CNN телеканалалъ Цолъарал штатазул хΙукуматалдаса анонимияв хΙалтΙухъанасда базабун лъазабуна, Жовгьар Царнаевас абунин, гьесул вац Тамерланица жинцаго хΙадуранин гьел кьвагьиялин. Гьесулго рагΙабазда, гьесие гьединаб къвагΙидаялда бокьун букΙанин ислам хΙакъир гьабиялдаса цΙунизеян. Кьвагьулел алатал гьаризе жал кΙиялго ругьунлъанин интернеталъул кумекалдалъунин. Жовгьарил рагΙабазда, Тамерланил кинабгΙаги хурхен букΙинчΙин халкъазда гьоркьосел террористиял къокъабазулгунин, лъазабуна CNNалъ.
Телеканалъе ФБРалъ лъазабун буго, жидер гьечΙин гьанжеги кинабгΙаги нугΙлъи, кьвагьиял гьаризе гьезие лъицалиго кумек гьабун бугин абизе рес кьолебин.
Гьелдаго цадахъ россиялъул рахъалъул гьариялда рекъон, 2011 соналда ФБРалъ суалал кьун руго Тамерлан Царнаевасе ва гьесул гΙагаразе. ФСБялъул щаклъи букΙун буго Тамерлан исламистазул кьеразде гъорлъе лъугьун, Россиялде вачΙине хΙадурлъулев вукΙине бегьиялъул. Амма доб мехалда ФБРалъ тасдикъ гьабун букΙун гьечΙо россиялъул рахъалъул хΙинкъиял.
ЦΙех-рехчагΙазул ва журналистазул суал хутΙулеб буго, кинаб къагΙидаялда ва кив Царнаев Тамерлан радикалиял исламистаздехун вуссаравин? абураб.
Цолъарал штатазул хасал хъулухъазул щаклъи буго, гьесул экстремистияб бербалагьи цебесеб соналда Россиялде ун, щулалъун батизе бегьиялда. Амма гьесул эбел-инсуца нахъ чΙвалеб буго гьединаб пикру. Гьез абулеб буго гьев вачΙун вукΙанин гΙага-божарал рихьизе, Дагъистаналда ва чачаналъ ругел исламистазде гьесул кинабгΙаги хурхен гьечΙин. Гьедин хъвалеб буго «Ассошейтид пресс» агентлъиялъ.
"Рейтерс" агенлъиялъ лъазабулеб буго, Тамерлан ватΙаналда вукΙанин цебесеб соналъул январалдаса июналде щвезегΙанин.
Амма Дагъистаналъул Жанисел ишазул министерлъиялъул жиндир цΙар абичΙев хΙалтΙухъанас лъазабун буго Интерфакс агентлъиялъе, ахирисеб чанго сонида жаниб я Тамерлан Царнаев, я гьесул вац Жовгьар дагъистаналъул территориялде раккунцин рукΙинчΙин, жидеда гьезул хΙакъалъулъ лъанин бостоналъул теракталда хадуб телевидениялъул лъазабияздасайин.
Талат къоялда нижер мухбиралъ хΙалбихьана Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялда тасдикъ гьабизе гьеб информация. Амма гьеб идараялъул информациялъул ва жамгΙиял бухьеназул бутΙаялъул нухмалъулев хисулей ГΙубайдатова Фатинаца лъазабун буго, МВДялъ гьединаб лъазаби гьабунцин букΙинчΙин.
ГΙубайдатова Фатина: "БукΙинчΙо гьединаб лъазаби. Нижер пресс-хъулухъалъ гьединаб лъазаби кьун букΙинчΙо. Лъаларо лъица гьелъул хΙакъалъулъ лъазабун букΙарабали. Нижеца гьелъул хΙакъалъулъ щибниги лъазабун букΙинчΙо. Нижеца гьединал ситуациязда хурхун комментариял кьоларо. Бокьа-бокьарал комментариял гьаризе бегьула гьел аноноимаз. Гьелда хурхун нижер кинабгΙаги информация гьечΙо. Гьеб нижер юрисдикция кколаро, гьел комментариял нужее гьаризе ккани. МВДялъ кинабгΙаги информация кьоларо. Царнаевасда хурхун нижехъе ахΙуге!"
Дагъистаналде Тамерлан Царнаев вачΙун вукΙин тасдикъ гьабуна Федералияб миграциялъул хъулухъалъул дагъистаналъул идараялъ. Гьелъул лъазабиялда рекъон, гьев вачΙун вукΙун вуго 2012 соналда цебесеб паспорт билун, цΙияб босизелъун. Документ хΙадурун букΙанин, амма жидеда лъалареб багьанаялъ Царнаев гьелда хадув вачΙинчΙин лъазабуна гьеб хъулухъалъул хΙалтΙухъабаз.
Дагъистаналъул ХΙинкъигьечΙолъиялъул мажлисалъ бетΙер Баачилов МахΙамадица нахъ чΙвалеб буго, Царнаев терррористияб махшелалде Дагъситаналда рагьунлъун вукΙиналъул пикру. Гьесул рагΙабазда Дагъиситаналда гьев низам цΙунулел идарабазул щаклъиялде гъоркье ккун выукΙинчΙо.