Экономикиял суалазул цIех-рех гьабулеб Россиялъул ТIадегIанаб Арбитражалъул диван букIине ккола улкаялда бищун ритIухъаблъун махIкамалъун.
Пачалихъияб Думаялда цере лъурал хиса-басияз гьеб диваналъул хIалтIи квешаб рахъалдехун сверизабизе бегьула, ян абулеб буго экспертаз.
Амма тIадтаразул пикру батIияб буго. Гьез абулеб буго гьелдалъун диваналъул хIукмаби швалде швараллъун гьаризе рес бугин. Москваялдаса адвокат Вадим Клюгвант гьелда разияв гьечIо.
Гьесул хIисабалда гьеб жигар гьабун бугин ТIадегIанаб диван президент Владимир Путиние мутIигIлъизабизелъун. Ва гьеб бугин аслияб мурад.
Вадим Клюгвант: «15 соналъ цебе бицен гьабизе кколаан гьаб ищ, ай диваналъул низам бюрократиялъул системалъун гьабизабизе къасд байбихьун букIиналъул, гьабсагIатийн абизе ккола гьелъул халат бахъиналъул.
Гьаб нухалда гIемерал икъбалалги щун руго гъозие. Гьалеха, дида ккола гьеб авал гурин, гьеб бугин байбихьараб иш халат бахъинаби».
Цере лъурал хиса-басиял къабул гьаруни Путиние тIаде журарал ихтиярал швела, масала Россиялъул регионазда прокурорал тIамизе. ГьабсагIат гьадинаб ихтияр буго Генералияв прокурорасул.
Думаялда цере лъурал хиса-басиял къабул гьарулаллъун рикIкIине руго гьезие гIоло депутатазул лъабго бутIа гьабун кIиго бутIаялъ ва Федерациялъул Шураялда ункъго бутIа гьабун гьаркьал кьуни лъабго бутIаялъ.
Думаялъул тIоцевесев вице-спикер Александр Жуковас ва къанунал къабул гьариялъул комитеталъул бетIер Павел Крашенинниковас абулеб буго гьеб суал гьал гIагардисел моцIазда жаниб дадбан рагIалде бахъинабизе бугин.
Гьаб рехсараб суал тIоцебесеб нухалъ Владимир Путиница борхизабуна исана июнь моцIалда Петербургалда букIана экономикаялъул форумалда.
ГьабсагIат ТIадегIанаб Арбитражалъул Диваналъе нухмалъи гьабулеб буго премьер-министр Дмитрий Медведевгун цадахъ цIаларав Антон Ивановас.
Экспертаз гьес гьабулеб хIалтIуе гIемер лъикIаб къимат кьун, абулеб буго рехсараб жигар, ай кIиябго Диван цолъизаби – гIакъилаб гуреблъун жидеда бихьулеб бугин. Вадим Клювгантица гьабинаб баян гьабулеб буго.
Вадим Клюгвант: ««Реформа ян абун гьадинаб ишалъул пайдаялъул бицине кколаро, гьеб бичIчIизабизеги рес гьечIо лъилниги. Дирги рахIат хвезабун буго гьелдалъун.
Гьелдаса пайда бугин абизе дидаги кIвеларо. 170 диванчи вугеб ТIадегIанаб диван кин хIалтIилебали - гьеб ва гьединал цогидал суалазе жавабал ратизе ккола».
Жигараб къагIидаялда суал дандбалеб буго Россиялъул прессалъги. «Ведомости» абулеб газетаялда бахъараб цо макъалаялда абун буго гьелдалъун Кремлалъ гIамал гьабулеб бугин Дмитрий Медведевасул асар дагьлъизабизе.
«Московский комсомолец» газетаялъул авторазул пикруялда гьеб бугин тIоцебесеб гали, кIиабилеблъун букIине бугин Дмитрий Медведев премьер-министрасул хъулухъалдаса эркен гьави.
«Гьадинаб кIудияб багьа буго премьер-министр хисиялъе», - ян рекIелъ гIагалигун хъван буго гьеб газетаялда бахъараб макъалаялда. Москваялдаса политикияв цIех-рехчи Владимир Прибыловскияс гьадин мухIкан гьабулеб буго гьеб хIужа.
Владимир Прибыловский: «Гьадинаб цолъиялъул пайда шакаблъун бихьула. Бихьулеб гьечIо цониги гIакъилаб жо. Аслияб гIиллалъун хIакъикъаталда кадровиял интригаби, хIаял ккола».