«Газпроммежрегионгаз» компаниялъе Дагъистаналъ кьезе кколеб налъул къадар бахун буго 25 миллиард гъурщиде. ЦохIо исана соналъ налъи цIикIкIун буго 5 миллиард гъурщица. «Газпроммежрегионгаз» гIуцIиялъ лъазе гьабулеб буго налъи бецIун лъугIизабичIони Дагъистаналда цIиял газ кьолел мухъал хIалтIизе риччазе гьечIин жидецаян.
«Газпромалъе» Дагъистаналъ кьезе бугеб налъул хIакъалъулъ бицунеб букIана гьал къоязда республикаялъул хIукуматалъул минаялда тIобитIараб данделъиялда.
«Газпроммежрегионгаз» гIуцIиялъул вакилзабаз бицухъе гьединаб кIудияб налъи букIиналъе ругел гIиллабаздаса цояб ккола гIадамаз ждецаго газ бачунел мухъал хIадур гьари. Мисалалъе гьединал хIужаби гIемер дандчIвалел руго хасал бетIергьанлъиялъул минабахъ.
Гьеб баян «Эркенлъи» радиоялъе тасдикъ гьабуна Каспийскалда бугеб газ кьолеб мухъалъул хIалтIухъан Исрапилов Багирицаги. Амма гьес абуна гьединал мисалал рукIаниги 25 миллиард гъурущ налъи гьеб халкъалъ гIарац кьечIого лъугьараб налъи гурин.
90 саги цIикIкIун проценталъ коммуналиял хъулухъазухъ гIарац кьолеб бугин Дагъистаналда, гьелдаго цадахъ бухIараб газалъухъги, амма гьеб гIарац «Газпромежрегионгаз» гIуцIиялъухъеги битIичIого жидерго чвантинибе ккезабулеб бугин.
Исрапилов Багир: «Нижеца нужее газ битIанин гьелъухъ гIарац щайин кьоларебан Россиялъ ахIи бахъинабидал гьез маргьаби ургъула. Балагьейинха, мискинаб халкъалъул гIарац гьечIин, гьезул рес гьечIин бухIараб газалъухъ гIарац кьезейилан.
Кьолеб буго халкъалъ гIарац, амма гIарац кьоларел чаги руго гьел жалго хIакимзабиги, кирпич къотIулел заводазул бетIергьабиги. Сордоги къоялъги къотIулеб кирпич бугеб мехалъ хIаталдаса ун гIемераб газги бухIиларишха.
Гьеб мехалъ жидерго газ унеб рогIороги кьагьизабун лъугьуна гьел ракIалдаго гьечIого кьвагьун бачIанин гьеб рогIороян ва гьелъухъ рецIалил гIарацги тIалаб гьабула. Гьеле гьедин буго иш.
Гуреб батани мунго валагье мун, цоялдаса цоял хириял, кIиго миллионалдаса гъоркье гьечIел «Лексусаздагун» «Тойотазда» рекIун руго гьел газ кьолел мухъазул бетIергьаби Дагъистаналда.
ЦохIо жалго гурелги, хъизан лималазе ва хIатта дурцасде гIунтIун росула гьез гьединал багьаял автомобилал ва жиндирго лага-черх цIунизе чагIиги ккола рехьед гьабун. Суал бачIунеб сунде гьесие живго цIунизе чагIи, жиндаго нахъа цо чорокаб иш букIинчIебани кквелаандай гьел гьел?».
Дагьаб цебегIан «Газпроммежрегионгаз» гIуцIиялъул Пятигорсикялда бугеб идараялъул генералияв директор Деревянко Аркадийида тIад Монополиялда дандечIараб хъулухъалъул Дагъистаналда бугеб бутIаялъ тIад лъун букIана 800 000 гъурущ гIанасеб гIакIа.
Гьелъие гIиллалъун доб мехалъ рехсолеб Пятигорскиялда бугеб «Газпром Межрегионгаз» абураб гIуцIиялъ ихтияр гьечIого цIатариялдаса махIрум гьабун буго Гъизилюрталъул «ЖКХ сервис» абураб гIуцIи.
Гьез гIарза битIун буго Дагъистаналъул монополиялда дандечIараб хъулухъалде, гьез хал гьабун хадуб хIакъикъаталдаги баянлъун буго «Газпромалъ» къануналъул киналго тIалабалги хвезарун къотIизабун букIин Гъизилюрталъул идараялъе кьолеб газ.
Конкуренциялъул тIалабал хвезариялъухъ абураб федералиял къануналъул 10-абилеб статьялда рекъон къотIун буго гьезда тIад гIакIа.
Гьединго гIакIа къотIун буго «Дагестангазсервис» абураб гIуцIиялдаги, щайгурелъул «Газпроммежрегионгаз» абураб гIуцIиялъул буюриялда рекъон Гъизилюрталъе цIатари къотIизе гьабурал чагIи гьел рагIула ва къануналда рекъон гьезги кьезе кколеб буго жаваб, гьезда тIад къотIун буго 10 000 зараго гъурущ гIакIадул.
«Газпомежргегионгаз» команиялъе дагъистаналъ кьезе бугеб налъабазда сверун бугеб ахIвал-хIалалъул бицунеб букIана араб соналъул июлалда «Газпром» гIуцIиялъул нухмалъулев Алексей Миллерилгун республикаялъул нухмалъулесул дандчIваялда.
Налъи гIемерлъанин цIатариялъухъ гIадатияб халкъалъ кьураб гIарац хIакимзабазул кисинибе унеб букIиналъилан абуна гьениб Дагъистаналъул нухмалъулев ГIабдулатIипов Рамазаница.
«Газпромалъулгун» гьабураб къотIиялда рекъон гIарац бакIаризе бегьула мисалалъе республикаялда ругел цIатари кьолел батIи-батIиял компаниязухъа. Гьеб гIарацги кьун кIвезе бугин налъи бецIун лъугIизабиеян буна гьениб ГIабдулатIиповас.
Амма гьеб масъала жакъаги рагIалде бахъун гьечIо.