Ссылки для упрощенного доступа

«Кавказ 2012»: мадугьалзаби хIинкъизе гьарулел ругьунлъиял?


Россиялъул президент В. Путиница халккун буго "Кавказ - 2012" абурал рагъулазул ругьунлъиязда хадуб. 17сент2012
Россиялъул президент В. Путиница халккун буго "Кавказ - 2012" абурал рагъулазул ругьунлъиязда хадуб. 17сент2012

Итни къоялдаса байбихьун Шималияб Кавказалъул Къилбаялъул рахъалда унел руго «Кавказ-2012» абураб цIаралда гъоркь тIоритIулел рагъулал ругьунлъаби. Гьеб рахъалъул рагъулаб округалъул пресс-хъулухъалъ кьурал баяназда рекъон, рагъулал ругьунлъаби тIоритIизе руго Волгоград, Астрахань ва Краснодар икълималдаги, гьединго Дагъистаналдаги. Информациялъул алатаз лъазабухъе, рагъулал ругьунлъабазда хадуб хал кквезе буго живго Россиялъул президент Владимир Путиница.

Дагъистаналда рагъулал ругьунлъаби тIоритIулел рукIиналъул хабаралъ рахIат хвезабун буго республикаялда гIумру гьабун ругезул. Гьелда цебеги букIиндалха хабар Дагъистаналде тIадеги рагъулал къуватал рехизе ругилан.

Рагъулал ругьунлъаби тIоритIиялъул аслияб мурад хурхинабулеб буго Цолъарал штатаз Ираналдехун рагъулал тIадекIанцIиял гьаруни, гьединго Каспиялъул рагIаллъабазда ругел регионазда рагъулал тунка-гIусиял кканани, Россия гьелде хIадур букIин бихьизабиялда.

Живго президентас абулеб буго гьел ругьунлъаби тIоритIиялъул аслияб мурад кколин къватIисахун улкалъе бугеб кинаб бугониги, бокьараб хIинкъи нахъчIвазе кIолеб къуват пачалихъалъул букIин бихьизаби.

Аналитиказул пикруялда рекъон, гьел тадбиразда гIахьалъи гьабизе буго кинабниги 8 азарго солдат ва офицерас, рагъулаб 10 гамица, 200-са цIикIкIун бакIаб рагъулаб техникалъ ва артиллериялъ, ракеталъул 100 гIуцIиялъ.

Ислам лъазабиялъул рахъалъ Шималияб Кавказалда вугев эксперт Руслан Гереевас абуна ЭР-ялъе республикаялда яргъид гIуцIарал гIадамаз ругьунлъаби тIоритIулел рукIин кколин дагъистаниязулъ хIинкъи рещтIиналъе гIураб хIужа. Гьеб гуребги республикаялда хIалуцараб ахIвал-хIал букIиналъул мисалалги ругелъул жеги гIунги тIокIал. Гьелдаго цадахъ Русланица рикIкIунеб буго политикиял суалазде гъорлъе ваккун сан гьабуларев чияс гьедигIан ургъел гьабизе кколеб хIужаги гурин гьебилан.

Руслан Гереевас абуна хIакъикъаталда бокьараб мехалъ мадугьалихъ ругел ресупубликабаздасан босаниги, гьединго цогидаб улкаялдасан босаниги, рагъулал тунка-гIусиял рукIинеги бегьулин, гьединлъидал гьел тадбирал тIоритIиялъ лъикIаб хIасил кьелин кколин жинда.

Руслан Гереев: « Гьел рагъулал ругьунлъаби тIоритIулел руго ургъунго Россиялъул пачалихъияб къуват бихьизабиялъул мисалалда. Ахираб анцIго соналда жанир гьединал кIудиял рагъулал ругьунлъаби тIоритIун рукIинчIо Шималияб Кавказалъул регионалда. Гьелъие харж гьабулеб буго гIемераб гIарац, хIалтIизабулеб буго гIемераб рагъулаб сурсатги ва гьединго гIахьаллъулел руго гIемерал батIи- батIиял рагъулал къуватал. Пачалихъалъ бихьизабулеб буго къватIисел тушбабазда Каспиялъул регионазда Россиялъул къуват цIикIкIунеб букIин, хIакъикъаталдаги гьеб цIикIкIунебги буго. Къуваталъул идарабаз цIохIо рагъухъаби ритIи гуребги, гьенибе рехулеб буго кIудияб, гьанже заманалда дандеккун ракъдада, ралъдалъ ва гьаваялда гIужие босанщинаб жо щущазабун бажарулеб къуватаб рагъулаб техника. Гьединлъидал абизе к1ола регионалда Россиялъул армиялде щвараб цогидаб къуват гьечIилан».

Гьединго гьел ругьунлъабазул бицунаго интернеталда тIибитIизабураб информациялда абулеб буго гьеб кколин Къилбаялъулаб Кавказалъул финляндизация абун. Гьелъул магIна кколеб буго жиндирго суверенитет щулалъизегIан гьитIинаб пачалихъалъ мадугьалихъ бугеб кIудияб улкаялъул ццин бахъине гьабуларин абураб. Гьеб термин бижун буго 70-аб соназдаго Финляндиялъулги СССРалъулги рукIарал гьоркьорлъабазул мисалалда.

«Алазан» абураб гIуцIиялъул нухмалъулев Лачинов Лачиница гьадин загьир гьабуна жиндирго пикру ЭР-ялъе гьел ругьунлъабазда тIасан:

Лачин Лачинов: «Гьел рагъулал ругьунлъабаз ракълилаб гIумруялъе кьезе лъикIаб жо гьечIо, ярагъ хIалтIизабиялъ лъикIалде рачунаро. РакIалде швезарила Карабахалда Югалъулаб Осетиялда ва Абхазиялда рукIарал тунка- гIусиял. Дагъистаналдаги, Кавказалъул халкъаздаги гьел конфликтал церего чIалгIун руго. Лъиениги къваригIун гьечIо гьел рагъулал гIорхъабазда ругел дандечIеялги дагIба -рагIиялги, цоцазе кьолел хIинкъабиги. Халкъалъе бокьун буго ракълилаб гIумруялда рукIине, хIалтIизеги, лъимал гIезаризеги гьел цIализаризеги. Улкаялъе хIинкъи бугилан багьанабиги ратун тIоритIулел руго щибго хIажалъи гьечIел ругьунлъабигун тадбирал. Дун божула гIицIго ракълилал къотIи къаяздалъун тIуралел суалазда».

Вашингтоналда бугеб «Джеймс Стаун» абураб фондалъул нухмалъулев Глен Ховардица рикIкIунеб буго «Кавказ-2012» абурал рагъулал ругьунлъаби тIоритIиял магIна бугин Югалъул Кавказалда ругел Россиялъул мадугьалзаби хIинкъизаризе хIалбихьиял гьари, Америкаялъул Цолъарал Штатазде хьул гьаби гIададисеб жо бугилан гьезда бичIчIизабиги.
XS
SM
MD
LG