Хамиз къоялъ тIибитIизабураб «РитIухълъи гьечIолъиялъул горсвери» абураб докладалда рехсараб идараялъ церелъолел руго Шималияб Кавказалда ва батIа босун Гъалгъаялда халкъалъул ихтиярал хасал хъулухъалъулаз хвезарулел рукIиналъул, гьенир гIадамал гьанжеги рикъулел рукIиналъул, диванго къотIичIого чIвалел рукIиналъул хIужаби.
МухIканал хIужаби цере лъолел руго гьурмада маскабиги хун, тIад ишараби гьечIел автомобилаздаги рекIун ракълилал гIадамазул рукъзабахъе гьел кIанцIиялъул, чIухьал раялъул, унеб бакI бицинчIо гIадамал рачIун иналъул, цинги араб бакI лъайчIого гьел тIагIинариялъул.
Amnesty International идараялъул Россиялда вугев эксперт Денис Кривошеевас кIвар буссинабулеб букIана гьел хIужабазул кколеб цIех-рех гьабулеб гьечIолъиялде.
Денис Кривошеев: «Киназдаго лъалеб лъугьабахъин: Дагъистаналъул Хасавюталда рагьун букIана адвокат Сапият МухIамадова полициялъул хIалтIухъабаз юхиялда бан такъсир гьабиялъул иш. Гьелда лъазабичIого гьебги иш къан буго, диваналда цере такъсирчагIи чIезариялде щвезабун гьеб хIалтIиялъул цIех-рех гьабун гьечIо. Хадубккун гьабулищали балагьила.
Инсанасул ихтияразде данде такъсирал гьарурал къанун цIунулел, диваналда цере рахъун чIезариялде ва жавабчилъиялде ахIиялде, системаялъ гьабулеб дандечIей киса кибего тIибитараб иш буго, Дагъистаналдаги батIалъи гьечIо.»
Эркенлъи Радио: «Россиялъул тIадтараз гIайиб гIунтIизабула улкаялда ругелги, халкъаздагьоркьоселги инсанасул ихтиярал цIунулел идарабазда гьез гьечIелги гIайибалги гIунтIизарун Россиялъул къимат хвезабизе хIадурулин гьединал докладалин абун. Нужеца церелъолел хIужаби кигIан якъинал ва ритIухъал кколел?»
Жаваб кьолеб буго Amnesty International идараялъул Европаялъул ва Централияб Азиялъул программабазул нухмалъулев Джон Дальгьизеница.
Джон Дальгьизен: « «Доклад гIуцIулаго нижеца мугъчIвай гьабула киналго хIакъикъиял далилазда. Щибаб хасаб ишалъул хIакъалъулъ хъван буго цIакъго мухIканго, щибаб ищалъул хIакъалъулъ нижеца юристазулгун кIалъа-ралъай гьабун буго, документал тIалаб гьарун руго ва хадубккун рагIа-ракьанде щвараб анализги гьабун буго.»
Инсанасул ихтиярал цIуниялда сверухъ Amnesty International идараялъ гIуцIараб докладалда аслияб къагIидаялъ церелъолел руго цо батIа босараб республикаялда къанун цIунизе тараз инсанасул ихтиярал хвезариялда барал хIужаби.
Доклад гIуцIизе Гъалгъаялде килищ битун арал рукIинчIин гьеб республикаялъул тIадтарал Шималияб Кавказалъул республикабазда гьоркьор гьединал ишазул цIех-рех гьабулаго бищунго данде чIоларел ругин абулеб буго докладалъул автораз.
Эркенлъи Радио: «БукIунищха республикабазул тIадтаразул рахъалдасан я жаваб я разилъи гьечIолъи загьир гьаби доклад къватIибе биччан хадусан гьелда жанир хъварал хIужабазда бан?»
Джон Дальгьизен: «Официалияб къагIидаялъ къватIибе биччалалде цебе нижеца доклад битIун букIана Россиялъул чанго тIадегIанав хъулухъчиясухъе. Доклад гьезие цинтIаго рагIараб ишлъунги ккунгутIизе ва анализ гьабизеги заманги букIине. Амма цо-цояз жаваб кьуна жал регIун гьечIин, цогидаз жеги жавабгицин кьечIо.»
Джон Дальхезиница абулеб буго киналго гурин россиялъул тIадтаразда гьоркьор гьединал ругел. Чанги диалогалде рачIунелги ругин. Жидее бокьилаанин Amnesty Internationalлъул докладалда ругел хIужабазда бан Шималияб Кавказалда тIадтаразулгун кIалъа-ралъай гьабулебани.
Докладалда Amnesty International хIасил гьабун хъвалеб буго Шималияб Кавказалда ракълилаб гIумру лъугьине гьечIин, Россиялъул тIадтараз политикияб хIаракатги бихьизабун, инсанасул ихтиярал хвезарулелщинал хъулухъчагIи ритIухъаб диваналда церечIезаричIониян