Бицен гьабулел гIадмал хIалтIулел рукIун руго Гъизляр мухъалъул Ясная Полана абулеб бакIалда бугеб кирпич къотIулел заводалда. «Альтерантива» групппаялъул гьеб тIоцебесеб нух бугин гьениса гIадамал эркен гьарурабилан бицана «Эркенлъиялъе» гьеб къукъаялъул хIаракатчи ИсмагIилов Закирица. Аслияб куцалда цере жидеца хвасар гьарурал рукIанин Каспийскалда хIалтIулел. Кинабниги гьанжелъизегIан гьеб къукъаялъ Дагъистаналъул кирпич къотIулел заводаздаса эркен гьавун вуго 200 саги цIикIкIарав чи.
Жидее кумек гьабулеб бугин гIицIго хIинкъи гьечIолъи чIезабиялъул хъулухъалилан бицана Закир ИсмагIиловас, гьел цадахъ гьечIого кирпич къотIулеб заводалде ине бажарулеб гьечIин, щайгурелъул гьелъул хважаинзаби лъихъаниги хIинкъулел гьечIин. Альтерантивалда хIалтIулелдаса Закирил буго лъагIелги хадубги. Байбихьуда дагьаб бигьаго букIанин, живго ун кIолеб букIанин кирпич къотIулел заводазул хважаинзабигун гара-чIваризе, гьанже абуни иш гIорхъолъа борчIараб хIалалдаса ун бугин бицина гьес.
ИсмагIилов Закир: «Дица чанги гьарана юристазда, нижеда цадахъ рилъайин цогIаги нухалъилан, амма гьез инкар гьабуна. Щайгурелъул гIемерисел гьел кирпич къотIулел заводазул хважаинзабазул мугъ чIвалеб бакI букIуна, я жанисел ишазул идараялда хIалтIулев чиясулгун, я хIукуматалда лъикIаб хъулухъалда вугев чиясулгун ва бигьаго гьезухъе ине рес букIунаро.
Мисалалъе гьал чагIи эркен гьаризе ниж аралго нижеда цадахъ рукIана хIинкъи гьечIолъи чIезабиялъул хъулухъалъул хIалтIухъабиги, Гъизляр мухъалъул жанисел ишазул идараялъул нухмалъулев хисулевги ва полициялъул чанго офицерги. ВачIана гьениве гьеб заводалъул бетIергьанги ва вачIинахъего цояв офицерасда тIад речIчIана. Гьеб кинабго видеяолде бахъана нижеда цадахъ рукIарал LifeNews информ.агентлъия
«Эркенлъи» радио щвана хвасар гьарурал гIадамазухъе. Татарастаналдаса Хайрудинов Ирэк тIоцеве Дагъистаналде вачIун вуго 2012 соналъул ноябралда. Москваялъул, Беллоруссиялъул вокзалалда кодоб букIараб къайи-цIаги, гIарацги бикъун хутIарав гьев хIалтIизе Дагъистаналде вачуна. Кирпич къотIулеб заводалде вачунев ватани жив вилъунарин, жинда лъалин гьениб бугеб ахIвал-хIалан абун буго гьес бачIинехъего гьев вачунесда, гурин хъапустIан бакIаризе вачунев вугилан махсародеги ккун Тарумовка мухъалда аскIоб бугеб бакIалде вачун вуго гьевги, гьев гIадал лъабгоялги.
Гьениб жидеца хIадурараб кирпич автомобиладе баччулеб букIанин бицана Ирэкица. Гьениб жинде квеш букинчIилан мукIурлъана гьев, кьолеб квенги букIанин, регине бусенги букIанин, амма гIарац дагьаб гурони кьолеб букIинчIин. Гьеб сабаблъун хважаингун семизе ккедал гьес нахъе котIун вуго Ирэк, гьасул къайи-цIаги каналалъубе рехун буго. Гьениса свера-тирун гьев Гъизляралъул мучIдузда вукIун вуго гIи хьихьун, довасан МахIачхъалаялда ралел бакIазде ккун вуго. Гьениса Астраханалде щварав гьесда аскIове вачIун вуго Ислам абураб чи хIалтIизе Дагъистаналде вилълъинарищан.
Хайрудинов Ирэк: «Дица абуна кинаб Дагъистаналдейин
Ирэкида цадахъ рукIарал анлъго бихьинчиги цо чIужугIаданги гьанже цо бакIалда руго заманаялъ гIумру гьабун. Ольга ккола Украинаялъул Оддессаялдаса. Гьенир жиндир гьитIинаб лъабго лъимер бугин интернаталда, жий ячIинегIан хихьизе кьун рукIаралилан бицана гьелъ. Росгун ятIалъарай гьей хIалтIи балагьизе цин Мскваялде щун йиго, гьенисан Дагъистаналдеги. Кирпич къотIулеб заводалда гьелъ бан буго моцIгун бащадаб, амма 1500 гъуруш щурони кьун гьечIо гьелъие хважаинас, Дагъистаналде ячунеб мехалъ жинде рагIи кьун букIанин 15 азарго гъурущ кьелилан.
Гьебго такрар гьабуна хутIарал щугоязги. РукIа-рахъиналъу