Ссылки для упрощенного доступа

Путингун Къадиров- эркенаб рагlул тушбабазул сияхlалда


Россиялъул президент Владимир Путинги, Чачанлъиялъул нухмалъулев Къадировги Рамзанги эркенаб раг1ул тушбабазул сияхIалде росун руго «ГIурхъаби лъаларел репортёрал» ай «Репортеры без границ» абулеб идараялъ. Гьезул доклад къватIибе бачIун буго гьал къоязда Эркенаб басмаялъул халкъазда гьоркьосеб къоялъе 20 сон т1убаялда бан цоги инсанасул ихтиярал цIуниялда сверун чанго машгьураб идараялъул докладазда цадахъго.

Журналистал чIварал такъсирчагIи ратунгутIиялъул рахъалдасан Россия тIоцебесеб 10 улкаялде гьоркьобе унеб буго.

Цолъарал Штатазул журналистал цIуниялда тIасан комитеталъ сонайил къватIибе биччалеб «ТамихI гьечIолъиялъул индекс-2013» -ялда Россия буго 9 бакIалда.
142 миллионгIан чи вугеб Россиялда 14 журналист чIваялда бараб такъсир рагьичIого хутIулеб буго жакъасеб къоялъги.

«ТамихI гьечIолъиялъул индекс-2013»-ялъул автораз кIвар буссинабулеб буго журналистал чIварал тамихIалде цIазе Россиялъул тIадтарал церего гIадин бажаригьечIелъун хутIулел рукIиналде .

ЦIех рехалъ жанибе бачунеб буго 2003-2012 соналде щвезегIан гьоркьобзаман. Гьелде гьоркьоре рачIун руго улкаби 5 ялде щвезегIан журналист чIварал ва такъсирчагIи ралагьизе тIадтараз кинаб букIаниги кIварги кьечIел.
Россиялда I4 журналист чIваялъул такъсир хутIулеб буго рагьичIого. Россиялъул регионазда гьоркьоб Шималияб Кавказги буго бищунго журналистазе хIалтIизе хIикъараб регионлъун хутIулеб.

Мисалалъе пачалихъияб телерадиокампаниялъул корреспондент Казбек Гекиев- 2012 соналъул декабралда чIварав. Жакъа къоялъги гьев лъица чIваравали лъалеб гьечIо. Журналистал чIварал ратизаризе ва гьел тамихIалде цIазе тIадтаразул кидагосеб кIвар гьечIолъиялъ адвокаталги инсанасул ихтиярал цIунулелги тIамулеб руго Европаялъул диваналде гIарзалъ инее.
Мисалалъе, араб бакI лъайчIого тIагIарав ва чIваравин тарав журналист Максим Максимовасул адвокатаз Европаялъул инсанасул ихтияразда тIасан диваналде кьураб гIарзалда абулеб буго: «Россиял тIадтараз рец-бакълъун толеб буго журналистал чIварал тамихIалде цIайчIого хутIи»- абун.

ЦIияб газетаялъул журналист Анна Политковская чIвазе буюрухъ кьурал рати хутIулеб буго хьулгьечIеб ишлъун. Гьей чIваялъулъ гIахьаллъарав Дмитрий Павлюченков чIвазе буюрухъ кьуразул цIарал рицинине тIамичIолъиялда бан.

Араб соналдаги Россия букIана гьабго 9 бакIалда.Экспертаз кIвар буссинабулеб буго соналдаса соналде ахIвал хIал хисулеб гьечIолъиялде.
Журналистал цIуниялда тIасан комитеталъ гьаб цIехрех къватIибе биччан буго, 3 маялда кIодо гьабулеб халкъазда гьоркьосеб эркенаб басмаялъул къоялда бан.
Гьеб кIодо гьабизе 1993 соналдаса нахъе хIисабалде босун букIана Цолъарал миллмтазул гIуцIиялъул Генералияб Ассамблеялъ.
ТIолго халкъалъул ихтияразул декларациялъул I9 бутIаялда рекъон эркенго жиндирго пикро загьир гьабизе инсанасул бугеб ресалде кIвар буссинабизелъун.
Гьаб соналда 20 сон тIубараб байрам ккола халкъазда гьоркьосеб эркенаб басмаялъул къоялъул.

Гьелдаго бан машгьурал инсанасул ихтиярал цIуниялда тIасан идарабаз къватIире риччан руго жидерго каламал.
ГIурхъи гьечIел репортерал ай «Репортеры без границ» абулеб идараялъ къватIире лъазарулел руго 39 улкаялъул нухмалъулезул цIарал, официалияб къагIидаялъ жидецаго эркенаб рагIул тушбабилъун рикIкIарал.
Гьезда гьоркьор руго Россиялъул президент Владмир Путинилги, Чачаназул президент Къадыров Рамзанилги цIаралги.
ГIурхъи гьечIел репортерал» ай «Репортеры без границ» идараялъул каламалда кIвар буссинабулеб буго Владимир Путинил абулеб цо-гьабулеб цогидаб букIунеблъиялде.
Мисалалъе рачунел руго Владимир Путинил рагIаби:

«Информация тIибиIтизабулел алатазул киса кибего щвараб ва жавабияб позиция, унгоунголъун лъиданиги байчIеб, ва бахIарчияб журналистика- кидагоялдасаги хIажат буго жакъа Россиялда»-журналистазул цолъиялъе гьабураб рец-бакъалдасан калам.

«ГIурхъи гьечIел ркпортерал» ай «Репортёры без границ» идараялъул комментариял:
«Лъиданиги бйчIеб журналистика Россиялда, пачалихъ чIаголъизе чара гьечIого къваригIунеб, цIакъ хIинкъи бугеб иш ккола. Владимир Путин нухмалъиялде вачIаралдаса нахъе 29 гIанасев журналист чIвана Россиялда гьезул професссиялъе гIоло.Журналистазде тIаде кIанцIи-тамихIалде цIайчIого теялъул хIасиллъун колел. Нахъаса къотIулеб гьечIо. Хвалде ккун вухарав Михаил Бекетов хвана живго вухарал диваналда цере чIейги бихьичIого, жакъаги лъаларо лъица буюрухъ кьураб Анна Политковская чIваялъе,щал тIаде кIанцIарал Олег Кашиниде, лъица чIварав ХIажимурад Камаловали».
ГIурхъи гьечIел репортерал» ай «Репортеры безграниц» идараялъул каламалда гьединго кIвар буссинабулеб буго Чачаназул президент Къадыров Рамзаница битIахъе малъулеб букIиналде информациялъул алатаз жидерго хIалтIи гIуцизе кколеб куц.

«ГIурхъи гьечIел ркпортерал» ай «Репортёры без границ» идараялъул
сияхIалда руго Азербайджаналъул президент ИльхIам ГIалиевги ,Белорусиялъул президент Александр Лукашенкоги, Казахстаналъул президент НурсултIан Назарбаевги цогидалги.

ТIадекIанцIияздасаги чIваяздасаги журналистал цIунизе ккани тIолго дуниялалъул халкъаз кьуват цолъизабизе кколин рикIкIунеб буго Цолъарал миллатазул гIуцIиялъул Генералияв секретарь Пан Ги Муница. Халкъазда гьоркьосеб эркенаб басмаялъул къоялда бан гьабураб жиндирго каламалда гьес эркенго кIалъазе хIинкъулареб хIал гьаби, тIолго дуниялалъулго интерес букIине кколин рикIкIунеб буго .

Халкъазда гьоркьосеб эркенаб басмаялъул къоялда бан тIолго дуниялалдаго гIемерал тадбирал тIоритIун руго. Бищунго кIвар бугеблъун лъугьун буго 2-4 маялде щвезегIан Коста-Рики ялда тIобитIараб конференция.
Гьелда калам гьабун буго Цолъарал Штатазул президент Барак Обамаца. Ва ахираб нухалъ кьун буго халкъазда гьоркьосеб кIвар бугеб премия-«Къварилъиялде карав репортерасе»- абураб. Исана гьеб кьолеб буго эфиопиялдаса журналистка Реоте Алемуе. Гьей тIамун йикIана туснахъалда. Эфиопиялъул руччабазул язихъаб ва ихтиярал гьечIеб гIумруялъул хIакъалъулъ макъала хъваялъухъ.

Премиялда цIар лъун буго 1986 соналъ чIварав Колумбиялдаса Гильермо Канол. Гьес къватIире чIвазарулел рукIана Колумбиялъул наркотикал ричулезул бутIрул. Гильермо Кано чIваралги, чIвазе буюрухъ кьуралги жеги ратунги гьечIо.
XS
SM
MD
LG