Гъурщил къимат хехал темпазда холеб букIиналда бан, жиндирго гIарац хвасар гьабиялъул мурадалда Москваялдаса тилмач 36 сон барав Олег Борисовас ва гьесул вацас хIукму гьабун буго хирияб автомобиль босизе. Цебесеб моцIалда 1500000 гъурущ кьун гьез босун буго цIияб Audi-6.
Олег Борисов: «Нижеца гьеб автомобиль босулеб мехалда гьелъул багьа бищунго гьитIинаб букIун батила. Гьанжегицин бокьараб бакIалде дандеккун гьелъул багьа бищунго учузаб батилин ккола дида гьаниб. Автомобиль босиялъул мурадалда гIарац бакIаризе нижеца байбихьун букIана риидалго. Хадуб ниж хIинкъизе байбихьана кинабго жо хиралъизе ва ниж кватIизе бегьулин абун. Амма нижеца гьеб босун батана дурусго къваригIараб заманалда».
Автомобиль босиялде Борисов гьесизавун вуго учузлъиялъ ва гьеб учузлъи гIемер мехалъ хутIулареблъи лъаялъ. Гьесул пикру тасдикъ гьабулеб гIадин, ноябралда Россиялда ричулел автомобилазул къадар цикIкIине байбихьана, гьелда цебе гьезул багьабиги гIодоре кколел рукIана.
Соналъул байбихьудаса гъурщил къимат 40-ялдаса цIикIкIун проценталъ гIодобе ккараб мехалда, гIадамазул ресал раккана къватIисел улкабазул диллераз багьаби рорхизарилелде автомобилал росиялъул.
Audi-6 автомобилалъухъ ноябралда Борисовас ва гьесул вацас кьураб цо миллионгун щунусазарго гъурщил багьа доб заманалда бащалъулаан 30 азарго долларалда. Европаялда гьебго заманалда гьеб автомобилалъул багьа букIана гIага-шагарго 45 азарго доллар.
Россиялъул тахшагьаралда Audi фирмаялъул вакиллъиялъул нухмалъулев Алексей Шапкиница абулеб буго жидер Rolf Group-алъул салоназда ричулел автомобилазул къадар ноябралда цебесеб соналде данде ккун 47 проценталъ цIикIкIанин. Жидер автомобилазда бан гьединаб интерес жидеда ахирисеб 10 сонида жаниб бихьун букIинчIин.
Шапкинил рагIабазда, Audi автобилалъул багьаби цIияб соналда тIаде ине бегьула.
Цо-цо гIадамаз автомобилал росизе хIаракат бахъана ноябралъул ажиотаж баккилелдего.
Москваялъул риэлторазул компаниялъул директор 29 сон барав Александр Рулевасда сентябралдаго ракIалде ккун буго, гъурщил къимат гIодобе ккезе бугин ва банказ жидерго процентазул даража борхизабизе бугин. Гьединлъидал гьес BMW X3 автомобиль босиялъул мурадалда кватIизе чIечIого босун буго кредит. «Дида бихьухъе, жакъа гьеб автомобилалъухъ дица кьезе ккезе букIана 20-25 проценталъ цIикIкIун гIарац», - ян абулеб буго Рулевас.
КIиго соналъ цебе Россиялъул автобазаралъул ресал хадур гъезехъин рукIана Европаялдаго бищунго кIудияб Германиялъул автобазаралъул ресазде. Гьелъул бакIалда 2013 соналда гьеб талхизе байбихьана банказул кредитазул процентал тIаде иналъул ва долларалдеги евроялдеги дандеккун гъурщил къимат ичIго гIанаб проценталъ гъоркье ккеялъул фоналда.
2014 соналда автомобилал росулезул ресал гIодоре кколел рукIана Россиялде данде Магърибалъул санкцияби хIалтIизариялъ гъурщиде гьабулеб «тIадецуялъул» даражаялде балагьун.
Автомобилал росиялъул данде кколел шартIал рихьун Россиялде рачIунел руго мадугьалил улкабаздаса гIадамалги. Казахстаналъул информалатазул лъазабиязда рекъон, гьенисан гIемер гIадамаз жакъа сапар бухьулеб рагIула Россиялде учузал автомобилазда хадур.
Macro Advisory абураб Москваялъул консалтинг-фирмаялъул вакил Крис Уиферица абулеб буго, автомобилал росулезул ажиотаж къокъаб заманалъ букIине бугин. Хадусеб соналда автомобилал риччалел ва ричулел компанияз багьаби рукIалиде рачун хадуб, гьединаб хIакъикъаталъе бакI хутIизе гьечIин.
Гьанже баккараб информациялда рекъон, Россиялъул цо-цо автодилераз гьоркьоб къотIизабун буго къватIисел улкабазул автомобилал ричи. Гьелъие гIилалъун лъугьун буго компанияз Россиялде автомобилал ричи гьоркьоб къотIизаби, дилераз автомобилазухъ гIарац битIизегIан.
«Ведомости» сайталъул лъазабиялда рекъон бицен гьабулеб буго BMW, Jaguar Land Rover компаниязул. Жалго дилеразги заманалъ инкар гьабулеб буго Bentley ва Volkswagen компаниязул автомобилал росиялдаса.