Гьеб суал борхизаби республикаялда хурхинабулеб буго, Нижнекамск шагьаралъул школаялда Лъай кьеялъул министерлъиялъ къаз кьай школалда гьукъиялда бан. Шагьаралъул прокуратураялъ гьелда бан жидерго лъазабиги гьабун буго школалъул бутΙрузда. Прокуратураялъ гьукъун буго дарсазда къаз къазе ва диниял тадбирал тΙоритΙизе. Гьелъ гьединго школалъул бутΙрузе рекомендация гьарун руго школалъул уставалда гьел гьукъиял гъорлъ ругел хиса-баси гьариялъул.
Гьелда сверун шагьаралда ахΙи-хΙур багъараун буго. Ва гьеб суал ахир-къадги борхизабун буго республикаялъул даражаялда. Татарстаналъул прокуратураялъул хΙукмуялда рекъон цо-цо школазда ругел какрукъзал къан руго. Хадуб республикаялъул ЖамгΙияб палата ва Лъай кьеялъул министерлъи школазда бусурбабазул хасаб ретΙел ретΙизе рес кьезе кколеб букΙиналъул пикруялде.
Дагъистаналдаги гьеб проблемаялде буго батΙ-батΙияб бербалагьи. Амма школаялда гьединаб ретΙел тΙадаблъунг гьабиялъул суал гьанжеги борхизабун букΙинчΙо.
МахΙачхъалаялъул музеялъул директор Зарема Дадаевалъги абулеб буго, гьединаб ахΙи-хΙуралъе багьаналъун гьединаб суал лъугьине кколарин. Школаялъул аслияб масъала кколин лъай кьей. РухΙияб тарбия школалда цадахъго хъизаналда кьезе кколин.
Дадаева Зарема: «Дицаги цΙакъ адаб гьабула диналъул. БитΙахъего абуни, дир пикруялда, диназ жидерго мурадазде щвеялъул кидаго гурел ритΙарал механизмал хΙалтΙизарулел ругел. Нилъер щивасул рокΙолъ буго нилъер дин. Амма лъимал гьадин хьвадизе кколин, гьедин хьвадизе кколарин абун, цоял кΙодо гьарун цогидал хΙакъир гьарун, унел бахΙсал чΙахΙиязул иш ккола. Лъималазе къваригΙараб жо гуро гьеб. Школа кьучΙияб лъай кьолеб бакΙ букΙиналъул бичΙчΙен баккизе ккола гΙадамазулъ. У, цΙалул заманалъ тарбиялда цадахъго лъола чиясул хасияталъул ва гΙамалалъул кьучΙ. ЛъикΙ букΙининаан гьеб заманалда жаниб жамгΙияталъ, эбел-инсуца цΙалдохъабазул ратΙлида сверун бахΙсазе хъвезабулеб энергия, лъималазе божилъи бугеб, лъикΙаб лъай кьеялда сверун хвезабулеб букΙарабани. Гьелъха дурусго кумек гьабула гΙолохъанчиясе битΙараб нух батизе. ЦΙалул идарабазда бищунго аслияб кΙвар букΙине ккола гΙелмабазде. Гьелдаго цадахъ рухΙияб рахъалдеги. Амма рухΙияб тарбия аслияб къагΙидаялда кьезе ккола хъизаналда, эбел-инсул мисалалдалъун.»
Дадаевалъ рикΙкΙунеб буго нилъер жамгΙияталъул жакъасел аслиял проблемабазда гъорлъ бугин гΙолохъабазул лъавукълъиян. Гьелъ цогидал проблемабиги рижинарулел ругин. гьединлъидал тΙоцебего гьеб проблемаялде кΙвар буссинабизе кколин.
Дадаева Зарема: «Дида ккола, гьеб, школалъул формаялда сверун, проблема гьечΙеб бакΙалда бижинабураб бугин. Нилъер жамгΙияталда руго гьелдасанги гΙемер кΙвар бугел проблемаби. Гьел рагΙалде рахъинаризе ккола тΙоцебесеб иргаялдаго. Лъавукълъи дурусго гьездаго гъорлъ буго. Гьебни тΙолабго улкаялдаго загьирлъулеб проблема ккола. Амма нилъер республикаялда гьеб загьирлъулеб буго хасаб къагΙидаялда. Гьеле гьелдаса, лъавукълъиялъул пробламаялдаса, рорчΙизе гΙамал гьабизе ккола, лъай кьезе ккола щулияб тΙоцебего, къаз къанищ яги цогидаб къагΙидаялда ретΙа-къанищ рукΙинаян суалал лъола рΙукΙинчΙого. Лъай щвеялъул мурадалде щун хадуб те гьединал лъималаз жидецаго бищизе буго битΙараб нух. ЛъикΙаб лъаялда цадахъго рухΙиябги бижуна.
РухΙияб рахъ мажгитазул къадаралда бараб букΙунаро. Гьелни аза-азар рукΙине бегьула. Амма, хΙассилалда лъавукъал гΙолохъабазда гъорлъ раккулел руго гΙарацие гΙоло рагъизе унел чагΙи. Диналъ гурищ чиясул рухΙияб рахъ бечелъизабизе кколеб! Дир пикруялда, цΙалдохъабазул ретΙелалда сверун яги гьелдаго релъароал цогидал суалазда хурхарал ахΙи-хΙуразда нахъ ратула политикиял интерес ва хасият. Дида ккола гьеб суалги кколин иргадулал бахΙсазе багьана ва полигон. Гьеб кинабго буго хъахΙаб кунаца букъараб суал. Гьел ккола политикиял хΙаял."