Ссылки для упрощенного доступа

Цоязе гIагараб, цогидазе добегIанаб мажлис...


Рузман къоялъ Москваялда тIобитIараб Дагъистаналъул Халкъияб мажлисалда тIасан цоккураб пикру гьечIо республикаялдаса жамгIиял хIаракатчагIазулги ва цо цо экспертазулги. Халкъалъул унго- унгоял вакилзаби гьеб данделъиялда рукIинчIилан рикIкIунелги руго. Мажлисалъул гIахьалчагIаз тIалаб гьабулеб букIана Дагъистаналъул нухмалъулев хъулухъалдаса нахъе ине кколилан. Гьеб данделъи Москваялде швезегIанги ун тIобитIичIониги бегьулаанин рикIкIунеб буго цо цояз. ГIемерисел божулел гьечIо иргадулаб Халкъияб мажлисалъулги киналго разияб хIасил букIинилан.

Москваялда тIобитIараб Дагъистаналъул Халкъазул мажлисалда гьелъул гIахьалчагIаз тIалаб гьабулеб букIана республикаялъул нухмалъулев МухIамад Салам МухIамадов хъулухъалдаса нахъе ин. Республикаялъул тIалъиялда дандечIараб данделъи букIиналъ гьелъие квал -квал гьабизе съезд тIобитIилалдего хIалбихьана. Москваялде унеб букIараб автобусалде кьвагьдана щалали лъазе кIвечIел чагIи тIад рекIараб автомобилалъусан. Кин бугониги съезд тIобитIана араб рузман къоялъ тахшагьаралъул «Космос» гостиницаялда. Амма цебеккунго лъазабураб къагIидаялъ 500 гурев, кинаваниги 300 чияс гурони гIахьаллъи гьабичIо гьениб.

ГIумаров ХIажимурад, мажлис гIуцIаразул цояв
ГIумаров ХIажимурад, мажлис гIуцIаразул цояв
Киналха ругел гьеб данделъиялда тIасан жалго дагъистаниязул пикраби?:

Цояца абулин гьелда нахъа хасал къуватал ругилан, цогидаз абулин халкъалъул ургъел букIун тIобитIараб данделъи гьеб гурилан, лъабабилез тIубанго батIияб пикру загьир гьабулеб бугин лъаларин кинасе кинаб кимат кьелабалигицинилан мукIурлъана нижер программаялъе жамгIияв хIаракатчи Сулейман Уладиев. Жиндица гьеб данделъиялда гIахьаллъи гьабичIин, амма гьенир гьарурал кIалъаязда хадуб халкквечIогоги течIин. Квешав чияс абуниги лъикIас абниги кIицIул кIиго ункъо букIунин, амма жакъа квешав чияс лъикIаб рагIи абунани гьеб кколин гьереси, гьесда халкъ божизе гьечIин.

Уладиев Сулейман: « Съезд гIуцIун букIинчIо халкъалъул чагIаздаса, ракъарал, къечарал, язихъал, гIакъилал унго унголъунги халкъалда жанисан бугеб унти загьир гьабулел гIадамал гьенир рукIинчIо. Доре делегаталлъун рихьизарун рукIарал чагIазда нахъасан хабар бицунев чи гуро дун, амма жалго церехъабазда бараб жоги чанго букIунелъулха, гьезул мисал буго дица гьаниб бачунеб. Мисалалъе дида гьикъани жакъа кинав нухмалъулесда хадувин мун вилълъиневан, гьедун абизе кIвела ахираб къого соналда жанир нухмалъуда рукIарал чагIазул цонигиясда божилъи гьабиларилан. Халкъалъухъ ракIги унтарал, гьезие гIололъун рукъи бараб ретIелги ретIун хьвадулел чагIазда хадув вугев чи вуго дун».

Республикаялъул нухмалъуда ругезухъ ахха- тIараде щун балагьани гьезда гъорлъги ругин иман яхIги бугел, халкъалъе гIололъун хIалтIизе гъеж гурарал гIадамал, амма гIемерисел ругин бикъулел хъамулел, чIвалел, халкъ зулмуялде тIамулел гIадамал, гьел нухмалъуда тезеги бегьуларин абуна Уладиевас хадубги:

Уладиев Сулейман: « Жакъа гьенир рукIине ккола рацIцIадал, гIакъилал, иманги яхIги тIокIал гIадамал. Гьедин дица абидал цоял рахъуна гьезул бакIалда рачIунел дагьалги квешал рачIунилан, гьерсал руго. Дица тIадехун рехсарал гIадал гIадамал течIо Дагъистаналда цере рахъине, цоял чIван, цогидал тIагIинарун, лъабабилезда рижараб ракьго тезабуна. Жакъа цо чиясда ракIалда бугеб пикру бицине гьев лъугьани ункъабго рахъалдаса гьужум гьабула гьесде, гьев гIодовегIан гьавизе».

Бокьараб хIукуматалда щибав чиясул ихтияр бугин жиндирго мурадал загьир гьарун митингал, гьединго цогидал бакьарал данделъаби тIоритIизе. Нилъер гьанибин абуни Конституциялъ кьураб ихтияр халкъалъ хIалтIизабизе толеб гьечIин тIалъиялъ, щайгурелъул гьел хIинкъулел ругин гьелъул хIасилалда жидерго загIипал, чорокал рахъал рагьун рихьизаризе рукIиналъилан абуна жиндирго кIалъаялда инсанасул ихтиярал цIунулев жамгIияв хIаракатчи ГIисалМухIамад Набиевасги. Москваялда тIобитIарб халкъазул съездалъ кIудияб хIасил кьезе гьечIилан рикIкIунеб буго гьес:

ГIисалмахIамад Набиев: «БукIине бугиш гьелъул хIасил? ГьечIо. ХIажат бугишилан абунани буго, цIакъ къвариIгун буго хIасил букIине. КигIан лъикIаб жиб бугониги бокьараб тIалъиялъул рукIуна халкъалда лъаларел загIипал рахъал, гьединал рахъал загьир гьаризелъун тIобитIараб тадбир ккола тахшагьаралда гьал къоязда букIараб съездги. Нилъер гьаниб бугеб тIалъиялъин абуни къан ккун чIезабун буго кинабго, жидеца абухъе букIине кколин ишилан абун. Гьезие бокьун гьечIо жидерго нахъегIанал пишаби къватIире загьирлъизе».

Москваялда тIобитIараб съездалъул гIуцIарухъабаз бихьизабунин жалго гьелде хIадур рукIинчIолъиян абуна жиндирго пикру загьир гьабулаго Дагъистаналда бугеб «Яблоко» партиялъул вакил Эседов Альбертицаги. Гьелъие мисаллъун гьес рехсана съездалда гIахьаллъи гьабуразул 13 чи я гостиницаялда регизе бакIалухъ, я тIадуруссун ватIаналде ине рекIадухъ гIарацги кьечIого гьез тей. Гьеб гуребги гьенир рорхарал суалал Дагъистаналда рорхиялъе сунцайин гьезие квал квал гьабулеб букIараб. Иргадулаб съездалъулги цо кIудияб хIасил ккелилан божулев гьечIо гьев:

Альберт Эседов: «Мажлис тIобитIи гIезегIан лъикIаб пикру бугониги гьелъ цо кIудияб, киналго разияб хIасил кьелилан кколаро дида. Бокьараб жамгIияталда жаниб гIадатияб жолъун ккола оппозиция букIин, гьелъ цогидалги гьесизарула жидерго пикраби загьир гьаризе, гьеб гьедин букIинеги ккола. Амма Москваялда съездалда букIараб оппозиция жибго букIинчIо тIоцебесеб иргаялда рагIа ракьанде швараблъун».

«Кавказская Политика» сайталъги хъвалеб буго хIакъикъаталдаги киназдаго ракIалда букIараб гIадаб хIасил рузман къоялъ тIобитIараб съездалъ кьезе гьечIин. Амма кин букIаниги Росиялъул президентасда цебе Дагъистаналъул нухмалъулев МухIамад Салам МухIамадовасул хIаракатчилъиялъул хашаб рахъ къватIиб чIвазабулеб данделъи гьеб букIараблъи хIакъаб иш бугин.
XS
SM
MD
LG