Ссылки для упрощенного доступа

Царнаевал: лъил нух ккун унел рукΙарал?


Бостоналда кьвагьиял гьариялъул щаклъи бугев Жовгьар Царнаев азарханаялдаса щвезавуна туснахъалъул медикияб кумек къваригΙунезул изоляторалде. Лъазабулеб буго, сурав босулеб мехалда гьев мукΙурлъанин чΙварав вац Темерлангун Нью Йоркалъул Тайм-Сквералдаги кьвагьиял гьаризе план букΙанин абуралъе.

Гьеб ва гьанжелъезегΙан америкаялъул низам цΙунулезул версияби хΙакъикъаталде данде кколел ратани, баккулеб буго суал сундуе гьел вацазе къваригΙун рукΙарал щибниги гΙайиб гьечΙел гΙадамазул гΙумру бахъулел кьвагьиял? абураб.

Лъазабулеб буго, ФБРалъ жиндирго суалал кьолеб мехалда Жовгьар Царнаевас абунин, операция унеб мехалда чΙварав 26 сон барав кΙудияв вацас жиндирго планал жиндие загьир гьарунин дагьалъ цебейин ва гьеб букΙанин гΙиракъалъул ва афгъанистаналъул бусурбазде данде гьабулел рагъалъухъ Цолъарал штатаздаса рецΙел босиян.

Гьединаб информация баккун хадуб бищунго гΙемер кьолел суалазда гъорлъ аслияллъун рукΙанин абизе бегьула, кинаб къагΙидаялда Темерлан Царнаев радикалияв исламистазул нухде аравин ва букΙанищ Царнаевазул бухьен Вашингтоналъ террористиял къокъабазул сияхΙалде босараб Имарат Кавказин жиндего абулеб Шималияб Кавказалъул исламистазул къокаялъулгун? абурал суалал. Шималияб Кавказалъул рахъалдаса махшел тΙокΙав экспертлъун рикΙкΙунев журналист Иван Суховас абулеб буго, Царнаевазде экстремистазул асар букΙун батизе бегьулин.

Иван Сухов, журналист
Иван Сухов, журналист
Иван Сухов: «Яргъид гΙуцΙаразул къокъабини анцΙ-анцΙ руго гьенир. Абизе бегьула гьел киналго Имарат Кавказ абураб цΙаралда гъоркь ругин. Амма гьел кколаро нилъеда бичΙчΙухъе тΙубараб гΙуцΙиялъул бутΙаби. Гьел гΙуралъ автономиял къокъаби ккола. Гьел кколаро цо бакΙалдасан нухмалъи гьабулел структураби. Гьел ккола цо идеялда сверун рагъулаб къагΙидаялда жидерго хΙаракатчилъи загьир гьарулел къокъабиги, чанги, ратΙа чΙарал гΙадамалги.»

ЭР. Царнаеваз социалиял сайтазда ругел жидерго гьумеразда лъун буго Шималияб Кавказалъул исламистазул сайтаздаса цо-цо материалал. Кин дуда кколеб, бугищ хурхен регионалда ругел исламистаздаги Бостоналда гьарурал кьвагьияздаги гьоркьор?

Иван Сухов:. «Дида битΙаралда релъинаблъун бихьулеб буго, гьел рукΙанин кавказалъул балъгояб багъа-башариялъул асар щун гьединаб галиялде гьесарал ратΙа чΙарал гΙолохъабиян абураб версия. Дида ккола, гьезул букΙинчΙин битΙахъеб бухьен гьел къокъабазул командиразулгунин. Дида ккола гьел рукΙанин Шамалияб Кавказалъул балъгояб багъа-башариялда бан симпатиял рукΙарал гΙолохъабийин. Гьез интернеталдасахун хал ккун букΙун батизе бегьула гьел къокъабазул хΙаракатчилъиялда хадуб. Гьедин гьез цо параялда хΙукму гьабун батизе бегьула, заман щванин хΙакъал галаби гьаризеян.»

ЭР. Чачаназул сепаратистазул лидер ГΙумаров Докуца 2007 соналда Имарат Кавказ гΙуцΙун бугин лъазабулеб мехалда магърибалъул улкабазе, хасго Британиялъе ва Цолъарал штатазе тΙадеканцΙиязул хΙинкъиял кьун рукΙана. Гьез жидерго хΙинкъиял гΙумруялде рахъинарун рукΙиналъул версия къабул гьабулеб букΙарабани, щиб Бостоналда гьабуралдаса щвезе букΙараб Шималияб Кавказалъул яргъид гΙуцΙаразе?

Иван Сухов: «Цолъарал штатазеги Британиялъеги гьес хΙинкъиял кьолел рукΙана, щайгурелъул гьесие гьединаб къагΙидаялда къваригΙун букΙана жал жигьадистазул глобалияб системаялъул бутΙа букΙин бихьизабиялъе. Амма гьеб киназдаго гуреб бичΙчΙараб, сепаратистазул вакил АхΙмад Закаевас гьелде Магърибалъул кΙвар буссинабизе гΙамал гьабулеб букΙаниги.»

ЭР. ГΙумаровас загьир гьабуна жидеца Аль Каидаялъул рахъ кколеб букΙиналъул пикру. Идеологиял гΙаммаб рахъ букΙингуреб, бугищ хурхен Шималияб Кавказалъулги Аль Каидаялъулги яргъид гΙуцΙаразул?

Иван Сухов: «ГΙагараб Машрикъалъулгун ва глобалияб жигьадалъулгун бухьен буго. Буго журналистазул лъикΙаб цΙех-рех. Гьелъ бихьизабулеб букΙана 2000 соналда гьединал бухьенал рукΙин. Гьелъ бихьизабулеб букΙана глобалияб джигьад хΙакъаб жо букΙин ва Шималияб Кавказалъулгун бухьеналги гьелъул хΙакъаб жо букΙин. Амма гьеб ишалъул кΙвар кΙодо-кΙодо гьабун бихьизабулеб буго лъугьа-бахъунелъе къимат кьолеб мехалда. Щайгурелъул гьелъул кьалбал руго бакΙалъулал.»

Царнаевал чачанал рукΙиналъ ва гьезул дагъистаналдеги хурхен букΙиналъ ахирисел анкьазда журналистаз жидерго кΙвар буссинабун букΙана Дагъистаналде. МухΙканлъизабун абуни, анцΙго сон Цолъарал штатазуда бахъун Дагъистаналде рачΙарал вацазул эбел-эмен МахΙачхъалаялда рукΙиналда бан. Ахирисез чΙван къотΙун нахъ чΙвалеб буго жидер лъималаз теракт гьабун букΙин ва гьез абулеб буго, жидер лъимал америкаялъул хасал хъулухъаз ургъунго гьединаб балагьалде гъорлъе рачун ругин.

ХΙакъикъат балагьизелъун Цолъарал штатазде ине букΙана гьезул планалда. Амма билет босун букΙаниги рузман къоялда Анзор Царнаев аэропланалда рекΙун гьечΙо. Лъазабиязда рекъон, сахлъиялъул проблемаби загьирлъун гьесул лъадиялъ «хехаб медикияб кумек» ахΙизе ккун буго.

Зубайдат Царнаевалъул рагΙабазда, гьелъул цΙар гьанже рагΙула цолъарал штатазул терроризмалде гΙахьаллъи букΙиналъул щаклъи бугезул сияхΙалда. Гьелъул хΙакъалъулъ гьелъ жинцаго лъазабуна хамис къоялда МахΙачхъалаялда рос-лъадуца кьураб пресс-конференциялда.

пожалуйста, подождите

No media source currently available

0:00 0:00:27 0:00
Загрузить файл

Нагагьлъун Зубайдат Царнаева Цолъарал штатазде ани, йосизе йигищ гьей аресталде гъоркье, абураб суалалъе гьанжеги жаваб кьун гьечΙо диваналъул идарабазул хΙалтΙухъабаз.

Кинаб бугеб бербалагьи Бостоналда лъугьа-бахъаралде ва гьелда хадуб загьирлъулеб хΙакъикъаталде бугеб гΙадамазул ва информ алатазул. Россиялъул прессаялъул пикраби цолъизарун, гьадин бицана нижер программаялъе Настоящее время газеталъул бетΙерав редактор Милрад Фатулаевас.

Милрад Фатулаев, "Настоящее время" газеталъул бетΙерав редактор
Милрад Фатулаев, "Настоящее время" газеталъул бетΙерав редактор
Милрад Фатулаев: «Россиялъул прессаялъул пикруялда, гьев кΙиго вацас гьабураблъун рикΙкΙунеб теракт букΙине бегьула айсбергалъул бихьулеб бутΙа. Гьелъул гъоркьияб рахъалдайин абуни букΙине бегьула цΙакъ кΙудияб къуват, гьелъул рукΙине бегьула жиндирго кΙудиял мурадал. Гьеб кинабго батизе бегьулин цо пуланал хΙаязул элементин, рикΙкΙунеб буго гьелъ.»
Бостоналъул кьвагьиязда хадуб кинаб букΙараб реакция гΙадамазул ва информалатазул цебего терактазде ругьунлъараб Дагъистаналда?

Милрад Фатулаев: «Америка ракΙалъе гΙолареб, гьениб щиб кканиги гьимулезул гьитΙинабго процент рикΙкΙинчΙого, Дагъистаналъул жамгΙияталъ кьвагьиял гьариялъул жидедаго рагΙарал мотивазде балагьичΙого, гьеб хΙужжа къабул гьабуна цΙакъ негативияб рахъалдаса. Гьезда бичΙчΙунеб буго гьеб кинабгΙаги магΙна гьечΙеб акция букΙараблъи. Дагъистанаияз рикΙкΙунеб буго вацазул хурхен букΙинчΙин Шималияб Кавказалъул жигьадистазулгунин ва гьезул лидер Доку ГΙумаровасулгунин. ЦΙакъго квешаб къимат гьез кьолеб буго гьеб акция гьез гΙадатиял гΙадамазде данде гьабун букΙиналъги. Халкъалъул ункогоялдасаги цΙиккун проценталъул гьелдаса ракΙ буссанин абизе бегьула.»

Бостоналда ккараб цолъарал штатазул хасал хъулухъазул сихΙирал хΙаяллъун рикΙкΙунезул цояв ккола «Дагестанцы» абураб газеталъул бетΙерав редактор ГъазимахΙамадов ГΙалисултан.

ГъазимахΙамадов ГΙалисултΙан, "Дагестанцы" газеталъул бетΙерав редактор
ГъазимахΙамадов ГΙалисултΙан, "Дагестанцы" газеталъул бетΙерав редактор



пожалуйста, подождите

No media source currently available

0:00 0:00:28 0:00
Загрузить файл











«Молодежь Дагестана» газета бетΙерав редактор ГΙабашилов ГΙабашица абулеб буго ГъазимахΙамадовасул гΙадал пикраби ругел гΙадамал дагъистаналда гьечΙин. Гьелъие бугеб багьана гьес загьир гьабуна гьадин.

ГΙабашилов ГΙабаш, "Молодежь Дагестана" газеталъул бетΙерав редактор
ГΙабашилов ГΙабаш, "Молодежь Дагестана" газеталъул бетΙерав редактор













пожалуйста, подождите

No media source currently available

0:00 0:01:12 0:00
Загрузить файл

ГъазимахΙамадоваске суал. - Дур пикруялда, кинаб букΙана хΙалтΙи гьал къоязда гьоркьоб къотΙизабичΙого америкаялъул терактазул бицунел дунялалъул информалатазул. КигΙаналъ гьез хΙаракат бахъулеб букΙараб хΙакъикъаталде данде кколедухъ информация кьезе?

пожалуйста, подождите

No media source currently available

0:00 0:01:35 0:00
Загрузить файл

ГΙабашиловас абулеб буго информациялъул алатазе хΙакъикъаталдаги захΙматго бугин цолъарал штатазда ккараб трагедиялъул бицинеян. Официалиял идараби, низам цΙунулел идараби гΙедегΙулел гьечΙин чΙван къотΙарал божилъи бугеб информация къватΙибе кьезеян.

пожалуйста, подождите

No media source currently available

0:00 0:02:57 0:00
Загрузить файл
XS
SM
MD
LG