Ссылки для упрощенного доступа

Интернет: Китаялдехунги балагьун...


30 июналда Россиялъул президент Владимир Путиница гъулбасана жидерго сайтазда яги социалиял сурсатазда Интернеталда ругел экстремистияллъун рикIкIунел материалазул репост гьабиялъе, ай бахъиялъе гIоло туснахъалъул болжал бихьизабизе бегьулеб къанун. Гьеб галиялъул критиказ абулеб буго, гьеб кколин Кремлалъ Интернеталда хурхун Китаялъул къагIида бищун бугин абурабин. Интернеталъул цIех-рехалъул институталъул стратегиял проектазул директор Ирина Левовалъулгун нижер радиоялъул журналист Том Балмфортица гьабураб интервью.

ЭР. – Президент Путиница гъулбасана нухмалъиялъ экстремистиялин рикIкIунел материал жидерго сайтазда ва интернета-сурсатазда цогидал бакIаздаса лъеялъе гIоло яги интернеталъул терминология хIалтIизабун репост яги ретвит гьабиялъе гIоло щугогIан соналъ жанире гъезе рес кьолеб къанун. Кинаб бугеб дур гьелда хурхун пикру?

Ирина Левова: «Жибго босун, инициатива битIарабни букIине бегьула. Амма бицен диваналъул хIукмабазда хурхинабулеб батани, лъицаха ва кин мухIканлъизабизе бугеб щиб кколебали экстремизмалде хурхун бугеб материал ва кинаб процедура яги къагIидаби хIалтIизаризе ругел репост яги ретвит гьабураб контенталъул экстремистияб даража баянлъизабизе? Цингиги бичIчIулеб гьечIо, кин гьез ралагьизе ругелали экстремистияблъун рикIкIунеб материалазул ретвит, репост яги гиперлинк габурал гIадамал.»

ЭР. - Къануналъул магIнаялда гуребги, гьеб хIалтIулеб къагIидаялдагийищ проблема бихьулеб бугеб дуда?

Ирина Левова: «Инициативани батIараб батила. Амма кидаго гIадин, гьеб щвалде щвезабун гьечIо. Интернеталъул технологиязул аспектал нилъер хIурматиял депутатазда рихьулел руго тIаса-масаго. Амма гьел гьезда рихьулелдаса гIемер нухаз захIматал руго. Декларация гьаби гьеб цо жо ккола, гьеб гIумруялде бахъинабийин абуни, гьеб цогидаб жо ккола.»

ЭР. - Пуланаб ретвиталъе гIоло туснахъалде ккей гьеб цIакъго хъачIаб тамихI кколарищ? Дур пикруялда, гьеб кколарищ рагIул эркенлъиялде щвезабулеб кьаби бугин?

Ирина Левова: «Дидани абизе кIоларо гьеб рагIул эркенлъиялде щвезабулкб къаби бугин. РагIул эркенлъиялде кьаби щвезабула мухIканаб жо гьукъун яги гьелъие цензура чIезабун. Бицен гьабулеб буго Россиялда хIакъикъаталдаги гьукъараб контенталъул. Гьай-гьай гьелъул репостги гьукъараб буго. Амма гьаниб нилъ дандчIвалел руго гьел нормаби тIуразариялъул захIмалъабазда, ай, нилъеда гьел ургъун ругел къагIидаялда гIумруялде рахъинаризе бажаруларо. Гьединлъидал рагIул эркенлъиялда кинабгIаги кьаби щвезабизе гьечIо. Дуда бичIунищ, цогидал пачалихъазде данде ккун, Россиялъул Федерациялда кинабго жо дагьалъ батIияб буго. Ай, хъвазе бегьула дуе бокьа-бокьараб, амма хIакъикъаталдаги гьеб кинабго къогогIанаб проценталъ гурони хIалтизе батиларо, гьелдеги балагьила цинги. 20 проценталъ хIалтIаницин лъикI букIинаан.»

ЭР. - Цо-цо экпертаз рикIкIунеб буго Кремлалъ гIамал гьабулеб бугин Интернет жиндирго кверзукье босизе. Мун разилъулищ гьединаб пикруялда?

Ирина Левова: «Узухъда гьеб ккола логикаялде данде кколеб мухъ, жакъасеб политикаялъул курс хIисабалде босани. Кинабго жо гьабулел буго гьеб курсалъул логикаялда рекъон. Дида ккола гьеб кинабго гьабулеб бугин жидерго "нухлолаб картаялда" рекъонин. Америкаялде яги Европаялде дандеккун, Россия унеб буго дагьалъ батIияб нухдаса. Ай, ниж руссунел руго Китаялъул яги Шималияб Кореялъул рахъалдехун. Гьеб лъикIищ яги квешиш абун суал лъун гIорхзъаби лъачIого спекуляцияби гьаризе бегьула, амма хIужжабаз нилъеда бихьизабулеб буго гIицIго гьединаб тенденция.»

ЭР. - Кинал галабаз гьеб бихьизабулеб бугеб?

Ирина Левова: «Мисалалъе, кинабго жо букIине кколеб буго Россиялъул Федерациялъул серверазда. Гьеле Пачалихъияб Думаялъ рузман къоялда къабул гьабуна «Хасаб информациялъул къануналъул» проект. Гьелда рекъон, киназдаго тIадаб букIине буго персоналияб информация Россиялъул Федарациялда ругел серверазда цIунизе. Гьелде тIадеги Роскомнадзоралда регистрация гьабизе кколеб буго лъабазаргоялдаса цIикIкIун интернет-гьумералде раккулел жидер ругел блогеразги.»

ЭР. - Кин дуда кколеб Интернеталде гьабулеб тIадецуй хехлъулеб ва цIикIкIунеб бугищ?

Ирина Левова: «У, буго.»

ЭР. - Кида гьеб байбихьараб?

Ирина Левова: «Гьеб байбихьана 2012 соналъул риидал "чIегIерал сияхIазул" къанун къабул гьабун хадуб. Хадусеб соналда къабул гьабуна авторазул къанунал хвезарурал сайтазул хIалтIи чIезабиялъул 187 федералияб къанун. Хадур гьел тIадеги гIемерлъана. Хадуб гьеб "чIегIераб сияхIазул" къануналде журана цIиял категорияби. Гьанждеялде "Информациялъул хIакъалъулъ къануналъул" цо статьялъул бакIалда баккана ункъго. Гьезда бихьизабиун буго щиб къазе бегьулебали.»

XS
SM
MD
LG