Ссылки для упрощенного доступа

Бергьенлъиялъул къо


Фашистазул Германиялда тΙад бергьенлъи босаралдаса 68 сон тΙубаялда бан парад тΙобитΙана Москваялда. БагΙараб майданалдаги, цогидал шагьараздаги, Совет Союзалъул рукΙарал республикабаздаги.

Гьаб соналда парад тΙобитΙулаго аслияб кΙвар кьун бугоан Россиялъул рагъулаб техника цебелъеялъе. БагΙараб майданалданалдасан ана Россиялъул рагъул къуватазул 100 батΙияб техникия къуватал. Гьездаго гьоркьор - ракета тополь-Мги.

Аза-азар аскариявги, офицереалги, рагъул цΙалул идарабазул курсанталги . Чанго соналъ рагъул къуватазда гьоркьоб бугеб техника гуребги Россиялъ парад тΙобитΙулаго цебе бахъун рукΙана ахирал церетΙеялги.
Рагъулал тирелаби-КА-52, МИ-28, цΙиял рагъулал аэропланал, цΙигьарун къватΙире риччарал СУ-2, МИГ-29.

Рагъул парадалъул хΙадурлъиялъул хΙакъалъулъ Россиялъул президент Владимир Путинида лъазабуна рагъул министр Сергей Шойгуца. Сергей Шойгуе гьеб ккола тΙоцебесеб хΙалбихьи.

Президент Владмир Путин: «Нилъеда киданиги кΙочене гьечΙо Россиялъ,Свет Союзалъ биччайчΙолъи фашизмалъе дуниялалдаго хъат базе. ТΙолго дуниялалдаго рекъел цΙуниялъе бажаранщинаб гьабизе буго нилъеца».

БагΙараб Майданалде хасал ахΙиялъул кагътазда рекъон гурони риччалел рукΙинчΙониги парад тΙобитΙулеб куцалъухъ балагьун халкъ чΙун букΙана гьеб бихьулел бакΙазда.


Ветераназда баркиялъул табрирал киса кирего тΙоритΙулел рукΙана Москваялда. Ниж щвана рагъул ветераназе бищунго хΙухьбахъи гьабизе бокьулеб, гьез дандчΙвазе къотΙи гьабулеб бакΙ, КΙудияб Теарталда цебе бугеб майданалде. Рагъул гΙахьалчагΙаз ахΙулел кудчΙулги, дандчΙваразул ракΙалде щвезариялги, хъвалеб аргъанги, киналъухъго балагьун хΙайранлъун чΙараб халкъги. Гьез цояз цоязда абулеб рагΙулеб букΙана: «ХΙисаб гьабеха гьанже .Нилъеца визаби тΙалаб гьарула, путевкаби росун уна экскурсиязде, гьал гΙадамалин абуни лъелго рилъун щвана гьенире. Кинаб гΙакъубаги хΙехьон гьал унел рукΙун ратилел»- ян абулеб бугоан гьезул цояз.

Рагъул тохтур Зинаида Коваль: «Дун йикΙана рагъулай тохтур. Дун хутΙун йикΙана кΙиабилеб эшелоналда .ЦΙакъго захΙматго лъукъарал рукΙана дида аскΙор. Цо нухалъ уней йикΙана германиялъул цо шагьаралда. Киналго зодоре кьвагьдолел рук1ана. Щиб ккараб?- ян гьикъана дица. Десантищ бачΙараб. «Гуро, рагъ лъугΙана»- ян жаваб кьуна дие."

Сергей Александрович: «Гьеб букΙараб рохел щиб ха лъалеб нужеда.Унго-унгояб бергьенлъи. Бадиб магΙу хулараб бергьенлъи. БукΙинчΙо хъизан рокъоса чи камичеб»

Рагъул гΙахьалчагΙазул сонайил хьул букΙуна гьоркьоса чи камичΙого гьабго майданалда тΙасияб соналъги данд чΙвазе.Амма сонал анагΙан гьезул кьерал дагьлъулел руго. Ва гьале исанаги, Витя вачΙун гьечΙо, Герасимги гьечΙо –ян бицунел руго цо бакΙалде ракΙарарал рагъул гΙахьалчагΙазул къокъа.

Парад лъугΙи лъазабуна Россиялъул байрахъалъул кьераб кΙкΙуйги къватΙибе биччалаго БагΙараб Майданалда тΙасан роржарал 68 микьго аэропланалъ. Гьезул къадар бащад гьабун букΙана бергьенлъи щваралдаса 68 сон тΙубаялда.
Кидаго гΙадин разиял гьечΙелги рукΙана парад тΙобитΙиялдаса. Москвалъул бакьулъ автомобилазе хьвадизе гьукъун букΙиналда бан, автомобилазул читΙирал къватΙазда лъугьунел ругин абун.

ХΙинкъи гьечΙолъи чΙезабизе 9 маялда Москваялда 10 азарго полициялъул хΙалтΙухъан къватΙиве вахъинавун вукΙана. Москваялда парад тΙобитΙиялда тΙад хвезабураб гΙарцул Москваялъул мэр хисулев Петр Бирюковас «Эхо Москвы» радиоялъе бицахъе 110 миллион гъурущ хвезабун буго.

КΙудияб ВатΙанияб рагъулъ бергьенлъи щвеялъул байрам кидаго гΙадин лъугΙизабула Москваялъул заманалда рекъон къаси сагΙат Ι0 тΙубараб мехалъ риччалел салютаздалъун.

Материалы по теме

XS
SM
MD
LG