Кремлалъе бокьун буго къватIисел улкабаздаса иллегалиял хIалтIухъабазе рагьун, къануналда рекъон хIалтIизе ресги кьун гьезие щолеб харжалда магъало лъезе, гьелде тIадеги Россиялъе мигрантал къваригIун руго халкъ херлъулеб букIиналда банги.
Гьедин рикIкIуна экспертаз. Амма иммигрантаздехун бугеб рокьукълъиялъ, ругелги къанунал цIунулел гьечIолъиялъ ва мигрантазул хIалтIудаса хайир босулеб рагIдукь бугеб экономика улкаялда букIиналъ квал-квал гьабулеб буго мигрантазул хIалтIи къануналъул гIурхъабалъе бачине.