Араб анкьалда Цолъарал Штатазул вице-президент Джо Байденица лъазабуна, Украиналъул рукIинесел президентасул рищиял улкаялъул тарихалда кколин бищунго кIвар кIудияллъунин. Амма Киевалъул къватIазде балагьун гьеб бихьулеб гьечIо. Бихьулеб гьечIин абизе бегьула агитациялъул материал. Президентасул хъулухъалде 28 кандидатасда гъорлъан Россиялъул рахъ ккурав Михаил Добкиница гурони тахшагьаралда жиндирго плакатал хун гьечIо. Цингиги аслиял кандидатазул цогIагияс агитациялъе жидерго заман хвезабулеб гьечIо.
Премьер-министрлъун йикIарай Юлия Тимошенкоца официалияб къагIидаялда инкар гьабуна рищиязда цебесеб кампаниялдаса, жиндирго партия «Россиялъул агрессиялде дандечIейялъул» къуват кколинги лъазабун. Рищиязул фаворитлъун рикIкIунев шоколадалъул магнат Петр Порошенкоца бахъун буго телевидениялъе живгоцин гIахьаллъичеб видеоролик.
«Рейтинг» абураб социологияб группа гIуцIарав Игорь Тищенкоца абулеб буго, Украиналда рищиязул кампания унеб бугин абизе захIматго бугин.
Игорь Тищенко: "Гьеб тIоцебесеб рищиздацебесеб кампания ккола, гьединаблъун бугинцин абизе захIматаб. Гьеб унеб батаниги, унеб буго рагъул шартIазда. КIиабизеги, кандидатаз гьеб кампания берцинго тIобитIулеб гьечIо."
Кинабго кIвар буссинабун буго рагъ байбихьизе бегьулиялъул хIинкъиялде. Донецкалда гIодобе кколеб гьечIо дандечIеялъул даража. 27 апрелалда сепаратисталлъун лъазарурал гIадамаз бахъун буго телевидениялъул мина.
Революциялда хадусеб, мухIканлъи гьечIеб хIалалда, къватIиселги жаниселги хIинкъиял ругеб, лъукъун бугин абизе бегьулеб жамгIият 25 маялда тIоритIизесел рищиязде балагьун чIун бугеб заманалда, кандидатазул гIемерисез бищулеб буго «ругъназда хъвангутIиялъул» тактика.
Киевалда командировкаялъ щварав Чернобылалдаса 60 сон барав Василий Золотоверхица абулеб буго, Россиялъул аслияб мурад кколин «рищиязе квал-квал гьаби ва гьаниб кверщел гьечIолъиялъе далилал рати.»
Украиналъул нухмалъиялъ байбихьана хадуб чIезабуна машрикъалъул рахъалда сепаратистазде данде операция, Москваялъ Украиналъул гIорхъабазда аскIоб гIемер рагъулал гIахьаллъарал ругьунлъиял байбихьун хадуб.
Золотоверхил гIицIго Россиялъ гуреб ургъел ккезабун бугеб. Гьес рикIкIунеб буго конкурентазда гьоркьоб унеб къеркьеялъги процессалъе квал-квал гьабизе бегьулин. Гьикъа-бакъиязул хIасалаз бихьизабулеб буго аслияб кьеркьей Юлия Тимошенкодаги Петр Порошенкодаги гьоркьоб унеб букIин.
Постреволюциялъулаб цолъи бугин кколеб къагIидаялда байбихьана гьеб кампания. «Удар» абураб партиялдаса Виталий Кличкоца Порошенкое пайдагун бахъана жиндирго кандидатура. 23 апрелалда тIоритIарал гьикъа-бакъияз бихьизабулеб буго, рищарухъабазул 33-гIанаб проценталъ Порошенкол, I0 гIанаб проценталъ - Тимошенкол рахъ кколеб букIин.
Амма, дагьалъ цебе, аслиял кандидатазда гьоркьоб загьирлъизе байбихьана «кIалзул» конфликт.
«Эркенлъи» радиоялъул Украиналъул сервисалъе интервью кьолаго, Юлия Тимошенкоца лъазабуна, «Отечество» абураб жиндирго партия буссинабулеб бугин «Россиялъул агрессиялде дандечIеялъул миллияб къуваталъул рангалдейин».
Петр Порошенкоца гьеб позиция какана, Россиялъул агрессия кколин миллияб армиялъул ва хинкъигьечIолъиялъул хъулухъалъул компетенцияйинги абун. Хадусеб къоялда жинидрго партиялъул бункералда релъараб конференца-залалдаса хIинкъигьечIолъиялъул хъулухъалъул офицераллъун рукIарал гIадамазда гьоркьой чIарай, Тимошенкоца жиндирго конкурентасда гIайиб чIвана, гьес агитация гьабулеб бугинги абун ва гьарана «кьурдабигун, кучIдлгун ва циркалъул циялгун регионазде хьвадулев вукIинчIого, улка цIуниялде жуваян.» абун.
Петр Порошенко ва Юлия Тимошенко цереги, 2005-2009 соназдаги, Виктор Ющенко президентлъун вукIараб мехалдаги рукIана конкурентал премьер-министрасул тахалда сверун къеркьей унеб мехалда. Доб мехалда бергьана Тимошенко. Амма экспертаз абулеб буго гьаб нухалда Порошенкол позиция гIуралъ лъикIаб бугин.
«Демократиял инициативазул фондалъул» директор Ирина Бекешиналъул пикруялда, Порошенкол машгьурлъиялъул даража цIикIкIиналда нахъ жинда бихьулеб бугин, Тимошенкоде данде ккун, гьев гIодов виччаравлъун вихьулев вукIиналда нахъин.
Ирина Бекешина: «Майданалда хадуб, гьел киналго лъугьа-бахъиназда хадуб жамгIияталъе бокьун буго пуланаб парахалъи. Гьелъие бокьун гьечIо радикализм. Гьеб рахъалъан босани, Порошенко ккола компромиссалъул фигура.»
«Евромайдан» тIобитIулеб мехалда хъаравуллъун вукIарав Киевалдаса 50 сон барав Виталий Захарченкое бокьун буго бажарарабгIан хехго рищиял тIоритIизе.
Виталий Захарченко: «Гьанжеги нижехъ буго Януковичил заманалда букIарабго гIадаб система. Буго гIарац кванайги цIогьги. Гьез хIалтIулел рукIин бихьизабулеб буго, амма хIакъикъаталдаги щибниги гьабулеб гьечIо.»
Социолог Игорь Тищенкол пикруялда, Украиналда бугеб психологиял захIмалъабаз пайда кьезе бегьула Петр Порошенкое.
Игорь Тищенко: «Нилъеда гьанже бихьулеб жо ккола рагъ унеб мехалда букIунеб гIадаб психологияб хIакъикъат. Гьеб ккола психологиябгун эмоционалияб свакай. ТIоцебе букIана «Майдан», хадуб рагъ, гьанже гIадамазе хIинкъи буго чIечIого. ГIадамазул ботIролъ гьанже буго парахалъиги рекъелги. Порошенкол имидж гьединал хьулазе данде кколеб буго.»