ТIадегIанав президент Владимир Путинида жанив вуго. ТIадегIанаб канлъи гьесул ургьибе лъугьун буго гьитIинав мехалда гьесда хъанч балаго. Нилъ мустахIикъал гьечIо гьединав президентасе.
Гьеле гьел руго Россиялъул радикалияв Ортодоксалияв активист Дмитрий Цорионовас 7 сентябралда бицунеб букIараб жоялъул чанго мухъ.
Ирониягун жубараб Путиние бетIеркъули гьабулеб букIана Москваялда машгьураб Китай-город абулеб бакIалда бугеб цо залалъуб. Гьениве вакIарун вукIана 60-гIан чи. Гьезул цо-цояз релъулаго, цогияз хъатал кьабун къабул гьабулеб букIана Цорионовас бицунеб жо ва цIикIкIунисез гьениб кколеб жидерго телефоназде бахъулеб букIана. Гьес бицен байбихьун букIана Путинил лъимерлъиялдаса ва балъго гьесда хъанч баялдаса.
Дмитрий Цорионов: «ХIакъикъаталдаги ТIадегIанав лъугьун вуго гьитIинав Владимир Путинил ургьиве. Гьеб буго кьучIаб далил!»
ГIисал диналда кьварараб жигарчилъи бихьизабиялъул рахъалъ машгьурлъарав Цориновас жиндиего босун буго «Enteo» абураб тIокIцIар. Гьес Путин вецIцIулаго гьесул лъикIал ишазда гьоркьор рехсолел рукIана протесталъул акциял хъамиги
http://www.rferl.org/content/many_detained_in_russian_protests/3543254.html
гьес къункъарабазда «роржине малъги»
https://www.youtube.com/watch?v=aSAM3w9HOJo
ралъдал тIиндаса хъуби рахъиги
https://www.youtube.com/watch?v=wyKw7-ZHNso
Путин лъугьунев вуго чIагояв килисаялъун
Дмитрий Цорионов: «Путинида бичIчIун буго гьесул гIумрудул мурад ТIадегIанавгун цолъи букIин. Кашишасе дагIват гьабун хадуб ТIадегIанав лъугьана гьесде жаниве. Гьес лъикIал ишал гьарулеб мехалда, масала-опозициялъул митинг нахъе хъамулеб, пакъирал хIанкъвабазда хинал улкабазде роржине бахIарчияб куцалда малъулеб яги ралъдал тIиндаса некIсиял хъуби рахъулеб мехалдаги ТIадегIанас гьесулъ жиндирго асар цIикIкIинабула. Гьедин Владимир Путин лъугьунев вуго чIагояв килисаялъун».
Цориновасда нахъа гьеб залалда бан букIараб кIудияб экраналда бихьизабулеб букIана Кремлалъул идеологлъун рикIкIунев Владислав Сурковас Путин Россиялъе ТIадегIанас витIун вачIарав чи вугин бицунеб 2011 соналда букIараб интервьюги.
https://www.youtube.com/watch?v=t5kJOGngYT0
Путин къаси-къаси бадиб магIу ккун гьардола нилъер рахъалдасан ТIадегIанасде
Цорионовас жеги абулеб букIана:
Дмитрий Цорионов: «Кин нужеда кколеб, Владимир Путин нилъер мунагьазда тIаса лъугьинийищ кколев яги ТIадегIанас цебеккун нилъее гьабураб сайгъатищ?
Гьалкьал: Гьеб кIиябго...
Дмитрий Цорионов: -Рорхе кверал нилъ Путиница нухмалъи гьабизе мустахIикъал гьечIин рикIкIунел гIадамаз.
ХIакъикъаталдаги, нилъеца зина гьабула, нилъеца анцI-анцI миллион нилъерго лъимал чIвала, нилъ лъудбузе хилиплъула, нилъ хьвадуларо килисаязде, нилъеца кIвар кьола щибали лъалареб изотерикияб чIандаялъе, бухIула габани, гашиш.
Владимир Путин къаси-къаси бадиб магIу ккун гьардола нилъер рахъалдасан ТIадегIанасде. Узухъда, нилъ мустахIикъал гьечIо».
Гьес гьединал жал рицунеб мехалда ракIараразул гьелдехун бербалагьи кинаб бугебали чIезабизе кIолеб букIинчIо релъиги хъатал кьабиги жубалеб букIиналъ.
Социалиял сайтазда абуни, гьеб лъугьа-бахъиналда ва гьениб бицунелда тIад релъи ва гьелда сверухъ махсароял гьари гуреб жо букIинчIо.
Анна Арутюнян ккола «ПачахI Путин» абулеб тIехьалъул автор. Гьелъ абулеб буго Цорионовас жиндирго лекциялда такрар гьарулел рукIанин Византиялъул империялъул теологияб пропагандаялъул аслияб бакIалин. Гьеб данделъиялда йикIарай Арутюняница бицана Цорионовас жинца бицунелъулъ кIиго магIнаялъулал жалги рицун цIодорлъиги гьабулеб букIанин.
Анна Арутюнян: «Цорионовас хIаракат бахъулеб бугин ккола игIланазе тIуванго къуличIого чIезе. Гьеб ГIисал диналде данде кколарелъул. Дида кколаро Византиялъул динияб пропагандаялда ва тIубанго къосарал жал цоцаздаса ратIа гьарулеб тIеренаб балалдасан ине гIураб лъай гьесие щун бугинги».
Цорионов машгьурлъун вукIана, гьесул пикруялда, ГIисал диналъул «тушбаби» къватIир чIвазариялдалъун, масала Pussy Riot къукъаялдаса ясазда тIад диваналъул процесс унаго.
Амма Путинил бицунаго инжилалъул мацI хIалтIизабурав чилъун кколаро цого-цо Цорионов. Чанго къоялъ цебе Киевалъул патриархаталдаса Патриарх Филаретица абун букIана Путин вугин «илбисалъул асаралда гъоркьин». Гьес Россиялъул президентасда гьабулеб букIана Украиналда рагъ гьабиялъул гIайиб.
«Тарихалда жанибги тIоцебе вацал цоцаца чIвалел рукIана Илбисалъул асаралда къоркь»,-ян абун букIана Филаретица Путинил хIакъалъулъ.
Цорионовас гьединал каламазе кIвар кьолеб букIинчIо. Гьес абуна жиндир хадусеб лекциялъул тема букIине бугин «Даимго жужахIалъуве ине вугищ Алексей Навальный?» абурабин.