Гьеб радиоялде байбихьудасаго бижана кΙудияб интерес ва гьелъул аудитория букΙана гΙуралъ кΙудияб. Гьелъул программабазул кьучΙода хΙалтΙизарулел рукΙана тΙоцере, совет хΙукуматалъ ва коммунист партиялъ тушманлъиялъулаблъун риккунеб букΙараб «самиздат» абулеб букΙараб литература. Радиоялдаса цΙалулел рукΙана Борис Пастернакил, Иосиф Бродскиясул, Александр Солженицынил, Милован Джиласил, Андрей Синявскиясул, Андрей Сахаровасул асарал. Гьеб гуребги ЭР-ялъ доб заманалдаго байбихьана Мюнхеналда «самиздаталъул» архив бакΙаризе.
Совет Союзалъул цогидал мацΙазда программаби кьезе байбихьана радиоялда 1953 соналъул 18 марталда. Гьел рукΙана азербайджан, армен, гуржи ва Шималияб Кавказалъул чанго мацΙазда трансляция, гьезда гъорлъ рукΙана авар, чачан, гъалгъазул, осетиязул гъарачаязулгун балкаразул адыгазул мацΙал.
Советияб Гьоркьохъеб Азиялъул республикабазул букΙана узбек, казах, киргиз, туркмен ва таджик мацΙазул программаби. Татаразулгун башкиразул программаби кьезе байбихьана гьебго соналъул декабралда. Белоруссазул ва украиназул мацΙазда – 1954 соналда.
Шималияб Кавказалъул мацΙазда программаби кьолел рукΙана 1970-билел соназде щвезегΙан. Гьел мацΙазул редакция гΙуцΙиялъул кьучΙода вукΙун вуго чачаназул ва гъалгъазул диссидентал Авторханов ГΙабдурахΙман ва Ибрагьим Гелесханов.
Сураталда ахирисев вуго чухъа ретΙарав. Жибго сурат бахъун буго 1950 соназда Мюнхеналда аскΙобехун бугеб, уланаб байрам кΙодо гьабулеб мехалда. Гьениб букΙун буго Шималияб Кавказалъул халкъазул кучΙдулги кьурдиги. Жидерго махшел гьениб бихьизабун буго гьединго Гелесхановас ва аварай Аза Ризерицаги (квагΙисан тΙоцеесей). Гьей доб мехалда йикΙун йиго ЭР-лъул музыкалияб редакциялъул нухмалъулей. Гьел кΙияздаго гьоркьор руго Эркенлъи радиоялъул президент Гьовлен Сарджент ва гьесул лъади Мирна Лой, доб заманалда машгьурай киноактириса.
Шималияб Кавказалъул сервис цΙидаса рагьана 2002 соналъул лъабабилеб апрелалда. Гьелдаса нахъе программаби кьолел руго авар, чачан ва черкессазул мацΙазда.
Гьадин бицана нижер программаялъе цевего ЭР-ялда хΙалтΙулев вукΙарав Татаразулгун башкиразул сервисалъул директорлъун вукΙаго Шималияб Кавказалъул мацΙазул редакция цΙидаса гΙуцΙарав, хадуб къокъаб заманалда гьебго редакциялъул директорлъун вукΙарав гьанже Германиялда гΙумру гьабун вугев пенсионер Ферит Агица. Гьес абуна, цΙидаса гьеб редакция гΙуцΙизе бигьаяб масъала букΙинчΙин.
Ферит Аги: «Гьай-гьай гьеб бигьаяб масъала букΙинчΙо. ЗахΙматго букΙана къватΙир жидерго рахьдал мацΙ лъалел гΙадамал ралагьизе. Авар, чачан ва черкесс мацΙазда кΙалъалел чагΙи ралагьизе. Кин букΙаниги нижеда бажарана гьединал данде кколел профессионалал ратизе. Ахир-къадги дунгоги тамашалъун вукΙана, амма гьединал чагΙи ралагьана нижеца. Гьебги щиб гьеб редакциялда хΙалтΙизе доб заманалда разилъарал, журналистазул хΙалбихьи бугел чагΙи.»
Аммаян абулеб буго гьес, Прагаялда хΙалтΙизе махшел бугел журналистал ралагьиялдасанги захΙматаб букΙанин доб мехалда бакΙазда корреспондентал ралагьизеян.
Ферит Аги: «Корреспонденталцин рукΙинчΙо нижер тΙоцере. Гьел ралагьизе захΙматго букΙана. Амма нижеца щибаб мацΙалда 20 минутазул программаби риччалел рукΙана. Халкъазда гьоркьосеб темабазул материалал нижер рукΙана инглис мацΙалда. Нижер журналистазда берцинго гьеб мацΙги лъалеб букΙинчΙо. Гьединлъидал гьанир гьел руссинарулел хасал гΙадамалги рукΙана заманалъ.
БукΙине кколеб къагΙидаялда хΙалтΙизе байбихьилелда цебе цого-цо корреспондент ятун йикΙана нижеда. Гьейги щиб Лонданалда. ХутΙарал корреспондентал ралагьана дун нахъе ун хадуб вачΙарав директорас."
Ферит Агица абулеб буго, цебе, 50 соназ хΙалтулел рукΙарал Шималияб Кавказалъул редакциябазе хΙалтΙизе гьелдасанги захΙмат букΙанин, хасго «махул пардав» букΙин ракΙалде босунин.
Ферит Аги: «Киналго редакциязе захΙматго букΙана хΙалтΙизе. ЦΙакъ захΙматго букΙана Совет Союз биххун раккарал улкабаздаса информация щвезе, цΙакъ захΙматго букΙана. Нижер хΙалтΙухъабаз информация балагьулеб букΙана газетаздаса, журналаздаса, пайда босулеб букΙана бокьараб хΙакъаб информация кьезе бажарулел ресаздаса.
РукΙинчΙо кореспондентал. Гьел ралагьизеги доб мехалдани, цΙакъго-цΙакъ кΙудияб проблема букΙана. Гьедин букΙаниги, журналистазда бажарулеб букΙана ахир-къадги гΙадамазул интерес бижинабулеб информация къватΙибе кьезе. Гьез цадахъго гΙамал гьабулеб букΙана радиоялъухъ гΙенеккаразда биччинабизе щиб хΙакъаб демократия кколебали, рагΙул эркенлъиялде ва демократиялде хурхен бугел рагΙабазул ва терминазул магΙна бичΙчΙинабизе. Гьез бицунеб букΙана, хΙакъаб эркенлъиялъул магΙна, эркенго жидерго пикраби загьир гьабизе рес бугел жамгΙиятазда гΙумруялъул къагΙидабазул хΙакъалъулъ. Нижеда бажарулеб букΙана радиоялъухъ гΙенеккулезул интерес бижинабулел къагиΙдаби хΙалтΙизаризе.»
ЭР. "- Щайха гьедигΙан захΙматго рагьун букΙараб Шималияб Кавказалъул мацΙазул редакция къараб доб заманалда?"
Ферит Аги: «Къана финансазул багьана букΙун. Доб мехалда хΙалтΙулел рукΙана гΙурус, осетиязул, гъарачаязулгун балкаразул, гъалгъазул, аваразул, чачаназул адыгазул мацΙазда. Гьурус мацΙалъул программаби рукΙана гьединго гьанже Щималияб Кавказалъул мацΙазул редакция цΙадаса рагьун хадубги. Амма дагьаб заманалдаса тΙубараб гΙурус хъулухъ гΙолеб бугин абун, гьеб мацΙалъул программаялдаса инкар гьабуна. Цереселин абуни, къана 70 соназда."
Ферит Агил пикруялда, жакъа ЭРадиоялъул Шималияб Кавказалъул редакцияби тΙадеги щулалъизаризе ккола. Гьелъие багьаналъун гьесда бихьулеб буго жакъа регионалда бугеб хΙалуцараб ахΙвал-хΙалги, жибго Россиялъ демократиялъул нухда нахъе галаби гьарулел рукΙинги.
Ферит Аги: «Жакъасеб хΙакъикъат ракΙалдеги босун, дир пикруялда, гьеб редакция букΙине ккола дагьалъги кΙудияб. Цингиги къокъал карачелазда хΙалтΙулеб мехалда, захΙматго букΙуна радиоялъухъ гΙенеккулезул аудитория кΙодолъизабизе. Амма гьанже раккун руго цΙиял медиасурсатал, медиатехнологиял. Гьеб редакциялъги гьанже гьездеги кΙвар буссинабизе ккола.
МацΙ дида лъалеб гьечΙониги, дун цо-цо нухалда балагьун вукΙуна Шималияб Кавказалъул сервисалъул сайтазде. Интеренталдаса кΙудияб пайда босизе ккола жакъа. Гьелъие кΙудияб кΙвар кьезе ккола. Хасго жакъасеб Россиялъ информалатазул эркенлъиялъул рахъалда нахъе галаби гьарулел рукΙин ракΙалде босун. Россия демократиялъул нухдасан нахъе унеб буго жакъа. Гьебги щиб Путин нухмалъуде вачΙун хадуб. Жакъа Шималияб Кавказалда ахΙвал-хΙалги буго захΙматаб. Дир пикруялда, гΙадамазул рукΙине ккола ресал батΙи-батΙиял рахъаздаса информация щвеялъул. Дир пикруялда, жакъа ЭР-лъул Шималияб Кавказалъул редакциялъул роль цΙакъ кΙудияб буго ва гьелъул хΙалтΙи тΙадеги къувалъизабезеги ккола.»