Ссылки для упрощенного доступа

Гургинго регун, гургинго рахъун унеб бугеб гlумру...


Россия - Фергана къотlор хlалтlулел Узбекистаналдаса мигрантал, Москва, 28Янв2013
Россия - Фергана къотlор хlалтlулел Узбекистаналдаса мигрантал, Москва, 28Янв2013

Кремлалъе бокьун буго къватIисел улкабаздаса иллегалиял хIалтIухъабазе рагьун, къануналда рекъон хIалтIизе ресги кьун гьезие щолеб харжалда магъало лъезе, гьелде тIадеги Россиялъе мигрантал къваригIун руго халкъ херлъулеб букIиналда банги. Гьедин рикIкIуна экспертаз. Амма иммигрантаздехун бугеб рокьукълъиялъ, ругелги къанунал цIунулел гьечIолъиялъ ва мигрантазул хIалтIудаса хайир босулеб рагIдукь бугеб экономика улкаялда букIиналъ квал-квал гьабулеб буго мигрантазул хIалтIи къануналъул гIурхъабалъе бачине.

Дагъистан тун къватIире хIалтIизе ине ккеялъул ва хIалтIизе араб бакIалда данд чIвалел захIмалъиязул бицунеб буго Москваялда хIалтIулев вугев дагъистаналдаса ГIалиев Абубакарица.

ГIалиев Абубакар: «Миграциялъул проблемабазда тIасан гургинаб стол тIобитIун бугин рагIула, гьеб суал форумалда гьоркьоблъун букIанин рагIула, инсанасул ихтиярал цIунулез тIаде босун бугин мигрантазул проблемаялда хадуб хал кквезеян рагIула , президентас кIвар буссинабунин мигрантазул проблемабаздеян рагIула, пачалихъияб программаби гIуцIулел рукIуна, зама-заманалда хъуялда тIаделъула цо-цо проблемаги цебе ккун гьелде кIвар буссинабизе , амма кинаб букIаниги хIасилалде рачIун рихьуларо.

Проблемабиги церего гIадин гIадатияб халкъалъул проблемабилъун хутIула. Дида кола ахIи -хIур бахъинабулин идрабазги , тIадтаразги жиде -жидеца гьабулеб хIалтIи бихьизабизе къвригIараб мехалъ. ХIакъикъаталдайин абуни мигрантазул проблемабазул ургъел лъиениги гьечIо дир хIисабалда. Диеги бокьилаан Дагъистаналда хъизамалда аскIов, радал хIалтIизе ун къаси рокьове вачIун вукIине. Гьанжесеб гIумруялда рекъон хъизам хьихьхизе гIолеб гIарац щолеб хIалтIи букIунеб Дагъистаналда. ХIукуматалъул хъулухъалги гьенир наслабаз наслабахъе кьолел рукIуна. Цоги чиясде ирга щоларо.

Гьадин унеб буго ха гIумру. Москваялда вуго- янги абун. «Гургинго регун , гургинго рахъунин»- рукIуна ан умумул абулел. ХIалтIул къо лъугIун рокъоре рачIараб мехалъ хехго кваназеги кванан регизе анищ букIуна. ТIад бугеб ретIел бахъизе, эркенго регизе, эркеного телевизоралъухъ балагьизе, дуниялалда лъугьунеб бахъунелда хадуб халкквезе анищ ги хутIун букIунаро, битIараб бицани. ГIемераз цо рукъ цадахъ бахъизе хIаракат гьабула. Цинги рукъалъухъ кьолеб гIарацги киназдаго гьоркьоб бикьун, харжалдасан цIикIкунисеб бутIа кодоб хутIулеб къагIида гьабуле. Лъимал хъизамалъе рокъобе битIизе тIокIлъизабула. Киналго ратиларо гьединги .
Дица диргоги, цадахъ ругезулги рукIарахъинаъул бицаниги, лъикI ругелги ратизе бегьиларищ.
Унтугегиян ккола. Сахлъиялъул бицун кире инел Москваялда Дагъистаналъул медицинаялъул полисалги росун.

Гьанже бицунеб рагIулеб буго, батIияб регионалде хIалтIизе рачIине бокьани гьениб гIумру гьабун ругин абураб хъвай хъвагIай къваригIине букIиналъулги.
Гьеб Совет Союзалда букIараб хIалбихьиялде тIад руссунел ругони Дагъистан цоцахъа бахъи гьабиялде ккела гурии.

Дица хIисаб гьабун Дагъистаналдаса къватIи- къватIир хIалтIизе унел хIалтIул ригьалъул гIадамазул къадар 50% процент гIаги батизе бегьула. Цинги гьел гIадамал Дагъистаналдего тIад руссане, гьенир хIалтIулел бакIал чIезаризе ккела ха.

Заводал хIалтIулареб, фабрикал гьечIеб Дагъистаналда кир хIалтIилел? Щивав чи жинди жиндир азбаралда вичарилев вукIиналъе гIоло, бичулеб босизе гIарац бугев чи къваригIунарищ?»

Гьаб гарачIвари ккана нижер Москваялде унеб поездалда жаниб ГIалиев Абукарилгун.

Гьесие 40 сон буго. Гьелдасан I0 соналъгIаги жив Москваялда минаби ралезул къокъаги гIуцIун хIалтIулев вугин бицунеб букIана Абубакарица. Гьеб букIана анцIабилеб январь. Абубакарил гIелалъул ва дагьабги гIолохъанаб гIелалъулги бихьиназул ва руччабазул цIун букIана вагон. Бихьулеб букIана Абубакар мекъи колев гьечIолъи 50 процент Дагъистаналдаса гIолилал Дагъистан тун къватIир хIалтIулел ругин абулаго.
Гьанже ракIалде щвезарилин хIалтIизе рачIараб бакIалда, хасго Москваялда мигрантаздехун букIунел бербалагьиял.
БатIа босун гIицIго Дагъистаниязул, яги цогидал Шималияб Кавказалъул халкъалъул бицун тIубаларо.ТIолго жаниселги къватIиселги мигрантал Москваялде руссун ругеб гIадаб букIуна гьездехун жамгIияб бербалагьи.
«Чуркаби, киналго гьанире рачIуна.Нуже-нужер гъора щай рукIунарел,нуж сабаблъун нижер халкъалъе хIалтIул бакIал щолел гьечIо, нужедасан буго кинабго гъалмгъир гьаниб лъугьун», -гьел ккола гIемераздасан цо-цо рокьукъал рагIаби, рагIунги, рагIичIогоги къватIисан хIалтIизе рачIаразда Москваялъулаз речIулел рукIунел.
Гьеб гуребги полициялъ нух- нухалъур чIезарун хъвай -хъвагIай цIехейги цогидабги.
ЛъугIизего ругищ гьел проблемаби?
Лъица хIакъикъаталда гьел тIаде росизе колел.
Щиб гьабулеб бугеб?
Бищун цебе тIатараз щибниги гьабулеб гьечIин миграциялъул проблемаби лъугIизаризе абураб бербалагьи загьир гьабулеб буго политикияб партия «Яблокоялъул» нухмалъулев Алексей Митрохиница.
Алексей Митрохин: «Миграциялъул рахъалда тIадтараз гьабулеб гьечIо щибниги. Яги гIакълу гьечIелщинал жал гьарулел руго. Яги хадур ккун тIуразаруларел ишал церелъолел руго».
Политикияб партия «Яблокоялъ» гургинаб столалде эксперталги данде ахIун гьоркьоб лъун букIан миграциялъул проблема.
Гьениб жиде -жидер бербалагьиялда рекъон мигрантазул проблемаби дагьлъизаризе церелъеял гьарулел ругоан экспертаз.

Москваялъул Халкъияб магIишаталъул институталъул гIелмияй хIалтIухъан Надежда Ноздринал рагIабазда рекъон, бищунго цIакъ кIвар буссинабизе ккола мигрантаз гIумру жаниб гьабулел бакIазда шартIал чIезариялде.
Миграциялда тIасан политикаяялъул концепция гIумруялде бахъинабизе ахIулел рукIана инсанасул ихтиярал цIунулей Светлана Ганушкинаца.

Президентасда цебе бугеб инсанасул ихтиярал цIуниялда тIасан Шураялъул гIахьалчи Андрей Бабушкиница рикIкIунеб буго, тIолго мигратал административияб гIадлуги гьабун россиялъул жамгIияталда рекъезарун бажаруларин. Гъорлъ журазе бокьилин абулезулгун хIалтIиги гьабизе колин.

Андрей Бабушкин: «Административияб куцалда миграциягун къеркьеялъул хIасилал рукIунаро. КигIан цакъ кьварараб гIадлуялъги мигрантал рачIин дагьлъуларо цо проценталъ гурони. Кинан лъигIал шартIал чIезаруниги мигрантал гIемер рачIунаро цо проценталъ цIикIкIун гурони. ХIалтIулеб бакIалда гьуинлъи гьечIони гьелъ гIемерал, цадахъал проблемаби рижизарула».
Миграциялъул проглемаби жакъасеб къоялъ бищун цере чIарал проблемаби руго Россиялъул тIадтаразда.
XS
SM
MD
LG