Ссылки для упрощенного доступа

Сочи: бергьаралги къуралги якъинлъана. КIиабилеб бутIа


Олимпиадаялъул бацIадаб цIа гуребги - чорокаб лъимги буго.
Олимпиадаялъул бацIадаб цIа гуребги - чорокаб лъимги буго.

Дунялалда бищун хираго чIараб Сочиялъул Олимпиада цого мехалъ ккола гIадатиял гIадамазеги, хIаракатчагIазеги цIакъ багьаяб тадбирлъун. Нижер радиоялъе экологаз абулеб буго гьениб сверухъ бугеб тIабигIат квещаб рахъалдехун хисун бугин.

Рита Кравченкое бокьилаан ЧIегIераб ралъдалъ чуризе, амма ахирисеб нухалъ гьей ралъдалъ чурун йикIана лъабго соналъ цее. Гьелдаса нахъе гьелъул черхалде багIараб сус бан букIана.

Кравченко ккола Сочиялдаса 18 километралъул манзилалда бугеб Уч-Дере абураб росулъа чIужу-гIадан. Гьелъул ракI чIун буго жиндирго тIом экология хвезабиялъ багIарлъун букIиналда.

ТIабигIаталъе квешаб асар гьабун буго аскIоб бугеб рищни-къулалъ. Гьениб кIудияб гохI бан буго гьелъул. Гьеб бакI анлъго соналъ цебе къазе кколаан, амма Сочиялъул Олимпиадаялде гьабулеб хIадурлъиялъ гьеб гохI борхизабуна.

Росдал гIадамазул рахIат хвезабун буго, гьелъ жидерго сахлъиялъе квещаб асар гьабизе бегьулеблъиялъ.Рита Кравченкоца гьадинаб баян гьабуна нижер радиоялъул мухбирасе.

Рита Кравченко: «ЦохIого цо хьул буго - гьаб чIухIтIи-къул лъолеб бакI гьез жахIабго теялда. Амма нагагьлъун гьеб гохI багъарани, рищни ралъдалъе ине рес буго. Гьалеха гьелда хьул гьечIо».

Уч-Дере росулъа Рита Кравченко
Уч-Дере росулъа Рита Кравченко

Юлия Набережная ккола Шималияб Кавказалъул Экологиялъул гIуцIиялъул хIаракатчIужу.
Гьелъ гIемерал соназ хал-щал гьабулеб буго Сочиялъул сверухълъиялда бугеб тIабигIаталъухъ.

Гьелъул рагIабазда рекъон тIадтараз кьурал рагIаби чIобого рицараллъун хутIанин.

Юлия Набережная: «Гьеб буго гIицIго пиар. Гьеб буго дунялалъул жамгIияталда цебе хIалтIул хIасил бикьи. ТIаде балагьани гьеб ккола берцинаб фасадлъун. Амма хIакъикъаталда гьеб буго фасадалъул бакъалъ бараб берцинаб сурат».

Россиялъул президент Владимир Путинил аслияб проект какулезе хIинкъи щолеб буго. Гьелъие далилалги руго. Цояв жаниве тIамун вуго, цогидас ватIан тун къватIивехун ана.

ГIурус Географиялъул ЖамгIияталъул вакил Михаил Плотниковас абулеб буго, курорт хIисабалда Сочи хвезабун бугин.

Михаил Плотников: «Дида ккола Сочи - курорт хIисабалда хвезабун бугин. Гьадинаб сас гIемераб, бихха-хочараб, гIезегIанго автомобилал ругеб шагьаралде хIухь базе гIадамал рачIинадай?»

Ралъдал рагIаллъиялде хехго щвезе рес гьечIо гьанжеялдаса. Узухъда, руго цо-цо хIалтIулел санаториял.

Амма цебее Сочиялде миллион-миллион чи вачIулаан, ва гьеб хIужаялъ тIабигIаталъе гьадинаб квешаб асар гьабулеб букIинчIо, гьанжейин абуни гьал миллионал гьанир гьечIониги, сверухъ бугеб тIабигIат хвезабун буго».

Экологазда хадуб кьварараб хал кквей гьабулеб буго тIадтараз. Амма гьез хIаракат бахъулеб букIана бахIарзал гIадин – разилъи гьечIолъиялъул акциял тIоритIулаго. Полициялъулаз цо-цоял ккуна. Гьезул цояв – Евгений Витишко.

Эколог Евгений Витишко
Эколог Евгений Витишко
Гьесие диван гьабун букIана. МахIкамаялъ къотIи гьабуна гьев лъабго соналъ жаниве тIамизе. Эркенлъи радиоялъе баян гьабулаго Витишкоца абуна, гьеб ритIухъаб диван букIинчIин, гьеб букIанин Олимпиадаялда цебе жиндирго кIал къазабизе гьабураб къасд.
Евгений Витишко: «У бегьула абизе дица гьадинаб хIаракат бахъулеб букIанин. ТIалъиялъе бокьилаан бихьизабизе жиндирго къуват. Гьалеха, тIадтараз гIамал гьабун буго дица тIокIал жал бицичIого теялда бан».
XS
SM
MD
LG