Россиялъул хIукуматалда ругел хIакимзаби божулел гьечIин Дагъистан Россиялда гъорлъ хутIилин абураб жоялда, гьединлъидал гьез хIаракат бахъулеб бугин гьенибе биччалеб гIарац щибаб нухалъ дагь гьабизеян абуна ЭР-ялъе жамгIияв хIаракатчи, «Дагъистаниял» абураб газеталъул бетIерав редактор ГIалисултан ГъазимухIамадовас. Гьебги цохIо гьезие бокьун гьабулеб ищ кколарин, гьездасаги къуватал къватIиса хIукуматалъулги ругин жегиги гIадамал Дагъистан Россиялдаса тIезабизе бокьарал, заманаялъ халкъ цIакъго ахIи -хIур бахъинабизе тIамичIого дагьа -макъаб жоги кьун чIезарун ругин.
Дагъистаналде бачIунеб гIарац дагьлъиялъе кIиабилеб гIиллалъун гьес рехсолеб буго гьанибе бачIунеб гIарцул цIикIкIарасеб бутIа хIакимзабаз жидедего тIезабизе хIаракат бахъулеб букIин, амма гьелдасаги бищунго квеш ккараб жо бугин регионалде гIарац биччаралъухъ гьелъул цо бутIа жидеего тIезабичIого дозги гIарац кьолеб гьечIолъи.
Дагъистаналда ругел гIадамазул гIумру лъикIлъизе ккани гьаризе кколел чанго тадбир рехсолеб буго ГIалисултаница. Гьелъул тIоцебеселъе баян кьолго гьес абуна Россиялъул нухмаллъиялда бичIчIизабизе къваригIун бугин Шималияб Кавказалда ругел гIадамалги россиялъулазда ихтиярал бащадал гIадамал кколеллъи, бицунеб течIого, цадахъго гьел шартIал чIезаризеги къваригIун бугин. КIиабилеб масъалаялда гъорлъ гьес рехсолеб буго киса кибего тIибитIун бугеб бикъа- хъами, тIубанго гьеб гIунгутIи лъугIизабизе кIоларин, амма дагьлъизабизе рес бугин.
Лъабабилеб масъала абуни ришватчилъиялъул суал, гьеб тIубанго лъугIизабизе кколин. Гьеб бакIалда нижеца гьикъана ГIалисултанида араб соналъ гIемер бицунеб букIанин регионазда ришватчилъи тIагIинабизе гьаризе ругел тадбиразул, амма гьезул цонигияб рагIалдеги бахъинчIин. Гьеб кининха рагIалде бахъинабилеб федаралияб централдаги ришватчилъи тIибитIун бугеб мехалъ, нилъер ракI гIодобе биччазелъун гьединал харбал риччаниги, хIакъикъаталда кинабниги ришватчиялъиялда данде гьабулеб хIалтIи гьечIилан.
ГIалисултаница гьенибго тIаде жубана журналистазда гьоркьобцин тIибитIун гьечIеб пикру бугин гьеб, Дагъистаналдасаги цIикIкIун ришватчилъи цебетIун бугин россиялъул цогидал регионаздаян.
ГIалисултан ГIазимухIамадов: «Россиялъул бечедал регионазда Дагъистаналдасаги цIикIкIун буго ришватчилъи, гьениб ришватчилъиялда сверухъ гьабулеб чIвай-хъвеялъул иш нилъер гьанибалдасаги гIемер буго. Дагъистаналда чIвай-хъвей гIемерисеб хурхараб букIуна диналда ялъуни политикаялда сверухъ, бикъа хъамиялда жанир кколел чIвай -хъвеял гьанир дагь руго. Россиялъул регионазда абуни чIвай-хъвей хурхараб буго аслияб куцалда ришватчилъиялдаги, бикъа хъамиялдаги».
«Коммерсант» газеталъе кьураб интервьюялда Дагъистаналъул нухмалъулес тIадчIей гьабулеб буго республикаялда хъулухъазде чи тIамулеллъул гьесул миллатчилъи цIехоларин, тIоцебесеб иргаялда хIисабалде босулин гьесул лъаялъул, гьединго махщалил рахъ. Амма ГIалисултан ГъазимухIамдовас абуна гьеб лахIчIегIераб гьереси бугилан:
ГIалисултан ГъазимухIамадов: « Дагъистаналда гIадамал хъулухъалде тIамулеб мехалъ аслияб куцалда хIисабалде босула кандидатасул чвантил биццалъиги гьесул миллатги. Гьеле тIадеги МухIамадсаламил кадровияб резерв буго хъизамалъул рахъалдасаниги, жиндаго цадахъ цIалулелниги, гьединго жиндирго инсулгун божилъиялда рукIаралниги гIадамал. Чи хъулухъалде тIамулелъул махащалил рахъалъ къимат кьолел мисалалазул махIцин гьечIо гьениб».
Июналъул ахиралда регионал цIеретIеялъул рахъалъ министерлъиялъ лъазабуна Шималияб Кавказ социалиябгун- экономикияб рахалъ цебетIеялъе 2025 соналде швезегIан цо триллионалдасаги цIикIкIун гIарац биччазе бугилан. Гьединго дагьав цевегIан Дагъистаналде вачIун вукIарав Росиялъул премьер Дмитрий Медведевасги абуна инфраструктура цебетIеялъе кумекалъе Шималияб Кавказалъе тIадеги 20 млрд. гъуруш биччазе бугилан.
Амма халкъалъул гьабсагIат бугеб хIакъикъияб гIумруялде балагьани лъикIаб рахъалдехун хисараб мисал цониги гьечIо. Мисалалъе итни къоялдаса байбихьун Дагъистаналъул шагьаралъул тукабахъ чадил буханкадул багьа циндаго хиралъан 7 гъуршица,18 –де букIараб чед бахун буго 25 гъурщиде. Чед бежулел пекарнябаз гьелъие гIиллалъун рехсолеб буго ролъул хъапалъул багьаги 500 гъурщидаса 800 гъурщиде швезегIан хиралъи.