«ГIела Кавказ кваназабураб»- абун росссиялъул миллатчагIаз гьарулел ругел хитIабал щибниги магIна гьечIеллъун ругин, Дагъистаналъе хIажат бугин жеги гIемераб гIарацилан абулеб буго республикаялъул нухмалъулев МухIамадсалам МухIамадовас. Гьал къоязда «Коммерсант» газеталъе кьураб интервьюялда Дагъистаналъул нухмалъулес тIад чIей гьабулеб бугоан бюджеталъул гIарац щолел регионазда гьоркьоб Дагъистан бищунго нахъа бугин, республикаялда цо чиясе щолеб батани 20 азарго гъуруш, тIолго россиялда дандеккун балагьани цогидазе гьеб щолин 2 нухалъ цIикIкIун, ай 50 азарго гъуруш. Гьелда тIадеги анцI- анцI соналъ тIурачIого ругел суалал ругин республикаялда, гьел гьел тIуразе ккани жеги гIемераб гIарац къваригIунин.