27 декабралда генераласе гьабулеб хъулухъги гьабун вукъана 95 сонил гIумруялде вахиндал хварав Михаил Калашников. Дунялалдаго цIар рагIарав ва дунялалъго пайда босараб автоматикияб къвагьулеб алат «Автомат Калашникова» тIоцебе ургъарав.
Москваялда Дагъистаналдаса ва Казахстаналдаса кIиго чIужу чIван ятиялда бан цIех-рех байбихьиялъул хIакъалъулъ лъазабулеб буго Россиялъул цIехрехал гьариялда тIасан комитеталъ.
Инсанасул ихтиярал цIунулез лъазабулеб буго гIакъубакьей Россиялда гIадатияб хIалбихьи лъун лъугьун бугин. Гьеб пикру загьир гьабун буго гIакъубакьей тIагIинабиялда хадуб чIараб Франциялъул насраниязул Ассоциациялъ.
Польшаялда россиялъул вакильлъиялде миллатчагIи тIадекIацIи гьабуралдаса хадуб рецIелалъулаб жаваб гьабичIого чIечIо россиялдаги. 13 ноябралда Москваялда «БатIияб Россия»-абулеб рикIкIинчIеб партиялъул чанго гIахьалчияс Польшаялъул вакильлъиялде цереги рачIун гъалмагъирал гьарун руго.
Шималияб кавказалдаса гIадамазул гIарзал руго Москваялда рукъзал рахъулаго дискриминациялда данд чIвалел рукIиналда бан. Лъазабиял чIвалел бакIазде балагьани рихьула Гьадин хъварал тIамчал.
Орхан Зейналовасул эбелалъ жий жийго жиндицаго кьвагьизайилин васасда гIайиб гьечIого такъсир тIад лъуни, ян абулеб буго.
Алексей Навальныяс рикIкIунеб буго жиндиего диваналъ къотIараб хIукму хас гьабун президентасул буюрухълъун
Москваялъул Магърибалъул рахъалдехун кколеб Бирюлево мухъалда карал лъугьа-бахъиназда бан тахшагьаралъул мэр Сергей Собяниница итни къоялъ лъазабухъе полициялъе кьун руго киналго къваригIунел тIадкъаял Егор Щербаков чIварав чи хех гьабун валагьиялда барал.
АнцIила цоабилеб августалда бакъанида сагIат анкъо тIубараб заманалъ Москваялде роржине кколаан цудунго босараб билеталда рекъон «ВИМ-АВИА» авиакомпаниялъул аэропланалда. 12 августалда, моцIалъул хIухьбахъиги лъугIун хIалтIуде, Дагъистаналдаса Москваялде щвезелъун.
Къануналде хиса-басиял хΙадурарал депутатал Алексей Журавлевасги Сергей Жигаревасги рикΙкΙунеб буго Россиялда миграциялда хурхарал проблемаби рижизариялъе аслияб гΙиллалъун кколин хΙалтΙул мигрантазул къадар цΙикΙкΙун букΙинин.
Хамиз къоялъ Москваялда РИА-Новости агентлъиялда россиялъулги къватΙисе улкабазулги журналисталгун данд чΙвана Цолъарал штатазда ФБРалъул агентаз Флоридаялда чΙварав чачанав Ибрагьим Тодашевасул эмен Абдулабаки Тодашевги гьесда цадахъ россиялъул президентасда цебе бугеб гражданияб жамгΙият цебе тΙезабиялда ва инсанасул ихтиярал цΙуниялда тΙасан шураялъул гΙахьалчи Максим Шевченкоги, «Объектив»абулеб информациялъулгун -аналитикияб централъул нухмалъулей Хеда Саратоваги,юрист Заур Садахановги.
Лъабго къоялъул тIадещвейгун Россиялде вачIарав Европаялъул Шураялъул Генералияв секретарь Турбьерн Ягланд данд чIвана арбагI къоялъ россиялъулги къватIисел улкабазулги журналисталгун интерфакс агентлъиялда.
Гьанжесеб дунялалда инсанасул ихтиярал абураб сонайил доклад- 20I3 къватIибе биччана Халкъаздагьоркьосеб Amnesty International абулеб инсанасул ихтиярал цIунулеб гIуцIиялъ хамиз къоялъ Москваялдаги Лондоналдаги цадахъ. Докладалъ жаниб бачун буго 2012 соналъул январалдаса декабралде щвезегIан гьоркьобмех.
Фашистазул Германиялда тΙад бергьенлъи босаралдаса 68 сон тΙубаялда бан парад тΙобитΙана Москваялда. БагΙараб майданалдаги, цогидал шагьараздаги, Совет Союзалъул рукΙарал республикабаздаги.
Россиялъул президент Владимир Путинги, Чачанлъиялъул нухмалъулев Къадировги Рамзанги эркенаб раг1ул тушбабазул сияхIалде росун руго «ГIурхъаби лъаларел репортёрал» ай «Репортеры без границ» абулеб идараялъ. Гьезул доклад къватIибе бачIун буго гьал къоязда Эркенаб басмаялъул халкъазда гьоркьосеб къоялъе 20 сон т1убаялда бан цоги инсанасул ихтиярал цIуниялда сверун чанго машгьураб идараялъул докладазда цадахъго.
Россиялъул къватIисел ишазул министерлъиялъул сайталда шамат къоялъ къватIибе биччан буго сияхI Цолъарал Штатазул 18 гражданасул цIар хъвараб.Гьезие гьукъун буго россиялде рачIине. Рузман къоялъ Вашингтоналъ къватIибе биччараб «Сергей Магнитскиясул» сияхIалъе жаваблъун ккола гьеб.
Шималияб Кавказалъул ва Жанубияб федералияб мухъалъул курация гьабизе буго Казбек Коковас. Гьев кола Кабардагун -Балкариялъул парламенталъул депутат ва республикаялъул тIоцевесев президент Валерий Коковасул вас.
Россиялда гΙуцΙизе буго цΙияб партия 2011 соналда Владимир Путин президентлъиялде вищулаго гьесул рахъ кквезе гΙуцΙараб ТΙолго Россиялъул Халкъияб фронтги кьучΙалъе босун .
Митингалги тIоритIун лъугIана Россиялъул бесдалазул проблемаги, гьезие гIицIго Цолъарал Штатазда гьабулеб къварилъиялъулги бицун лъугIана. КидалъизегIан? ЦIидасан цоги лъимер хванин Цолъарал Штатазда, гьеб хьихьизе бачаразул кIвар гьечIолъиялдалъунилан рагIизегIанищ?
Россиялъул комунист партиялъул лидер Геннадий Зюгановас Москваялда шамат къоялда тIобитIараб партиялъул 15 съездалда какана улкаялъул нухмалъи улка цIунизе тадбирал тIоритIулел гьечIилан. Съезд тIобитIун букIана Россиялда улка цIунулезул къолъун лъазабураб 23 февралалда.
Загрузить еще