Абхазиялъул тахшагьар Сухумиялда бараб цIияб стадионалда тIобитIана пачалихъияб байрамалда релъараб тадбир. 28 маялда гьениб байбихьулеб буго футболалъул турнир.
24 декабралда протоиерей Всеволод Чаплин махIрум гьавуна ГьатIаналъулги жамгIияталъулги гьоркьорлъабазул синодалияб бутIаялъул нухмалъулесул хъулухъалдаса.
Кинаб букIараб Москваялда Узбекистаналдаса чIужугIаданалъ жинцаго тIалаб гьабулеб лъимадул бетIер къотIиялде ва гьелъул хадусеб вахIшияб хьвада-чIвадиялде реакция?
ХIинкъигьечIолъиялъул рахъалдаса Россиялъул президентасул кумекчи Николай Патрушевасул вас лъазавун вуго «Соналъул банкирлъун». Щай гьеб хIужаялде кIвар буссинабулеб бугеб? Щайгурелъул Дмитрий Патрушевас нухмалъулеб банкалъул соналъул хIалтIул хIасилал гIуралъ пашманал рукIиналъ ва премиялъул авторлъун кколеб Россиялъул банказул ассоциацияялда гьеб хIужа лъалеб букиналъ.
Объектал раялъул завалалъул заманалда Россиялде гочарал турказул аза-азар хъизанал захIаматаб хIалалде ккун руго Су-24 аэроплан бортизабун хадуб, Россиялъ Туркиялде данде тIоритIулел тадбирал сабаблъун.
Араб анкьида Россиялда гьукъун рукIана Калифорниялъул чагъирги Франциялъул гьанги. Гьанже ирга щвана Википедия ва къватIисел улкабаздаса чурулел жал гьукъизе.
Кремль какулезул хиял буго Украиналда халат бахъунеб рагъул хIакъалъулъ Борис Немцовас хIадур гьабураб доклад загьирабизе. Гьедин лъазабуна нижер радиоялъе политикияв хIаракатчи Илья Яшиница.
Россиялъулаз хехаб къагIидаялда росулел руго хириял автомобилал. Гьеб ккола гъурщил багьа «бортулеб» фоналда, автомобилал риччалел ва ричулел компанияз жидерго багьаби рукIалиде рачиналда цебе загьирлъулеб ажиотажалъул гIаламат. Экспертаз абулеб буго, гьединал лъикIал ресал гIемер заманалъ хутIизе гьечIин.
Ортодоксалияб диналъул радикалазул активистаз рикIкIунеб буго ТIадегIанав Россиялъул президент Владимир Путинида жанив вугин. Гьедин Россиялъул лидер сверун бугеб культалъул сюррреализм дагьабги экстремалияб рахъалде жемулеб буго.
2004 Бесланалъул мактабалъул цIалдохъанал гъоркьлъалие росараб мехъалда Надежда Гуриевалъул кIиго лъимер хвана. Гьеб балагьалъ гIемерал гIадамазул гIумру хвезабуна. ГьанжелъагIанги, 10 сон ун хадуб, гIадамазда хIехьезе кIоларо доб лъугьа-бахъиналъул хIасилалда ккараб пашманлъи.
Араб анкьида Россиялъул рок-музыкант Андрей Макаревичас жиндирго концерталгун вахъана Машрикъалъул Украиналда тIурун чIаразул лъималазда цеве. Гьанже Россиялъул пачалихъияб Думаялъул депутатазул хиял буго, гьез абухъего - гьеб «хиянатчилъиялъухъ» артистазе жаза гьабизе.
Кин бицунеб бугеб Россиялъул газетаз Малайзиялъул аэроплан бортизабиялъул хIакъалъулъ? Гьез загьир гьарулел версиязда магърибалда божулел гьечIо. Гьениб гIемерисез рикIкIунеб буго, россиялъул информалатаз гьересиял версияби загьир гьарулел ругин Кремалалде гIайиб ккезабичIого хIутиялъул мурадалдайин.
30 июналда Россиялъул президент Владимир Путиница гъулбасана жидерго сайтазда яги социалиял сурсатазда Интернеталда ругел экстремистияллъун рикIкIунел материалазул репост гьабиялъе, ай бахъиялъе гIоло туснахъалъул болжал бихьизабизе бегьулеб къанун. Гьеб галиялъул критиказ абулеб буго, гьеб кколин Кремлалъ Интернеталда хурхун Китаялъул къагIида бищун бугин абурабин. Интернеталъул цIех-рехалъул институталъул стратегиял проектазул директор Ирина Левовалъулгун нижер радиоялъул журналист Том Балмфортица гьабураб интервью.
МоцIидаса дагьаб заман хутIана Украиналъул президентасул рищиязде. Амма гьанжеги къватIазда рихьулел гьечIо рищияздацебесеб агитациялъул материал. Щиб гьелда нахъ бугеб?
Жакъа Украиналъул бицунаго кIудияб кIвар буссинабулеб буго Россиялъул рагъулал Крымалде щвезарун рукIиналде. Кинаб бербалагьи бугеб крымалъул татаразул бащдабчIинкIиялда лъугьа-бахъиналда сверун?
Fox News абулеб Америкалъул телеканалалда гьал гIодоркъоязда цеве вахъарав актер Стивен Сигалица тIадегIанаб къимат кьуна Россиялъул президент Владимир Путиние, хасго гьес Сочиялъул Олимпиадаялда цере хIинкъи гьечIолъиялъул шартал мисал гьечIеб къагIидаялда щулалъизарун рукIиналъухъ. Сигалица абуна Путин вугин улкаялъулги, ФСБ-ялъулги кIудияв цевехъан.
Сочиялда букIинесеб Олимпиадаялде унеб бугеб хIадурлъиялъулъ гIахьаллъи гьаби мурадалда гьениве аза-азар чи вачIун вуго. Амма бихха-хочараб куцалда тIобитIулеб гьеб хIадурлъиялъ лъикIаб рес кьолеб буго цо-къоялъулал фирмабазул бетIерганазе гьеб ахIвал-хIал жидерго пайдаялъе билълъанхъизабизе.
Дунялалда бищун хираго чIараб Сочиялъул Олимпиада цого мехалъ ккола гIадатиял гIадамазеги, хIаракатчагIазеги цIакъ багьаяб тадбирлъун. Нижер радиоялъе экологаз абулеб буго гьениб сверухъ бугеб тIабигIат квещаб рахъалдехун хисун бугин.
Олимпиадаялде хIадурлъи гьабиялъ Сочиялда рукIа-рахъин гьабулел гIемерал гIадамазул гIумру кIала-гъоркье сверизабуна.
Россиялъул президент Владимир Путиница Пачалихъияб Думаялда цере лъуна Конституциялде гъорлъе журазе кколел цо-цо хиса-басиял. Гьел къабул гьаруни ТIадегIанаб Диванги Арбитражалъул Диванги цолъила. Гьеб бугин низамалъул гуреб – политикияб жигарилан абулеб буго экспертаз.
Загрузить еще