Москваялъул Магърибалъул рахъалдехун кколеб Бирюлево мухъалда карал лъугьа-бахъиназда бан тахшагьаралъул мэр Сергей Собяниница итни къоялъ лъазабухъе
полициялъе кьун руго киналго къваригIунел тIадкъаял Егор Щербаков чIварав чи хех гьабун валагьиялда барал.
Лъугьа-бахъаралъул хIакъалъулъ лъазабун буго президентасда. Москваялда низам чIезабизелъун тIадеги къуваталги кьун руго президентасул рахъалдасанги.
Низам цIуниялда тIад гьединго хIалтIулел руго миграциялда тIасан хъулухъалъул чагIиги, цогидал цIех-рехалъул хъулухъалги.
Егор Щербаков чIвараб Москваялъул Бирюлёво мухъалда аскIоб бугеб нигIматазул базаялда байбихьун буго хал-шал.
Хал-шал гьабун лъугIун хадусан база къазеги бегьула. Россиялъул санитарияв тохтур Геннадий Онищенкоца база къазе ккеялъул хIакъалъулъ лъазабун буго итни къоялъ информациялъул алатаз кьолеб бугохъин.Хал-шалал гьаризе руго гьеб базаялда гуребги цогидалги Москваялъул базараздаги
Москваялъуд Бирюлёво мухъалда ккараб лъугьа-бахъин хех гьабун кодобе босун буго ва гьелдасан жидеего цIар щвезелъун пайда босизе байбихьун буго миллатчагIаз.
Информация тIибитIизабулел алатаз кьолеб бугохъин гьатIан къоялъ Москваялъул Бирюлёво мухъалда гIумру гьабулезул къватIире рахъиналде гьоркьореги гIемерисел миллатчагIи рачIун рукIун руго.
Гьез итни къоялъ Москваялъул Бирюлёво мухъалъул гIумру гьабулезулгун тIобитIулеб буго гургинаб столги.
Талат къоялъ къурбан хъвеялъул байрамалда бан Москваялда миллатчагIаз гъалмагъиразде халкъ ахIиялдасаги цIодорлъиял гьаризе ахIулел руго Москваялъул тIадтараз. Гьеб къоялъ хIинкъи гьечIолъи чIезабиялда банги ункъазарго гIанасев чи чIезавизе вуго низам цIунизе: полициялъул хIалтIухъаби, аскариял, ва кумекалъулъе рахъаралги.
Мажгитал ругел Москваялъул мухъазда «Проспект мира» ва «Новокузнецкая» метроялъул станциязда аскIосан унел нухал автомобилал хьвадизе къан рукIине руго.
Хамиз къоялъго ккараб чIвай хъваялда бан Москваялъул Бирюлёво мухъалда гIумру гьабулезул данделъи тIобитIана гIицIго гьатIан къоялъ. КъватIире рахъине рукIанищ гьединаб чIвай хъваялда бан гIицIго Кавказалда чиясул цIар чIвай хъваялда гьоркьоб букIинчIеб ани?- абун суал лъолеб букIана нижергун гарачIвари гьабурал, Москваялъул тIадегIанал цIалул идарабазул цо-цо студентаз.
Гьез жидедаго рагIарал мисалал рачунел ругоан. Тропарево-Никулино паркалда рехун батун буго, лъазе кIолареб къагIидаялде ккезабураб Анастасия Ниловалъул, кIиго анкьалъ цебего тIагIараб къаркъала.
Гьей тIагIун йикIиналъул хIакъалъулъ эбелалъ лъазабун букIун буго полициялде кIиго анкьалъ цебего. Амма полициялъ гьей ялагьизе инкар гьабидал жибго жидедаго чIун хIалтIулеб агенствоялде инее ккун йиго эбел.
«Гьаб лъазаби «Эхо Москвы» радиоялъул сайталда цIалана дица»-ян абуна нижеда МГМСУ-ялъул 2 курсалъул студент Ибрагьимица.
Гьединго цоги лъугьа-бахъин: гьатIанкъоялъ футболалъул фанатал Москваялъул Бутово мохъалда гьекъезе кваназе данделъун рукIун руго. Гьениб ккараб дагIбаялъул хIасилалалда чIван вуго цо гIахьалчи.
Гьединал мисалал цоял цояз руцIинарун рицунел рукIана студентаз, ва кIвар буссинабулеб букIана Кавказалъул цIар бахъараб ишалда сверухъ кидаго кутакаб ахIи- хIур бахъинабулеблъиялде.
Цо-цо москваялъул гIумру гьабулезулгун нижер ккараб грачIвариялда гьез бачIинахъего гьоркьоб къотIизабуна миллатазде рокьукълъи загьир гьабиялъул кьучIалда бахъинабураб ахIи хIур гьеб букIиналде.
«ЧIалгIун буго. Кавказалъул букIа, цоги миллаталъул букIа халкъалъ Москваялда гьарулел чIухIиялги, бокьа-бокьарабги, чIвай хъвеялги. КидалъагIан хIехье колел нижеца?
Нижеца абулеб гьечIо миллатазде данде чIеял гьареян. Нижеца тIалаб гьабулеб буго, лъица гьабизе кколеб батаниги низам чIезабеян». - Гьедин ниже абуна 45 сон барав тохтур Василий Ютица.
Москваялъул Бирюлево мухъалда гьатIанкъоялъул къаси карал гъалмагъиразул хIасилалда 400 го гIанасев чи ккун вукIун вуго.
Гьездасан кIиго чи, лъалеб бугохъин гъалмагъирал байбихьараллъун рикIкIунел, тун руго жанир тIамун. ХутIарал къватIире риччан руго гарачIвариялдаса хадур.
Жанисел ишазул министерлъиялъул Москваялъул бутIаялъул нухмалъулев Анатолий Якуниница итни къоялъ лъазабухъе полициялда гIага-шагарго лъалев вуго Егор Щербаков чIван ватизе бегьулев чи.
Гьев кивго валагьулев хIисабалда лъазабизелъун гьесул хIакъалъулъ информация бакIарулеб бугин лъазабун буго Якуниница.
----------------------------
Дагъистан республикаялъул ЖамгIияб Палатаялъул мушаварачи ва Москваялда бугеб Дагъистаналъул культурияб централъул нухмалъулев хисулев ГIабдулхабиров МухIамадица рехсараб суалалда тIаса баян гьабулаго какулеб буго жиндирго цо-цо ракьцоял ва Россиялъул миллияб политика.