Вакиллъиялъул рахъалде рехун руго цIа рекIунеб лъамалъи жаниб бугел шушбиги, кIкIуй гьабулел кьвагьулел алаталги.
Польшаялъул вакиллъиялда цебе кодоб «Россия Варшавалдаса Порт-Артуралде щвезегIан»- абун тIад хъвай -хъвагIай гьабураб игIланги кодоб ккун чIун рукIун руго.
Жидерго изну кьечIеб акцияциялда миллатчагIазул партиялъул гIахьалчагIаз ахIун руго империялъулал ахIиялги.
Лъугьабар таралъул хIакъалъулъ бицунбуго «Эхо Москвы» радиоялъе акцIиялда гIахьаллъараздасан цояв рикIкIинчIеб «БатIияб Россия» -абулеб партиялъул цевехъан Константин Макаровас.
Байбихьуда «Грани.ру» ялда хъвалеб букIана полициялъул бутIабазде рачун ругин акциялъул 4 гIахьалчи.
Полициялъул бутIаялдаса хадубккун «Интерфакс» агентлъиялъе якъин гьабун буго 3 чи вачиналъул хIакъалъулъ админитративияб тамихIалде цIазелъун.
РикIкIинчIеб партия «БатIияб Россия» гIуцIиялъе байбихьи лъураздасан цояв Сергей Аксеновас хадубккун «Твиттералда» хъваралда рекъон полициялъул хIалтIухъабазе мукIурлъичIин абураб къануналъул бутIаялда рекъон тамихI гьабизе бегьула акциялъул гIахьалчагIазе.
Гьеб кола я 15 сордо къо туснахъалда, яги азарго гъурущ гIакIа бахъизе бегьула.
Польшаялъул вакильлъиялдасан пресс-секретарас «Интерфаксалъе» бицахъе вакиллъиялъе ккараб зарал гьечIо.
Жидер хъаравуллъиялъиялда рихьарал гъалмагъирал рукIинчIин абун буго гьенисан.
Дагьаб цебе Польшаялъул националистаз Варшаваялда россиялъул вакильлъиялда цебе гьабур аб гъалмагъиралда бан Польшаялъул президентас арбагI къоялъ абун буго гьеб бугин лъезе цIар гьечIеб гъалмагъир.
Ва Польшаялъул рахъалъ Россиялда тIасалъугьаян абизе кколин.
Польшаялъул къватIисел ишазул министерлъиялдасан россиялъул рахъалъе официалияб лъазабиги хIадурун бугин гьеб лъугьабахъиналда бан.
Польшаялда россиялъул вакиллъиялда цебе националистаз гьабураб гъалмагъиралъе жавабияб гъалмагъир Россиялда Полъшаялъул вакильлъиялда цебе гьабиялда бан россиялъул пачалихъияб думаялъул къватIисел ишазда тIасан комитеталъул нухмалъулев хисулев Леонид Калашниковас «Эхо Москвы» радиоялъе абун буго нилъер улкаялъе рогьояб иш гьабун бугин.
Варшаваялда гъалмагъирал гьарун руго Польшаялъ лъиданиги байчIеб къо кIодо гьабулаго. Гьеб Польшаялда гIадатлъун билъун буго. Россиялда жавабиял ишал гьари гъалмагъи кколин абун буго депутатас.