Санкт Петербургалда ракlараразда цее яхъунаго америкаялъул къватΙисеб политикаялъул идраялъул бетΙералъ лъазабуна, гьединал гΙуцΙиязе, россиялъул нухмалъиялъул ццим бахъинабичΙого, финансазул квербакъи гьабиялъе къагΙидаби ралагьиялъе хΙаракат бахъизе бугилан.
Гьединаб лъазабиялъе гΙиллалъун бахъана гьебго къоялда Россиялъул Пачалихъияб думаялде "Единая Россия" партиялъул фракциялдасан депутат Александр Сидякинил инициативаялда рекъон бижараб къватΙисан кумек щолел пачалихъалъулгурел гΙуцΙиязул хΙалтΙиялъе, инсанасул ихтиярал цΙунулезул къиматалда, хΙакъикъаталдаги нух къалеб къануналъул проект.
Гьеб проект Пачалихъияб Думаялъ къануналде буссинабуни, пачалихъалъул ва коммерциялъул гурел къватΙисел улкабаздасан 200 азарго гъурщидаса цΙикΙкΙун грантал щолел идарабазе чΙезабизе бегьула «къватΙисел улкабазул агентал» абураб статус.
Москваялъул Хельсинкиялъул къокъаялъул нухмалъулей Людмила Алексеева: «КъватΙисел улкабаз кьурал грантал нижеца росула, улкаялъ инсанасул ихтиярал цΙуниялъул хΙалтΙи тΙобитΙизе гΙарац кьолареб мехалда. Россиялъул пачалихъиял фондаз гΙарац биччала гΙицΙго жидеего хΙелхΙедулел, жидее мукΙурал гΙуцΙиязе»
Людмила Алексеевалъ гьединго лъазабулеб буго, нагагьлъун гьеб къанун Пачалихъияб Думаялъ къабул гьабуни ва федерациялъул шураялъ тасдикъ гьабуни, гьелда вето лъеян президент Владимир Путиниде хитΙаб гьабизе бугилан.
«Мемориал» абураб инсанасул ихтиярал цΙунулеб централъул нухмалъулев Олег Орлов: «Владимир Путин президентлъиялде вачΙун хадуса цΙидаса инсанасул ихтияразде ва гражданияб жамгΙияталде гьужум гьабулеб букΙин бихьулеб буго. Сунде гьелъ рачине бегьулел пачалихъиял ва коммерциялъул гурел идараби? Баянаб жо ккола - пачалихъияб рахъалдасан тΙадецуй цΙиккиналде ва кисса-кибего ва гьоркьоб къезабичΙого хадуб хал кквеялде. ГьабсагΙаталъги ниж киналго даимаб хал квеялъул шартΙазда хΙалтΙулел руго. Пачалихъалъе гьелдасан щибниги цΙияб жо щвезе гьечΙо.
ГΙемерисел гΙуцΙияз инкар гьабизе буго Юстициялъул министерлъиялъул рестралда регистрация гьабизе. Гьедин чΙахΙиял гΙакΙаби лъун, чанго гΙуцΙи къазе бегьула. Хьул буго гражданияб жамгΙияталъ тΙадецуй гьабун, гьединаб практикаялдасан, ниж киналго къватΙисел пачалихъалъул агенталлъун лъазабиялъул къагΙидаялдасан инкар гьабизе букΙиналде. Гьеб кинабго ккола нижер дискредитация гьабиялъе бахъулеб хΙаракат.»
Халкъазда гьоркьосеб "Transparency International" абураб коррупциялде данде кьеркьеялъул гΙуцΙиялъул россиялъул бутΙаялъул нухмалъулей Елена Панфилова: "Жакъа хΙалтΙулеб къануналъ гΙураб рес кьолеб буго идарабазул хΙаракатчилъиялъул хасиятги гьабулеб хΙалтΙулги киналго рахъалъ баянлъизабизе. ЦΙияб къанун къабул гьабизе хΙаракат бахъулел гΙадамазул политикиял мурадал руго. Идарабазул хΙакъалъулъ тΙадеги информация лъазе къваригΙун хΙадурулеб къанун гуро гьеб."
Рузман къоялда Пачалихъияб Думаялде битΙун буго къануналъул проект, киналго инстанцияз тасдикъ гьабуни, кΙинусазарго гъурщидасан цΙиккун гΙарцил кумек улка тун къватΙисан щолел пачалихъиялъулгурел гΙуцΙияз щибаб бащдаб сонида жаниб загьир гьабизе ккезе буго жидерго хΙаракатчилъиялъул хΙакъалъулъ информация.