Дагъистаналда унел руго кIудияв шагIир ХIамзатил Расул гьавураб къоялда хурхун тIоритIулел ХъахIал къункърабазул къоял абурал халкъазда гьоркьосеб фестиваль. Юбилеялъул аслиял дандеруссинал рукIана итни къоялъ МахIачхъалаялда. ИчIабилеб сентябралда гьел халат рахъине руго Гъунибгун ЦIада росулъ ва гьединго Буйнакск ва Дербент шагьаралдаги.
«ГIела Кавказ кваназабураб» абураб хитIабаздалъун Россиялъул миллатчагIаз гIужие босун букIараб Шималияб Кавказалдехун жакъа Россия батIияб бералъ балагьизе байбихьун буго. Гьелъие квербакъана Украинаялда ккарал лъугьа-бахъиназ.
Дагъистналда исана тIоцебесеб классалде ине буго 36 азарго лъимер. Араб соналде дандеккун гьезул къадар цIикIкIун буго лъабазаргоялдаса ункъазаргоялде щвезегIан чияс. Кинабниги жакъа республикаялъул школазда цIализе буго 360 азаргоялдаса цIикIкIун лъимер. Амма цебегогIадин республикаялда гIолел гьечIо гьезие школаби ва ругезулги гIемерисел данде кколел гьечIо рукIине кколел стандартазде.
Къануналде данде кколаредухъ гIадамазухъ бугеб ярагъ босиялъул кампания лъазабун букIана Дагъистаналъул нухмалъиялъ 10 июналда. Гьеб программаялда рекъон, Гумбет мухъалда тIобитIулел рагIула цо-цо тадбирал.
АнцIила ичIабилеб августалдаса байбихьун къоло ункъабилеб сентябралде щвезегIан дагь гьаризе руго дагъистаналъул аэропорталдаса гьарулел рорженал, гьелдаса хадуб абуни цо моцIрол болжалда чIезе тезе руго аэропорталъул хIалтIи.
Дагъистаналда халат бахъунеб буго Гъизляралдаса бизнесчагIи, вацал ХIамзатовал чIваялде сверухъ унеб диваналъул процесс. Иргадулаб диваналъул данделъи тIобитIизе буго сентябралъул кIиабилеб къоялъ.
Исана сентябралда жидеца лъимал школазде ритIизе гьечIин ГЭС балаго гъанкъизарулал жидер ракьазухъ кколеб гIарац жидее кьечIониян абураб магIанаялъул рагьарал кагъатал хъван рукIана Унсоколо мухъалъул Рихьуниб росдал жамагlаталъ Дагъистаналъул нухмалъулев ГIабдулатIипов Рамазанихъе, мугlрузул мухъазда вугев гьесул вакил Зайнулгlабидов Мухlамадихъе ва цоги хlакимзабахъе. Нижехъе щварал баяназда рекъон, августалъул авалалда хъвараб гьеб кагътие жеги жаваб щун гьечIо гьезухъе.
Гьал къоязда Дагъистаналъул хIукуматалъул минаялда тIобитIана республикаялъ хъахIилаб цIатариялъухъ кьезе кколеб налъуда тIасан данделъи. 2014 июль моцIалде налъул гIаммаб къадар бахун буго 25 миллиардалде. Налъи бецIичIони Дагъистаналда цIиял газ кьолел мухъал хIалтIизе риччазе гьечIин жидецаян лъазабулеб буго «Газпромежрегионгаз» гIуцIиялъ.
Гъизилюрт шагьаралда викъун арав юрист Жаватханов Денгал хIакъалъулъ жеги щибниги лъалеб гьечIо. Гьев викъун ана ункъабилеб агусталда. ГIага-божаразул пикруялда гьеб букIине бегьула гьесул хъулухъалъулаб хIаракатчилъи сабаблъун гьабураб иш. Гьединго гьезул щаклъи буго низам цIунулез гьабураб хIалтIи гьеб букIиналдаги.
Дагъистаналъул Лаваша мухъалъул мугIалимзабазе щун буго чанго моцIалъ кьолеб букIинчIеб гIарац. Гьеб ккола гьезул аслияб харжалда тIаде кьолеб, пуланаб классалъе нухмалъи гьабуралъухъ кьолеб азарго гъурущ. Гьеб гIарац кьолеб гьечIилан Дагъистаналъул цогидал мухъазда ругел мугIалимзабзул цебеги букIана гIарз. ГьабсагIат кинаб ахIвал-хIал бугеб гьеб суалалда сверухъали лъазе гьабуна нижеца.
КIудиял байрамазда цебе европаялъул цо-цо улкабазда гIадатияб куцалда учуз гьабула къвай-цIаги кванил нигIматалги, амма Дагъистаналъе гIадатияб буго байрамазда цебе кванил нигIматазул багьаби хиралъизари. Бугищха исанаги гьеб рахъалъ хисараб жо?
Дагъистаналде ахIизе рес буго гIурус мацIалъул мугIалимзаби. Гьедин абуна гьал къоязда Дагъистаналъул нухмалъулев ГIабдулатIипов Рамазаница ва гьелъие гIиллалъун рехсана республикаялда гьединал мугIалимзабазул махащалил даража нахъе ккун букIин. Гьеб баянлъун буго Пачалихъияб цогояб экзамен кьолеб мехалда. Амма республикаялъул лъай кьеялъул идарабазул хIалтIухъабазе киназего гуреб гьеб хIукму рекIее гIолеб бугеб.
2014 соналъул ихдалил лъабго моцIида жанив Шималияб Кавказалда чIварал полициялъул хIалтIухъабазул къадар гIемерго дагьлъун буго. Гьединаб баян кьуна гьал къоязда инсанасул ихтиярал цIунулеб «Мемориал» гIуцIиялъ. Гьелъие гIиллалъунги инсанасул ихтиярал цIунулез рикIкIунеб буго Дагъистаналда ругел радикалияб пикруялъул гIолохъаби Сириялда ва ГIиракъалда ругел рагъулал тунка-гIусиязулъ гIахьаллъизе ин.
Дагъистаналде лъутун рачIарал Украинаялъул гIадамазе материалияб кумек хIисабалда 5 миллион гъурущ бакIарун буго республикаялда. Гьеб гIарац бакIаризелъун гIуцIараб хасаб фонд рагьун буго республикаялъул хIукуматалда цебе. Амма гIемерисел дагъистаниял байбихьудаго рази рукIинчIо гьел гIадамал республикаялде къабул гьариялдаса. Украинаялъулаздаса кумек цIикIкIун хIажатал гIадамал республикаялда гIемерал ругин абулеб буго гьез.
16 июлалда сардилъ кIиго кIудияб автоавариялъул хIасилалда анлъго чи хвана Дагъистаналда. Хъумторхъала мухъалъул Алмало росдада аскIоб лъабго автомобиль цоцалъ речIчIун ункъо чи къадаралде щвана. Хваразда гьоркьоб буго кIиго лъимерги. Гьебго заманалда Леваши мухъалда Мерседес маркаялъул автомобиль речIчIана кIудияб юк баччулеб автомобилалда хвана кIиго чи.
Дагъистаналъул прокуратураялъ нахъойги гIужие босун буго Хасавюрт мухъалъул ЦIиябсасикь росу. Гьаб нухалъ прокуратураялъ къазе хIукму гьабуна лъималаз хIухьбахъулеб лагерь. Гьенир чанги гIунгутIаби ратун руго къанун цIунулезда. Амма лагералъул нухмалъиялъ лъазабулеб буго лагерь тIубанго къан гьечIин, кIиго моцIрол болжазда гьоркьоб къотIизабун бугин гьелъул хIаракатчилъи ва киналго гIунгутIабиги лъугIизарун лагерь цIидасан хIалтIизе биччазе бугилан.
13 июлалъул сардилъ Краснодар шагьаралда чIван вуго Дагъистаналдаса спортсмен ХIажимухIамадов Расул. Гъалгъаязул республикаялдаса чанго гIолохъанчигун ккараб рагъулаб тунка-гIусиялъул хIасилалда данде рукIаразул цояс нус кьабун буго гьесда. ХIажимухIамадов гIемер заман иналде гьеб бакIалдаго къадаралде щун вуго. Гьесда ругъун лъурал гIолохъаби тIурун ун жеги кодоре щун гьечIо.
ГIагараб заманалда Россиялъул тIадегIанал цIалул идараби махIрумлъизе бегьула аспирантура ва магистратура гIадал бутIабаздаса. Гьединаб лъазаби гьабуна гьал къоязда Россиялъул лъай кьеялъул министр Дмитрий Ливановас. Щиб бугеб гьел хиса-басиязда нахъа ва кинаб хIасилалде рачIине бегьулел гьеб киналдасаго хадуб улкаялъул тIадегIанал цIалул идараби?
МахIачхъалаялъул вукIарав нухмалъулев СагIид Амировасда тIад гьабулеб диван рагIалде бахъана. АрбагI къоялъ Ростов шагьаралъул рагъулаб диванханаялъ гьесие хIукму къотIана 10 соналъ эркенлъиялдаса махIрум гьавизе. Гьесул вацасул вас Джапаров Юсупие кьуна микьго сон. Прокурорас гьезие тIалаб гьабулеб букIана 13 ва 11 сон туснахъалъул. Нижер мухбир Юсупов Ашаханица цIех-рех гьабуна диваналъул хIукмуялда тIасан цо-цо дагъистаниязул пикраби кинал ругелали.
Дагъистаналда хIалтIулеб «Альтернатива» абураб къукъаялъ гьал къоязда хвасар гьавуна кирпич къотIулел заводазда лъагъзал хIисабалда хIалтIулел рукIарал анкьго чи. Анлъго бихьинчиги цо чIужугIаданги. ЧIужугIадан ккола Украинаялдаса, хутIарал Россиялъул батIи-батIиял шагьаразда гIумру гьабун рукIарал чагIи.
Загрузить еще