазда гьоркьор 2011 соналда дунялалъул чемпионаллъун рахъун рукIана гьел. Гьанжеги гьез месед босизе букIиналда кIудияб хьул буго экспертазул.
Араб соналда бащдаб финалалда гьез 4:0 хIасилгун къезабун букIана бразилиялъул команда, финалалда абуни 6:I хIасилгун къезабуна Ираналдаса команда.
Гьединго Лондоналъул Паралимпиадалда гIахьаллъизе вуго Шималияб Гьириялдаса атлет Хугаев Гочаги. Гьев векеризе вуго 100 ва 200 метралъ ва халалъуде кIанцIизе вуго. 100 метралъ векериялъул ва халалъуде кIанцIиялъул рахъалъ гьав вуго гьаб сагIаталда дунялалъул чемпион. Гьес гьединго чIезарун руго россиялъул ва европаялъул чанго рекордалги.
Гьединго исана Лондоналде унев вуго Адыгъеялдаса Пономаренко Валерийги. 2008 соналда Пекиналда гьес кьвагьдон босун букIана меседил медаль.
Россиялдаса Лондоналде унеб делегациялда вуго кинабниги 270 чи, гьезда гьоркьосан спортсмен ккола 182яв-хутIарал руго тренерал ва кумекчагIи.