Гьедин лъазабуна президент Владимир Путиница Ростов -Доналда тΙобитΙараб ТΙолго Россиялъул Халкъияб фронталъул тΙоцебесеб конференциялда.
Халкъияб фронталъул съезд гΙуцΙизе тΙад къараб комитеталъул нухмалъулев Андрей Бочаровас журналистазда бицахъе политикияб партия гΙуцΙизе ракΙалда гьечΙо. Амма гьеб партиялде гьоркьобе бокьараб политикияб партия бачΙиналъе квалквалги гьабизе гьечΙо.
Андрей Бочаров: «Ниж хΙадурал руго конструктивияб гарачΙвариялде улкаялда ругел киналго политикиял къокъабазулгун. Масала «Справедливая Россия» партиягун.
«Единнная Россия» партия гьанжего бугин ТΙолго Россиялъул Халкъияб фронталъул партнёрин абуна Андрей Бочаровасул.
Живго Владимир Путиница лъазабухъе Халкъияб фронталъул конференциял тΙоритΙизе ккола зама- заманалдасан. Халкъияб фронт сверизабизе кола жамгΙияб багъабачариялде.
Гьеб багъабачарилъун рикΙкΙараб съездги тΙобитΙизе буго бачΙунеб июналлда.
Халкъияб фронталъул партия гΙуцΙизе бегьиялъул Россиялда экспертаз бицунеб букΙана конференция тΙобитΙилалдего.
Нижер радиоялъе интервью кьолаго инсанасул ихтиярал цΙуниялда тΙасан «За гражданские права» багъабачариялъул нухмалъулев Лев Пономаревас гьабсагΙаталда Россиялда тΙоритΙулел ругел инсанасул ихтиярал цΙунулел идарабазул халшал гьабиялги разарулел руго халкъияб фронталъул партия гΙуцΙулеб букΙиналда.
Лев пономаревасул рагΙабазда рекъон «Единная Россия» партиялъул къимат холеб буго. Владимир Путиние къваригΙун буго гьев легитимиявлъун гьавулеб демократияб гΙуцΙи.
Гьединлъидал хΙисабалде босун буго гьес нухмалъи гьабулеб партия гΙуцΙизе.
Лев пономаревасул рагΙабазда рекъон халкъияб фронталда гьоркьор руго идараби, жалго гΙуцΙун хутΙизелъун Владимир Путиница рахъ кквезе къваригΙарал, пачалихъалдасан гΙарацги къваригΙарал.
Халкъияб фронт киназго рикΙкΙунеблъун лъугьине ккани гьелде гьоркьоре ракΙаризаризе кола Россиялда ругел киналго идараби.
Гьеб гьабизе хΙаракатги бахъулеб буго халшалалги тΙоритΙун.
Лев Пономарёв: «ХΙакъикъаталдаги Халкъияб фронт цохΙо гурони гьечΙеблъун гьабизе ккани гьез тΙагΙинаризе кола пачалихъиял гурел идараби.Гьелъие кьоркьбакΙ бацΙад гьабулебги буго гьез.
Кинабха хΙасил букΙине бугеб? Халшалаздаса хадур чанги идарабазулгун гарачΙвари тΙобитΙизе буго, гьел хΙинкъизаризе руго, ва гьел журазе руго ТΙолго Россиялъул ЖамгΙияб фронталде гьоркьоре.»
Гьединаб бербалагьи загьир гьабуна ниже Лев Пономаревас.
Гьесул рагΙабазда рекъон хутΙарал идарабиги тΙагΙинаризе руго. Яги къватΙисел хΙукуматазул агенталин жалго рикΙкΙине тΙамизе руго. Амма гцониги идараялъ жалго къватΙисеб хΙукуматалъул агенталин рикΙкΙиялда жив божуларин абулеб буго Лев Пономаревас.