Ссылки для упрощенного доступа

Орхан Зейналовасул улбузул баянал


Орхан Зейналовасу эмен Загьид.
Орхан Зейналовасу эмен Загьид.

Орхан Зейналовасул эбелалъ жий жийго жиндицаго кьвагьизайилин васасда гIайиб гьечIого такъсир тIад лъуни, ян абулеб буго.

Жиндицаго кьурал лъазабияздаса инкар гьабуна азербайджаналдаса Орхан Зейналовас хамиз къоялъ.

Орхан Зейналов рикIкIунев вукIана москваялъул Бирюлево мохъалда Егор Щербаков чIваравлъун.

«Дун разияв гьечIо. Дица чIвайчIо».- ян абун буго гьес москваялъул Преснялъул диваналда туснахъалда гьев тIамизе тIалаб гьабулеб заманаялъ.

Гьеб лъазаби гьабизеги Орхан Зейналовас тIалаб гьабун вуго азербайджаназул мацI гIурусалде буссинабулев чи.

ЦIехрех тIобитIиялда тIасан комитеталъул цевехъан Владимир Маркиница «РИА Новости» агентлъиялъе абухъин Орхан Зейналовасда циндаго кIочон тун буго гIурус мацI.

Цебеккун лъазабулеб букIана Орхан Зейналов разилъанин гьев гIайибав вукIиналдасайин абун. Гьебги живго цIунун нус тунканин, амма чIвазе къасд букIинчIин жиндир ян абун буго гьес.

Владимир Маркиница гьединго лъазабулеб буго гIурал хIужжаби ругин Орхан Зейналовасда тIад гIайиб чIезабизе рес кьолелин абун. Гьел лъезе руго цIехрехалъул кьучIалда ва диваналде ритIизе руго.

Азербайджаналъ Россиялъул къватIисел ишазул министерлъиялде бачIараб кагъаталда хъвалеб буго Орхан Зейналов кколаго гIайибгьечIолъиялъул презумция хвезабун бугин.

Зейналов кколаго гьесдехун кьварараб къагIида хIалтIизабун бугин, ва диван къотIилалдего гьесда такъсирчи вугинги абун бугин. Гьедин кьолеб буго интерфакс агентлъиялъ.

Россиялда жидерго вас ккун вачун араб къагIидаялдаса разилъи гьечIолъи загьир гьабулеб буго Орхан Зейналовасул Азербайджаналда ругел эбел инсуцаги.
Гьабун батуларин жидер васас гьединаб ишин рикIкIунеб буго Орханил эмен Захид Зейналовас.

Гьеб иш ккун батани чIварав васасул эбел инсуда тIаса лъугьаян гьарулин жиндица ян абулеб буго гьес.

Васасдехун бугеб бербалагьиялдасаги рази гьечIо Захид Зейналов.
«Щибаб улкаялъул руго къанунал .Гьес такъсир гьабун батани тамихI гьабе.Черхалъе зиян гьабизе ккеларо.Лъугьараб таралъул цIех-рех гьабе».-ян абулеб буго инсуца.

Эбел Ясемен Зейналовалъул рагIабазда рекъон вас киданиги цеве полициялде ккун вукIун гьечIо.

Эбел кIалъан йиго васасде 15 октябрялда гьев ккураб къоялъ. Жив цогидасда релъун вихьун мекъи кколел ругин абунин жиндида вас ян бицунеб буго эбелалъ.

Эбелалъ нахъ чIвалеб буго Орхан Зейналов Россиялда I0 соналъ вугин абурабги. Лъабго сон гурони гьелъул рагIабазда рекъон васас Россиялда балеб гьечIо. Васада гIайиб гьечIого тIад такъсир чIезабулеб бугони жийго жиндицаго кьвагьизайизе йигин абун буго эбелалъ.

Россиялъул цIехрехалда тIасан комитеталдасан лъазабулеб бугохъин Орхан Зейналов автомобил тункизабунин цо лъагIелалъ туснахъалдаги вукIун вуго, лъабго соналъ автомобил бачине ихтиярги кодоса босун букIун буго.

Москваялъул полициялъул нухмалъулев Александр Якунинил рагIабазда рекъон Азербайджаналъ Орхан Зейналов валагьулевги вукIун вуго чIвайхъвай гьабунин абун.

Амма Азербайджаналъул жанисел ишазул министерлъиялъ гьеб лъазаби тасдикъ гьабун гьечIо информация тIибитIизабулел алатаз лъазабулеб бугохъин.
XS
SM
MD
LG