Абхазазул шагІир ва хъвадурухъан Баграт Шинкубал «Аразул ахирисев» абураб тІехьалда бицунеб буго черкессазул мухъалдаса убыхал тагІараб куцалъул. XIX- леб гІасруялъул байбихьуда Россиялъ Кавказалда билъанхъизабураб политикаялъе гІоло гьеб халкъ гочине ккун буго Туркиялде. Гьениб бакІалъулаб халкъалда гъорлъ журан убыхазда тІубанго кІочІон буго жидерго мацІ.
Дунялада бугеб 700-гІанаб мацІалда гъорлъан, ЮНЕСКОялъул статистикаялда рекъон, ахирисеб лъабго наслуялъул гІумурялда жаниб цогІаги чи хутІун гьечІо 200 мацІалда кІалъалев.
ЮНЕСКОялъ тагІунел мацІазда гъорлъ рехсолеб буго мугІрузул жугьутІазул, адыгазул, гъабардиязул, черкессазул, гъарачаязул, балкаразул, гъалгъазул, чачаназул, абхазазул, осетиязул ва цогидал мацІал. Гьеб идараялъул пикруялда, Дагъистаналда тагІунел мацІазул сияхІалда буго 25-ялдасанги цІиккун мацІ.
«Молодежь Дагестана» газетаялъул бетІерияв редактор, «Сугъулдерил калам» тІехьалъул автор ГІабашилов ГІабашица нижер Skype-интервьюялда загьир гьарулел руго рахьдал мацІал мискІинлъиялъе ругел багьанабазде. (КІиабилеб бутІа).