Ссылки для упрощенного доступа

Мун гьавураб къоялъ, гьалмагъ, президент…


7 октябралда Россиялъул президент Владимир Путиние тIубала 60 сон. Гьелда бан нижеца хIукму гьабуна щибдай гьесие сайгъат гьабилеб букIараб нужецаян гьикъизе цо-цо дагъистаниязда. Гьеб цо суал кьуна нижеца батIи-батIияб ригьалъул, батIи-батIияб хIалтIи-пишаялъул ва батIи-батIиял бакIазда гIумру гьабулел ракьцоязе:

-Путиние дица гьарила халатаб гIумру, гьев гIадинав, сакъатал гIадамазул тIалаб -агъаз гьабулев президент нухмалъиялде вачIинчIо жеги, кинабго лъикIаб щинаб гьаризе бокьун буго дие гьесие.
ЭР- Гьарила, гьеб бичIчIун буго, щиб дуца досие сайгъаталъе кьелеб кинабго бугев чиясе?
-Дица кьураб жоялде хIажатав чи гъов вукIинишха, мисалалъе, вехьасул тIилиде хIажалъи букIарабани гъосул гьеб кьезе бегьилаан гъосие, амма къадада бан букIинейишха гьесие гьеб кьелеб?

- Путинил гьавураб къо баркун дица гьесие кьелаан гIадатияв хIукуматалъул хъулухъчиясул харжалде босизе щолеб сайигъат.

-Дир гIака къинлъун буго, цIцIодулъ хинкIал кьелаан дица гьесие хьит-хьит гIанасел, чIахIиял, гьединго тIадеги цо хъабахъги кьелаан кIудияб.

-Дица Путиние сайигъат гьабилаан Дагъистаналъул рахъалдаса цо берцинаб накъиш- квараги тIад бугеб, кубачиязул ялъуни гьоцIалъезул квералъ гьабураб ханжар

- Дие бокьилаан Президентасе сайигъат гьабизе «Дир Дагъистан» абураб Расул ХIамзатовасул тIехь. Гьесда Дагъистанги, гьелъул гIадамалги кинал ругелалиги лъазе, гьелдаса гьес пайдаги босизе.

-Щиб сайигъатаха гьесие дица гьабилеб? Баркилаан дица гьесда кверги босун гьесул гьавураб къо, лъикIав дир ракI рекъолев президент вуго. Хас гьабун гьадинаб сайгъат гьабилаанин цIар чIвараб жо гьечIо.

-Кинабго бугев гьесие щибха кьелеб? Нилъер аниб абулаха бищун лъикIаб сайигъат нилъерго квераз гьабураб букIунилан. Дицаги гьесие сайигъат гьабилаан дирго квераз бессараб, тIад гьесул суратги бахъараб берцинаб халича.

-Доб маргьудулъ херав ччугIихъанасухъе кквезе щун букIараб гIадаб меседил ччугIа кьелаан дица гьесие. Гьелъ киналго гьесул мурадалги тIуран, гьеб мехалъниги халкъалъул гIумру лъикIаб рахъалдехун хисуларищали бихьизе.

- Гьавураб къоги баркун цо кьегIер кьалаан дица гьесие ракI- ракIалъ, тIокIаб щиб сайгъатха гIадатияв вехьас дица гьесие гьабилеб? Гьев вачIани гьалъаве КьилимагIарде тIадеги вахине гьенир шашликIалги режизе, хIурматияб куцалда гьаб сайгъатги кьезе ахIилаан дицаги гьев, амма ахIанщинаб бакIалде вачIинишха саламатав Россиялъул президент.

-Путиние кьезе бегьила Дагъистналъул тарихалъул бицунеб тIехь. Гьелда жаниб рагIа -ракьанде щун хъван буго дагъистаниял жидерго ватIаналъе ва эркенлъиялъе гIоло кин къеркьолел рукIаралали. Гьелдалъун Путинидаги гьесда сверухъ ругездаги бичIчIизе букIана Дагъистаналдаса гIолилал армиялде ахIичIого тей Россиялъе зараллун сверизе букIин.

-Дица Путиние сайигъат гьабилаан цо дагьаб яхIги, гьедигIанго нич-намусги.

-Дица Путиние щиб кьелеб я? ЦIо расгицин кьелароан. Жакъа гIагараб Дагъистаналда гьоркьоса къотIичIого чанги лебалал васал чIвалел- хъолел, ва рикъулел ругеб мехалда гьесул гьавураб къоялъул ургъалидайиш дун вугев?

-Щиб кьолеб гьесие? Гьесие кьезе жо киб букIунеб? (релъи)… гьес гурищ жо кьезе кколеб? Салам гурони тIокIаб гьесие кьезе жо гьечIо...
XS
SM
MD
LG